Гьал къоязда 70 сонилаб юбилей кIодо гьабуна ДГТУялъул профессор, экономикиял гIелмабазул доктор, Шамил районалъул Гьандихъ росулъа МухIамадов Арбули Гунащевичас.
Гьесул хIакъалъулъ бицунеб рагIун гурони, гьев живго дида лъалароан. Жеги вихьичIев чиясулгун гара-чIвари гьабиги бигьаяб иш гуро. Амма Арбули ватана ракI рагьарав, гьуинаб каламалъул, унго-унгояв магIаруласул хасият чорхолъ бессарав инсан. Нижер ккана цIакъ интересаб накъит, гара-чIвари гьабуна лъимерлъиялда, студентлъиялъул заманалда, гIелмуялда тIасан.
Арбули МухIамадов ккола ДРялъул гIелмабазул мустахIикъав хIаракатчи, РФялъул тIадегIанаб школалъул мустахIикъав ва хIурматияв хIалтIухъан. Жакъа гьес нухмалъи гьабулеб буго ДГТУялда регионалиял экономикиял масъалабазул гIелмиябгун цIехрехалъул институталъе.
ДГТУялда экономикаялъе ва строительствоялъегун машиностроениялъе нухмалъи гьабиялъул кафедраялдасан байбихьана гьес жиндирго хIалтIулаб нух. Гьебго университеталда Арбули Гунащевичас гIуцIана пачалихъияб ва муниципалияб управлениялъул кафедраги.
«Дир анищ букIана ядерщиклъун вахъине»
— Арбули, кин дур, гIадатияв росдал васасул, пикру ккараб гIелмуялъул дунялалде лъугьине?
— Дун гьавуна рекьарухъабазул хъизамалда. Инсухъ букIана цIулал, ганчIил, маххул устарасул махщел, ва гьединго гьес гьабулаан гьабигьанлъиги. МагIарулаз абухъе, гьев вукIана анкьгьунар. Эбелги гIумруялъ колхозалда хIалтIана. Гьезул цонигиязда жакъа нилъеца хIалтIизабулеб алфавиталда хъвазецIализе лъалароан. Дунгоги харадунив гьавурав чи вуго. Эбелалда лъалаан латиницаялда хъвадаризе, инсуда — гIажам хъвай-хъвагIай.
АнцIабилеб классалда цIалулеб мехалъ, дир анищ букIана Москваялъул физикиябгун техникияб институталде цIализе лъугьине. Бокьун букIана ядерщиклъун вахъине. Амма экономикайилан абураб гIелму букIинги, щиб гьеб кколебалиги дида лъалароан.
ЛъикIал къиматазда лъугIизабуна росдал школа ва цIализе лъугьана ДГУялде. Гьеб лъугIун хадув, дун тана кафедраялда. БитIун бицани, гIелмуялде лъугьине дида ракIалдацин букIинчIо. Гьебги ккана тохлъукьего. Ункъабилеб курсалда цIалулеб мехалъ, экзамен кьолаго, дие ункъил къимат ккезехъин букIана. Дида абуна, щуйил лъезе бокьани, тIаде суал кьелилан. Дица инкар гьабидал, преподавателас абуна, щибила лъалеб, мун жеги аспирантураялдеги лъугьине бегьулилан. Гьел рагIабазулги дица санго гьабичIо.
Щуабилеб курс лъугIидал, дун вачана кафедраялде хIалтIизе. Гьебги дие бокьун гьабураб жо букIинчIо. Гьезие къваригIун букIана, нилъерго гьанир ругел ГЭСазде, 500-600 студентгун, тIаса бищараб отрядалъул аслияв инженерлъун дун витIизе. Гьедин тарав чи вукIана дун конструкциялъул кафедраялда. Амма гьеб экономика щибали гъорлъе лъугьун лъалароан, киназго гIадин, гьелъул экзамен кьун букIин гурони.
Экономикаялъул кафедраялда вукIарав вас армиялдеги ун, цоги чи валагьизегIанин абун, дарсал гьоркьор къотIичIого рукIине, цо чанго моцалъ хIалтIизе вачун вукIана гьез дун.
Гьеле гьеб ракIалдаго гьечIого ккараб лъугьа-бахъин сабаблъун экономикаялъул кафедраялдеги ккун, гьениб ана дир тIолабго гIумру.
Лъабго соналъ хIалтIана ассистентлъун. Хадув ана Ленинградалде, аспирантураялде лъугьине. ТIадги вуссун, микьго соналъ доцентлъун хIалтIана. Хадувги, цIидасан докторантураялде лъу- гьине ана Ленинградалде. Лъабго соналдасан, докторлъиялъул диссертацияги цIунун, тIад вуссана Дагъистаналде ва, гьелдаса нахъе жакъа къоялде щвезегIан хIалтIулев вуго ДГТУялда.
— Кинаб букIараб дур профессорлъиялде нух?
