Коронавирус тIадбуссана, амма…

 

 

Ихдалги риидалги коронавирусалъул хIакъалъулъ харбалги дагьлъун, парахаталда рукIарал нилъер рахIат хвезабуна улкаялдаго унтаразул къадар цIидасан цIикIкIунеб букIиналъ. Августалда, Россиялда гьеб вирусалъул анкьабилеб карачелалъул кутак цIикIкIине бугин абун, цереккунго палал къотIун рукIана биологаз ва инфекционистаз. Улкаялдаго июлалъул ахирисел къояздаса нахъе коронавирусалъ унтаразул къадар цIикIкIине байбихьана. Анлъабилеб ва анкьабилеб августалда гIага-шагарго 20 000 чи унтана коронавирусалъ. ТIоцебесеб апрелалдаса нахъе коронавирусалъ унтаразул къадар гьедин цIикIкIун букIинчIо. 10 августалдайин абуни, унтаразул къадар 23711 чиясде бахана. Коронавирусалъ унтаразул къадар цIидаса цIикIкIунеб бугин, унтул цIияб карачел байбихьанин абурал харбаздаса хадур, кидаго гIадин, гIемерисел гIадамазда гьоркьор бичIчIунгутIиялги раккана. Гьелда сверухъ социалиял гьиназдаги кьучI гьечIел щакдараби раккана.

 

Масала, гьал къоязда «МКRU» Интернет-порталалда, инфекционист, профессор Николай Малышевас бицунеб буго август моцIалда коронавирусалъул кутак цIикIкIине бугин ва сентябралда гIодоцинеги бугин абун. Гьединго цогидалги федералиял информациялъул сайтаздаса бицунеб бугоан улкаялдаго коронавирусалъул кутак бергьине букIиналъул хIакъалъулъ.

Коронавирусалъ унтаразул къадар цIикIкIине букIин цебеккунго кин лъазе кIолеб? COVID-19-ялдаса цIуниялъе чIезарун рукIарал гIорхъаби, ай маскаби, гIадамазда гьоркьоб 1-5 метр манзил цIуни ва цогидалги тадбирал цIидаса тIадруссинаризе рес бугищ? Нилъер республикаялда коронавирусалъ унтаразул кинаб ахIвал-хIал бугеб? Гьаб нухалда коронавирусалъул кинаб хIинкъи бугеб? Гьел ва цогидалги кIвар бугел суалазе жавабал цIехон, ниж щвана МахIачхъала шагьаралъул тIоцебесеб клиникияб больницаялде (ГКБ№1). ТIоцебесеб ГКБялъул бетIерав тохтурасул, сах гьариялъулаб хIалтIул рахъалъ заместитель Лайла ХIажиевалъ бицана больницаялда жакъа къоялда коронавирусалъ унтаразул бугеб ахIвал-хIалалъул ва цогидалги кIвар бугел суалазул хIакъалъулъ.

— 8 августалда ГКБялъул бетIерав тохтур ХIажимурад Маллаевас жиндирго Телеграм-каналалдаса бицана коронавирусалъ унтарал 12-ял регун ругин больницаялдаян абун. Лайла Хидириевна, унтаразул хIал кин бугеб? Унтаразул къадар цIикIкIиналде хIадурлъи гьабун бугищ больницаялъ?

— РФялъул сахлъи цIуниялъул амруялда рекъон, нижер ГКБялда 4 августалда рагьана коронавирус ва гьелдаго цадахъ гIадалнахул бидул хьвадиялъул низам хвеялъул (ОНМК), острый коронарный синдром (рекIел) унтаби ругезе кумекалъе 20 чи вегулеб бакI. Гьал къоязда республикаялдаго коронавирусалъул эпидемиологияб рахъ лъикI гьечIо. Анкьабилеб карачел байбихьулеб бугин абизе бегьила. Унти буго гIадатаб, вирусалъул инфекциялъул къагIидаялда унеб. Хроническиял унтаби ругел чIахIияб ригьалъул гIадамал унтизарулел руго гьелъ. РекIелгун бидурихьазул, гьуърузулгун мащабазул, онкологиял, эндокринияб системаялъул унтаби, чакрил диабет ва цогидалги захIматал унтаби ругел квегъулел руго коронавирусалъ.

