21 июналда нилъер хIажизабазул тIоцебесеб къокъа къватIибе бахъана.
Исана Россиялдаса хирияб ракьалде сапар гьабизе буго 12 500 чияс.
Нилъер республикаялдаса хIежалде ине вуго 7500 чи. Улкаялъул киналго
регионазда гьоркьоб гьеб ккола нилъее щвараб бищун цIикIкIун квота.
Пандемиялъул хIасилалда гьоркьоб къотIунги букIун, лъабго сон индал
тIоцебе гьабулеб хIежалъул сапар буго исана байбихьулеб.
— Санкциял лъазарун рукIиналда бан, Россиялъе кьолеб квота 50 проценталъ дагь гьабуна исана, — ян бицана РФялъул «ХIаж-миссиялъул» нухмалъулев
ХIизбула Асуевас.
— Гьеб букIинчIебани, 25 000 чиясе рес букIана хирияб ракьалде сапар гьабизе. Амма санкциял
сабаблъун квота дагь гьабуниги, улкаялдаса хIежалде унел гIадамазул хIисаб гьабун, цебего гIадин 50 процент хIажизабазул нилъер республикаялдаса буго.
БакътIерхьул пачалихъаз Россиялъулгун кьал ахIун букIиналда бан, гIемерал квалквалал кканин исанаян бицана ХI. Асуевас. Гьелъул хIакъалъулъ
нижеца гIатIидго бицина газеталъул хадусеб номералда. ИншАллагь.