— Дица 1991 соналда цIунана докторлъиялъул диссертация. Дун вукIана СССРалда бищун гIолохъанав экономикиял гIелмабазул доктор. Гьебги ккана битIун СССР биххилалде цебе. 1991 соналъул 25 июналда цIунана диссертация.
Кандидатлъиялъул диссертацияги хъвайги цIуниги дие кутакалда захIмалъана. Докторлъиялъулаб цIунулеб мехалъ, рекIелъ кинаб букIаниги хIинкъи ялъуни васвас букIинчIо. Дир ракIчIун букIана гьеб цIунизе кIвеялда. Дица абулеб букIана: «Дун гьениве, гьеб цIунизе щваралдаса нахъе, дица бер къапичIого цIунизе бугин гьеб, бокьараб гьез кьураб суалалъе жавабги кьун», — илан. Амма гьеб киналъухъго дун налъулав вуго дир гIелмияв нухмалъулев Чистов Леонид Михайловичасе. Гьес дир гIелмияб нухалъе щулияб кьучI лъуна.
Кандидатлъиялъул диссертация хъвана бакIал раялъулъ хIалтIул производительносталъул хIакъалъулъ. Докторлъиялъул диссертация – бакIал раялъе нухмалъи гьабиялъул лъикIаб хIасил букIиналда тIасан. Гьел руго цоцазда хурхарал темаби.
Кандидатлъиялъул хIалтIи хъвалаго гIемер къо бихьана сахлъиялъул хIал лъикI букIинчIолъиялда бан. Зама-заманалдасан къалахъа би бачIунаан. Мугъзагьод жагъалаб букIиналъ, гIемераб мехалъ, цин хьибилса кIалагъоркье чIарбида вегун, цин гIодов чIун хъвана гьеб хIалтIи.
Докторлъун вахъине хIадурлъулаго, гьединал захIмалъаби дандчIвачIо. Щайин абуни, лъикIаб хIалбихьи щун букIана.
— Дуе, росулъа васасе, лъилго кумекги кверчIвайги гьечIого захIмат букIинчIищ?
— Кутакалда букIана. Доб заманалда, нахъа кIал кIалъазе чи гьечIого, аспирантураялда бакI щолароан. Дун аспирантураялда бакI тIалаб гьабизе унеб мехалъ, поездалда рекIине гьудулзабаз билетги босана, чвантиниб 40 гъурущги букIана. Гьедин ана Москваялде. Лъабго къо бана Москваялъул Курский вокзалалда. Мегеж кIкIвазе, гурде чуризе къайи-къоно лъолеб рокъове унаан, кьижун скамейкаялдаги вукIунаан.
— Гьанже бугеб ахIвал-хIалги хIисабалде босун, жакъа мун вугеб борхалъиялде вахине кIвелаанищ дуда гьабсагIат цIалулев вукIаравани? Гьанже таманаб шагьипара ялъуни лъикIал бухьенал къваригIунелъулха…
— Доб мехалъ дица нахъа тараб нух, жакъа анцIго нухалъ бигьагоги хехгоги толаан дица.
Дир нухмалъиялда гъоркь ичIго чияс цIунана докторлъиялъул диссертация, 52-ял рахъана гIелмабазул кандидаталлъун. Дида лъала кин гьел кандидаталлъунги доктораллъунги рахъаралали. Гьанже гьеб захIматаб жо гуро. Узухъда, гьел хIакъикъиял гIалимзабилъун рахъунаро, амма кандидаталлъунги доктораллъунги рахъине щибго захIмалъи гьечIин тола дица.
РитIухълъи цIунизе хIаракат бахъана
— МугIалим хIисабалда студентаз мун цIакъ веццулев рагIана. Студентаздехун кинавлъун вукIине дуца хIаракат бахъулеб?
— РитIухъавлъун. Дун цIалулеб мехалъ, нижеда гъорлъги рукIана лъайхъваязул кумекалдалъун церехун унел васал-ясал. Гьединал жал дида цIакъ хъинтIулаан ва квеш букIунаан. Къоги бихьун, гIетIги тIун, макьугун квенги тун дун цIалулеб мехалъ, гьедин бигьаго гьел цоял цере щай ине кколебин абун ракIалдеги кколаан. Цебе заманалда гьединал гIемер рукIинчIониги.
Гьединлъидал, дица гьеб мехалъго дидаго цебе студентаздехун кидаго ритIухъавлъун вукIине кколин абураб масъала лъуна. Цо-цо мехалъ кьварун, хъачIгоги кIалъан ватила, амма кидаго вукIана ритIухъавлъун. ЦIализе хIаракатгIаги бахъулел студентазе дица бажарараб кумекги гьабула.
— ЦIалуларел, кIвахIалал студентал рукIуна гIемер. Гьединаздехун кинаб бербалагьи дур букIунеб?
