Цо-цо бакIал къачIан рахъи негIан 29 июналдаса 15 июлалде щвезегIан СалтIа бугеб чвахукье нух къалеб бугин лъазабуна гьал къоязда Гъуниб районалъул администрациялъ.
Кин батаниги, чвахукье нух къаялъе гIилла гьадин баян гьа- булеб буго СалтIа росдал бегавул Шамил Каримовас:
«Гьенире гIемер рачIуна гIи синлъималги гIунсбигун ва ко ляскабазда рекIун сакъатал гIадамалги. Хасго гьанже къва тIисел пачалихъазде нухал къа ралдаса цIикIкIана гьенире рачIунел туристазул къадар. Гьединлъидал цоял къватIире рачIинегIан, цогидал балагьун чIезе кколел руго жанире ине.
Гьел цIуна-къаялъул мурадалда (жанире-къватIире рачIине санагIалъи букIинелъун) къачIазе кколел бакIал руго гьенир. Жибго чвахукь бакIалда жанирги (тIаде-гъоркье лъугьунел бакIазда) лъезе ккола квералъ кквезе къваригIунел гIурдул, мокъал. Цо талихIалъ, чиясе къварилъи ккарал хIужаби рукIинчIо гьанжелъизегIан. Амма республикаялъул Туризмалъул министерствоялъ гIарац биччазегIан чIечIого, районалъул нухмалъиялъ, жидецаго сурсатги балагьун, байбихьана гьеб къачIазе. 10-15 къоялда жаниб рагIалде бахъинабизе ракIалдаги буго».