ГьабсагIат больницаялда коронавирусалъ унтарав гьоркьохъеб (40 сон) ва чIахIияб ригьалъул 12 чи вуго. Гьезда гьоркьор захIматго унтарал гьечIо, гьоркьохъеб хIалалда руго. Унтаразул хIал захIмалъулеб буго, коронавирусалъул хIасилалда гуреб, жидерго хроническияб унти гъоркьгоги букIиналъ. Больницаялда коронавирусалъ унтун регун руго онкология ва острый коронарный синдром (рекIел унти) унтаби ругелги. Коронавирусги бахун рачIана гьел нижехъе. Гьезие стентированиеги гьабуна. ПалхIасил, церегоги жидерго захIматал унтаби рукIарал, гьелде тIаде коронавирусалъги унтарал гIадамал руго гьабсагIаталда больницаялда регизарун. Цере гIадин, коронавирусалъ захIмалъаби раккизарурал гьечIо гьезда гьоркьор.

— Гьаб нухалда коронавируса­лъул кинаб штамм тIибитIун бугеб? Кинаб хасият бугеб гьелъул?

— Нилъер гьанибги, улкаялдаго коронавирусалъул омикрон штаммалъул чанго тайпа тIибитIун буго. ЦIияб карачел тIибитIизабунин абула омикрон штаммалъул B.A.5. тайпаялъ («ниндзя») ва B.A.2.75 («кентавр») тайпаялъ. Цересел штаммазде дандеккун, гьаб нухалда вирус дагьаб загIипаб буго. Ва гьеб бигьаго тIаса унебги буго.

Киналго захIматал, хIинкъи цIи­кIкIарал вирусал байбихьуда гIа­дамаздаса яги рухIчIаголъабазда­са цо­цазде хехго рахунел, жинда­лъун цIикIкIараб зарал кколеллъун рукIуна. Гьелдалъун вирус бахарал гIадамал яги рухIчIаголъаби цIи­кIкIун хола. Амма кигIан гIасиябги вирусалде ругьунлъулеб гIадат буго организмалъул. Ругьунлъула ва гьебгун гIумру гьабизе бигьалъула.

Коронавирусалде халкъ ругьунлъана вакцинация гьабидалги. Дагъистаналдаги гIемерисел бакIазда 80 ва цIикIкIун проценталъ, цогидал бакIазда гьелдаса дагьго гьабуна вакцинация. Гьелъ квербакъана гIаммаб иммунитет гIуцIизеги. Гьединго абизе бегьула, коронавирусалде данде гIемерисезул иммунитет щулалъанин киналго омикроналъ унтидал. Гьеб букIана дагьабго бигьаяб унти, цо-цо пневмония ккаралги рукIана. Омикроналъ рес кьуна киназего гIаммаб иммунитет щвезабизе.

Коронавирусалде данде иммунитет бащдаб лъагIалица гурони цIунун хутIуларелъул, гьаб заманаялъ ревакцинация гьабизе лъикIаб буго.

— ТIолабго улкаялдаго коронавирусалъул инфекциялъ унтаразул къадар цIикIкIиналъе гIиллалъун щиб рикIкIунеб тохтурзабаз?

— Цо вирусалдаса хисун лъугьараб (мутированный) вирус цохIо улкаялда жанибги чIун, къватIирехун ругездехун бахинчIого хутIизе рес гьечIо. Ахирал моцIазда жаниб, нилъер улкаялда коронавирус унтул цо-цо лъугьа-бахъинал гурони рукIинчIо. ГIадамал гочарулел рукIиналда бан нилъер улкаялдеги щвана гьеб цIидасан. Бащдаб лъагIалица гурони иммунитет цIунун хутIуларо. (Исана январь ва февраль моцIазда улкаялда цIакъго цIикIкIун букIана коронавирусалъ унтаразул къадар – 11 февралалда — 203943 чи (ред.). Хасало гIемериселги унтун щвараб иммунитет, гьанже загIиплъун букIуна. Гьедин, бищунго иммунитет загIиплъараб заманалда бакканин абизе бегьула коронавирусалъул анкьабилеб карачелги. Эпидемиологияб ахIвал-хIал лъикIлъиялда бан, киналго гIорхъаби чIваяздаса инкар гьабун букIаралъул, гIадамазде цоцаздаса вирусги бигьаго бахине рес цIикIкIун букIана.

