ДРялъул Конституция – парахалъиялъул аслу

 

    1994 соналъул 26 июлалда Дагъистаналъул Конституциялъул собраниялъ къабул гьабуна цIияб конституция. Гьелдаса нахъе щибаб соналда, 26 июлалда, нилъеца кIодо гьабула Дагъистан Республикаялъул Конституциялъул къо. Республикаялъул тарихалда гьеб ккола дагъистаниязул миллияб байрамлъун.

   Конституция къабул гьаби ккана гIемермиллатазулаб Дагъистаналъул халкъалъул пачалихъияб цебетIеялъе кIудияб кIвар бугеб галилъунги демократияб пачалихъ гIуцIиялъе ресал рагьулеб шартIлъунги. Конституциялъул проект хIадуриялъулъ гIахьаллъана ДРялъул Верховный Советалъул Конституциялъулаб комиссиялъул ва ДРялъул хIукуматалъул вакилзабиги хас гьабун гIуцIараб хIалтIул къокъаги. ХIалтIул къокъаялда гъорлъ рукIана правоялъул гIалимзабиги тIадегIанаб квалификациялъул юристалги. Гьезул жигараб хIаракаталъул хIасилалда хIадурараб Конституция лъугьана къанагIатаб ва гIемермиллатазулаб Дагъистаналда рекъелгун цолъи чIезабиялъе квербакъулеб, республикаялъул политикиябгун экономикияб парахалъи букIинабиялъе квегIенаб аслияб законлъун.

   Дагъистаналъул Конституциялъул руго гIицIго гьелъие хасиятал, ай цогидал субъектазул гьечIел, миллиял хаслъаби. 1994 соналда ДРялъул Конституция къабул гьабун хадуб Дагъистаналъулги Россиялъулги политикиябгун жамгIияб гIуцIиялда гIемерал хиса-басиял ккана. ЛъугIана, масала, социализмалъулгун коммунизмалъул идеология. Гьелда цадахъго ахир лъуна батIи-батIиял социалиял ва политикиялгун жамгIиял гIуцIабазе. Гьелда бан, 2003 соналъул 10 июлалда къабул гьабуна Дагъистан Республикаялъул цIияб Конституция. Гьелда рекъон ва РФялъул субъектаздаго гIадин, чIезабуна ДРялъул исполнительнияб власть кодосеб бищунго тIадегIанаб хъулухъ ва хисизабуна Халкъияб Собрание гIуцIулеб къагIида.

   Гьелдаса нахъе республикаялъул гражданазул гIумру унеб буго цIияб Конституциялъул низамазда рекъон. ХутIичIо гьелда федералияб законалъулгун рекъон кколарел бакIалги. Гьанже гьелъул щибаб низам букIине ккола щивав дагъистаниясе чара гьечIого тIубазабизе тIадаб аслияб законлъун. Гьелда рекъон гIумру гьабулеб бугони, республикаялда букIина парахалъи, тIегьала вацлъигун гьудуллъи ва букIина экономикиябгун политикияб цебетIей.

  Гьал къоязда, Конституциялъул къо кIодо гьабиялъул хIурматалда, республикаялъул шагьараздагун росабалъ тIоритIана кIудиял байрамал. Гьелда гIахьаллъана республикаялъул бетIер Сергей Меликовги, пачалихъиял хъулухъчагIиги, РФялъул Пачалихъияб Думаялъул ва ДРялъул Халкъияб собраниялъул депутаталги, муниципалитетазул бутIрулги ва жамгIиял гIуцIабигун росабазул жамагIаталги.