— ЦIалуларел студенталги рукIуна батIи-батIиял: цо тайпа — лъайхъваяздеги нахъа мугъчIвазе ругел чагIаздеги ракI чIарал, нич гьечIел, цогидал — жидеего бетIербахъи гьабизе букIине къасиги къадги хIалтIулел рукIиналъ цIалдезе заман гIоларел ва лъабабилел — жидер рижиго кIвахIалаб бугел. Гьездехун дир букIуна мустахIикъаб бербалагьи. РукIуна, кигIан хIаракат бахъаниги, жидехъа бажаруларелги. Дица гьединазеги кидаго кумек гьабула. Кумек гьарун вачIарав чи киданиги нахъчIваларо.
— Дур студентаздаги аспирантаздаги гьоркьоса машгьурал гIадамал рахъанищ?
— Дир тIоцевесев аспирант-докторант ккола СагIид Амиров. Дир нухмалъиялда гъоркь премьераллъун ругеб мехалда диссертация цIунана Атай ГIалиевас, Рамзан Къадировас. Гьединго, гьезда гьоркьор рукIана Дагъистаналдаса ва Чачаналдаса министрал, «Газпромалъул» ва «Русгидроялъул» генералиял директорал ва цогидалги пачалихъиял идарабазда хIалтIулел хIакимзаби. Гьезул цо-цоял кIудиял гIалимзаби рахъун ратиларо, амма жидеего щвараб цIаралде данде кколеб лъайги гIакълуги гьезулъ букIана.
-Щай жакъа, лъикIаб лъай кьезе колледжалги институталги ругеб мехалъ, лъикIал бакIал ралел гьечIин абулеб гIадамаз? Цебе, цIала-къали гьабизе рес гьечIониги, сугъулдерил, ругъеждерил, тIелкьадерил къадахъабазул цIар букIунаан…
— Вузалъ къадахъаби гуро хIадур гьарулел, инженерал гьарула. Амма гьеб суалалъе дица гьадинаб жаваб гьабила. Дол цере, дун цIалулеб мехалъ рукIарал гIадал унго-унгоял мугIалимзаби гьечIо жакъа. ХIатта, дир гIелалъул преподавателалгицин гIемерисел вузаздаса нахъе ана. КIиабилеб иргаялда, гIолохъабазул гьеб ишалъе цIалиялде гъира базабулеб жо гьечIо щибниги. ЦIалиялъ щиб кьолеб бугеб гьезие? Щугоанлъго соналъ цIалиги гьабун, кодоб дипломги ккун хIалтIи балагьулел хутIун руго. Доб заманаялъ цIализе гъирагIаги букIана. Щайин абуни, лъикI цIаларал чагIазе лъикIаб бакIалда хъулухъ щолеблъи лъалаан. Гьанже лъикIаб бакIалда хIалтIи щолеб буго гьениб лъай-хъвай ялъуни гIарац бугони. Гьединлъидал гIолилазул цIалуде абизегIанасеб гъира гьечIо.
«ГIадамазе кумек гьабизе щвей — кIудияб талихI»
— Дида рагIана, кинаб кумек хIажалъаниги росуцоялги, гьудул-гьалмагъзабиги, лъале-хъвалелги духъе рортулин. Гьеб дуца талихIлъунищ рикIкIунеб ялъуни гьелъул квалквалищ букIунеб?
— Гьеб буго кIудияб талихI, БетIергьанас кьураб рес. Аллагьас инсанасе, гьесул хIалбихьизе букIине, батIи-батIиял ресал кьола. Кьураб ресалдаса пайдаги босун халкъалъе пайдаявлъун вукIунев чиясда аскIоб кидаго баракат-рахIматги букIунин, гьев Аллагьас цIунизеги цIунулин рикIкIуна дица. ГIадамазе кумек гьабизе щвараб мехалъ дидаса вохарав чи вукIунев ватиларо.
— «ГIелму» абураб рагIиялъе кинаб баян кьелеб дуца?
— ГIелму ккола кидаго ва кирго лъай тIалаб гьабулел рукIин. ХIадис буго, мун гIелму цIехезе айила, ине ккани, Китаялъул щулалъабазде нахъе щвезегIангицин. Щаяли, гIемерисезда ккола «гIелму» абураб рагIи гIицIго исламияб диналъул гIелмуялда абулеб жо бугин. Гьединабго хIадис буго, Аллагьасда божуларев, амма гIелмуялда хадув лъугьарав чи цеве вукIунила, Аллагьасда божулев жагьиласдасайин абураб. Бусурбанчиясда тIадаб буго гIелму цIехезе. Китаялъул щулалъабазда нахъаги рукIана астрономия, физика, химия, медицина ва гь. ц. Бокьараб гIелмуялда хадув унаго, гьеб лъазабулаго хварав чи гъазичилъун холинги абула?
— Арбули Гунащевич, нахъа тараб хIалтIул ва гIумрудул нухлуе кинаб къимат кьелеб дуцаго?
— Дица дирго гIумруялъе лъела «ункъил» къимат. ГIемераб заман чIалгIадего гьоркьоб ана дир щибго пайда гьечIел гIадамалгун. Гьелда ракI бухIун вукIуна. Гьеб заманалда жанибги чанги пайдаяб жо гьабизе рес букIана.
Гара-чIвари гьабуна МухIамад МАНАПОВАС