— Гьанже тIибитIараб коронавирусалъул кинал гIаламатал ругел? Хисун ругищ гьел?

— ГIадатияб вирусалъулаб инфекциялъулго гIадал гIаламатал руго гьанжесеб штаммалъулги: черх загIиплъула, рукьби ва щукIдул цIунула, шекъер букарула, бетIер унтула, 39 градус яги цIикIкIун цIа-кан бахуна. ЛъикIаб букIина лъамалъи цIикIкIун гьекъани. Унтарал сахаздаса батIаго чIезе ккола. Гьединал гIаламатал загьирлъизе байбихьарабго аспирин гIадал, гьороялде (воспаление) данде дараби, парацетамол, терафлю, колдрекс дараби гьекъезе бегьула. Гьел дарабаз кумек гьабула унтул хIал дагьлъизабизе. ГIемерисеб мехалда хIухьел цIалел нухазул (тIасиял) инфекция, бакъвараб хъегIи, ларинготрахеит гIадаб, бронхит гIадал унтул гIаламаталги раккула.

— СМИяздаса цебеккунго бицунеб букIана, биологазул ва инфекционистазул статистикиял баяназда рекъон, Россиялда августалъ коронавирусалъ унтаразул къадар цIикIкIине бугин, сентябралда гIодоцинеги бугин абун. Цебеккунго кин гьеб лъазе кIолеб?

— ГIадаталда рекъон, кинаб букIаниги вирусалъул унти тIибитIи ва гьелдалъун унтаразул къадар цIикIкIин статистикаялъухъ балагьун лъазабизе кIола. Жакъа цо пуланаб улкаялда тIибитIараб вирус, цо моцIидасан Москваялдеги щвезе рес букIин балъголъи гуро. Бокьараб улкаялда баккараб вирус, бищунго цIикIкIун гIадамал хьвадулел, гIумру гьабулел шагьаразда тIибитIичIого хутIуларо. Хадуб гьеб тIибитIула улкаялдаго. Гьединаб къагIидаялъ гIуцIула статистикаги, гьедин цебеккунго лъазабизе кIола кида ва кигIанаб заманаялъ улкаялда коронавирус тIибитIизе бугебалиги.

Гьанжеги гьебго жо кколеб буго. Статистикиял баяназда рекъон, инфекционистаз ва цогидал специалистаз абулеб буго августалда цIикIкIун гIадамал унтизе ругин, хадуб сентябралда унтулезул къадар дагьлъизеги бегьулин. Лъидаго лъаларо хадуб щиб ккелебали, амма цебехун букIаралъул цIех-рехги гьабун, статистикаялъул баяналги хIисабалде росун, гIага-шагарго гьедин букIине бугин рикIкIунеб буго тохтурзабаз. Гьелде цебехунго хIадурлъиги гьабулеб буго.

Цебе гIадаб согIаб къагIидаял­да унтулел гьечIелъул, гьаб нухалда коронавирус дагь-дагьккун нахъчIва­­лин рикIкIунеб буго иммунологазги. Кинаб букIаниги, захIматаб яги со­гIаб вирус кида-къадги загIиплъу­ла, гьелде гIадамалги ругьунлъула. Гьеб буго гьелъул гIадатияб къагIида. Кин букIаниги, коронавирусалъул хIинкъи буго 65 ва цIикIкIун сонал рарал, батIи-батIиял хроническиял, захIматал унтаби ругел гIадамазе. Чара гьечIого маскаби хкезе ккола ва жалго цIунизе ккола гьединаз.

ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА