Халкъазул къисматалъулъ лъалкI тарав имам

 

    23 июналда, МахIачхъалаялъул имам Шамилил проспекталда, ракIалде щвеялъул хъорщода аскIоб Дагъистаналъул ва Чачаналъул имам Шамилица 225 сон тIубай кIодо гьабураб тадбир тIобитIана. 25 соналъ халкъалъе эркенлъи цIунизе къеркьарав цевехъанасул къисматалъул хIакъалъулъ бицунеб букIана тадбиралде рачIараз. Гьеб тадбир гIуцIана «Унсоколо» муниципалияб гIуцIиялъул «АхIулгохI» тарихиябгун культурияб ирс лъазабиялъул ДРООялъ.

 

 

  Данделъиялда гIахьаллъана «АхIулгохI» ДРООялъул нухмалъулев Гъайирбег ГIабдулаев, Шамил имамасул фондалъул президент ГIалиасхIаб Хархачаев, Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаев, республика- ялъул бетIерасул вакил, жамгIияв хIаракатчи АхIмад ГIабдуразакъов, ДРялъул муфтияталъул вакил Ислам ХанмухIамадов, Унсоколо районалъул жамагIаталъул вакилзаби ва культураялъул нухмалъулев ГIали ГIабдулаев, Автодорожнияб институталъул кафедраялъул нухмалъулев МухIамад Мурадов, Шамилхъала поселокалъул ДЮСШалъул директор, РФялъул мустахIикъав тренер ТIагьир ШагIбанов ва цогидалги.

   Тадбир нухда бачана «Президентасул кумекчи» абураб ДРООялъул нухмалъулев Шамсудин Расуловас.

  «Гьаниб сверухъ чороклъи бакIарун букIунаан. Гьеб суал борхун нижеца хитIаб гьабун букIана тахшагьаралъул ЖКХялъул бетIерасде. КинабгIаги хIалтIи гьаниб гьабичIо. Гьеб мехалда нижеца гIуцIана жамгIияб хъаравуллъи. Радал микьго тIубаралдаса къаси 12 тIубазегIан Шамилил сурат бахъараб хъарщиялда сверухъ бакI цIунизе чи тана. Нилъецаго цIунизе ккола кIудияв имамасул къадру», — янги абун, данделъи рагьана «АхIулгохI» ДРООялъул нухмалъулев Гъ.ГIабдулаевас.

Шамил имамасул фондалъул президент ГI. Хархачаевас тадбиралде рачIаразде хитIаб гьабун абуна:

  «Имам Шамилица жиндирго ишаз, хIаракаталъ, бахIарчилъиялъ бихьизабуна дунялалдаго жив щив чи вугевали. Гьале 163 сон буго хIалихьатал чагIаз гьесул цIаралде рагIад рехизе хIаракат бахъулелдаса. Гьез щиб гьабуниги, кигIан гьез хIаракат бахъаниги, гьезухъа бажаричIо ва бажаризеги гьечIо имамасул цIаралде рагIад рехизе.

   Имам Шамилил цIар кидаго ракIалде щвезабула захIмалъи кканщиналъуб. РакIалде щвезабе КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда букIараб, имам Шамилил цIаралда рукIана авиациялъулал эскадрилиял, танказул дивизиял. Гьесул цIаразда ругел дивизиязда ва эскадрилиязда хъулухъ гьабулел вукIарав ункъо чи Совет Союзалъул бахIарзаллъун рахъана. Жакъа Украинаялда Россиялъ тIобитIулеб хасаб операциялда гIахьаллъулел нилъерго гIолохъабазда цIехедал, гьез дида абуна загIипал къварид гьарулел миллатчагIиги бендеровцалги тIагIинаризе унелъул, Шамилил цIаралда гъоркь унин жал. Шамилил цIар кидаго бухьараб буго патриотизмалда, бахIарчилъиялда.

    ЧIахIияб ригьалъул гIадамазда ракIалда батила Шамилица 200 сон тIубай кигIан берцинго кIодо гьабун букIарабали. Цо-цояз абулеб рагIана имам Шамилил цIар гIасрабазго цIунизе гьесие памятник лъолеб гьечIин. Дагъистаналъул Пачалихъияб советалъ хIукму гьабун букIана, гьаб нилъ данделъараб бакIалда лъураб гьитIинабго статуялъул (хъарщи) бакIалда чода рекIарав имам Шамилил 30 метр борхалъиялъул памятник лъезе. Цо-цо гIадамал данде чIана гьеб ишалде. Гурони, гьеб памятник 25 соналъ цебе эхетун букIинаан гьаниб. Дида ракIалде ккола гьеб памятникалъухъ ралагьун нилъер лъималаз цIехелаан гьев чи щивали ва эбел-инсуца бицинаан гьев тIадегIанав инсанасул хIакъалъулъ. Гьединлъидал, дица кидаго Шамилие памятник лъеялъул рахъ ккола. Памятникал лъун Шамилил цIар даимаблъун гьабурал Турция ва цогидал улкаби бусурбабазул ракьал гурищ кколел? Нилъер республикаялдаги хIукуматалъул бихьизабиялда рекъон, лъагIалицаго тIоритIизе руго имам Шамил кIодо гьавурал тадбирал».

    «Ниж гьитIинаб мехалда, ГIашилтIа росулъ, щивасул рокъоб къадада бан букIунаан Шамил имамасул сурат. МацI лъаралдаса нахъе лъималаз эбел-инсуда цIехолаан гьев щивилан. Гьедин имамасул хIакъалъулъги бицунаго, гьесдаса мисалги босулаго гIолаан лъималги. Нилъерго имамзабазул, гIалимзабазул мисалалда тарбия щварал лъимал гIураб мехалда гьезда гьоркьов вукIине гьечIо хIиллачи, чIвадарухъан. Щайгурелъул гьезие лъикIаб тарбия щун бугелъул.

   Дунялалъулго 11 улкаялда лъун руго имам Шамилие памятникал. 15 улкаялъул парламент гIуцIун буго Шамилил имаматалъул мисалалдалъун. Исана республикаялъул бетIерасул тIадкъаялда рекъон, ниж хьвадулел руго риидалил лагеразде, лъималазда имам Шамилил хIакъалъулъ бицине. Кинабниги 30 000 лъимадуе кьезе буго патриотикияб тарбиялъул дарс», — ан бицана А. ГIабдуразакъовас.

   «Нилъер гIолилазда, гIисинал лъималазда имам Шамил щивилан цIехани, гьезда лъалеб батула гьев кIудияв рагъухъанги, бахIарчиги, ритIухъав цевехъанги вукIин. Гьев рагъухъан вукIиналъул бициналде кIочон тезе бегьуларо имам Шамил, тIоцебесеб иргаялда, кIудияв гIалимлъун, рухIияв цевехъанлъун, мугIалимлъун вукIараблъи. Гьев вукIана жиндирго халкъги динги цIунарав рагъухъан. Гьадинал тадбираздаса пайдаги босун, рачIа жакъа къоялдаса нахъе нилъерго лъималазда тIадчIун тарихги динги малъизе. Кинав чи вукIарав имам Шамил, кинал гIелмаби гьес лъазарулел рукIарал, кинал тIахьал гьес цIалулел рукIарал? Гьелдаса байбихьизе ккола лъималазе тарбия кьезе», — ян хитIаб гьабуна муфтияталъул вакил Ислам ХанмухIамадовас.

   ЖамгIияб палатаялъул вакил, «Узденал» жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев Керимхан ГIумахановас ракIалде щвезаюна 15 соналъ къалмидалъун Шамилил къадру цIуниялда тIад хIалтIарай, гьесул хIакъалъулъ роман хъварай Мариям Ибрагьимова. Гьеб асаралъул 150 комплект Дагъистаналъе сайгъат гьабурав Мариямил вас Руслан Ибрагьимовасеги баркала загьир гьабуна ГIумахановас.

   Шамил кIодо гьавураб тадбиралда гьесде гьарурал кучIдул рикIкIана Муслимат ДРООЖалда цебе бугеб «Аманат» лъай кьеялъул гьитIичаз, гьединго цере рахъана мавлидал ва нашидал ахIулеб «Унсоколо» къокъаялъул гIахьалчагIи, «ВатIаналъухъ чIалгIен» абураб нашид ахIана ХIамзалав ХIамзаловас.

   М. ХIамзаевас бицана: «Шамилица лъикIаб лъалкI тана батIибатIиял халкъазул, улкабазул къисматалъулъ ва гьезул маданияталъул ва тарихалъул бутIалъун лъугьана. Имам Шамилидаса нилъее ирсалъе хутIарал къимат тIокIал асараллъун ккола гьесул кагътал. Ахирал соназда пишацоязги дицаги цадахъ ракIарулел ва руссинарулел руго имам Шамилил ва гьесул лъималазул кагътал. Гьел кагътазул кIиго тIехь къватIибе биччана нижеца. Жеги къватIире риччалелги руго.

   Имамасул хIурматалда тIобитIулеб щибаб тадбиралда нилъеца бицуна Дагъистаналда Шамилил музей рагьизе кколин абун. Дунялалдаго батIи-батIиял бакIазда цIунун руго гьесул тIагIел-къайи, тIахьал, документал, кагътал. Жакъасеб тадбиралъул гIуцIарухъабаз МахIачхъалаялда имам Шамилил музей гIуцIизе байбихьани лъикI букIинаан».

   Унсоколо районалъул культураялъул нухмалъулев ГIали ГIабдулаевасги ракIалде щвезаруна ВатIанги динги цIунизе къеркьарав имам Шамилги гьесул муридзабиги.