11 маялдаса нахъе Россиялъул гIемерисел хъизамазе цIияб пособие кьолеб буго. Президентасул указалда рекъон, тIоцебесеб апрелалдаса нахъе 8-17 сон базегIан лъималазе щибаб моцIрое пособие кьезе бихьизабун буго. Гьеб щвезе гIарзаби къабул гьаризе 26 апрелалдасаго байбихьун букIана. ГIарза къабул гьабуразе щуго къоялда жаниб бачIине ккола гIарац. Жакъа къоялде щвезегIан гIарзаби кьун руго кIигогун бащдаб миллионалдаса цIикIкIун чияс. Ресукъал хъизамаздаса 8-17 сон базегIан лъималазе кьолеб пособиялъе биччан буго 505 млрд гъурущ.
Пособие кьолеб буго гIумру гьабизе хIажатаб къадаралдаса дагьаб гIарац бачIунел хъизамазул лъималазе. Гьединго мал-мулкалъул рахъалъулги хIисаб гьабула.
Байрамкъоязул ахиралде щвезегIан гIарза кьуразе гIарац щвезе рес буго 11 маялдаса нахъе. Гьелде щвезегIан гIарза кьечIезе рес буго октябралде щвезегIан документал хIадур гьаризе. Гьеб заманалда жаниб гIарза кьуразе тIоцебесеб апрелалдаса нахъе, октябрь моцIалде щвезегIан кьезе кколеб букIараб гIарац цадахъго кьола.
Пособиялъул къадарги хъизамалъул ресалъухъ балагьун батIибатIияб буго. Регионалда лъималазе гIумру гьабиялъе хIажатаб къадаралъул гIарцудаса 50 процент ккола гIемерисезе кьолеб выплатаялъул къадар. Гьединго, цIакъго ресукъал хъизамазе пособие щвезе буго цо лъимералъе гIумру гьабиялъе хIажалъулеб гIарцул къадаралъул 75 яги 100 процент. Улкаялдаго гьоркьохъеб хIисабалда гьеб ккола 50 процент – 6000 гъурущ, 75 процент – 9000 гъурущ, 100 процент – 12000 гъурущ.
Нилъер республикаялда лъималазе гIумру гьабиялъе хIажалъулеб гIарцул гIодобегIанасеб къадар 11499 гъурущ бихьизабун буго. Нилъер регионалда лъималазе бихьизабураб гIумру гьабиялъе хIажатаб гIодобегIанаб къадаралдаса 50 процент ккола 5749 гъурущ, 75 процент – 8624 гъурущ.
ГIарац щвезе ккани…
8-17 сон базегIан лъималазе пособие щвезе ккани, гIицIго хъизан ресукъаб букIин гIоларо. Жиндаса налог кьолеб хIалтIи, хайир букIине ккола эбел-инсул ва гьезулго хъизамалдаса 18-23 сон барал лъималазул (гьезул жидерго хъизан батичIони).
Хъизамалъул лъагIалил хайир (харж) хал гьабулеб заманалда жаниб хъизамалъул 18 сон барал вакилзабазул букIине ккола захIматалъул, предпринимательлъиялъухъ яги творческияб пишаялъухъ щвараб харж, яги гьеб харж бачIунгутIиялъе къабул гьабизе бегьулеб гIилла. Гьединго хъизамалъул букIине бегьуларо кколелдаса цIикIкIун мал-мулк. Масала, хъизамалъул букIине бегьула цо квартира, гьениб цо рукъ яги квартираялъул бутIа. Квартираби цIикIкIун ругони, хъизамалъул щивав чи рикIкIун квартирабазул манзил 24 квадратияб метралдаса тIаде цIикIкIун букIине бегьуларо.
Пособие кьезе инкар гьабуларо цо мина бугони. Чанго мина бугони, гьенибги хъизамалъул щивав чиясе 40 квадратияб метралдаса цIикIкIун букIине бегьуларо.
БукIине бегьула: цо гараж яги машина лъолеб бакI. ГIемерал лъимал ругеб хъизамалъе кIигоги бегьула.
Шагьаралда мина базе ракьул участокалъул 0,25 га яги росулъ цо га бегьула.
ГIадан жанив чIолареб цо бакI (нежилое помещение). Цо гама яги раса. Цо автомобиль яги мотоцикл. ГIемерал лъимал ругеб хъизамалъе кIигоги бегьула. Гьединго кIи-кIи транспорт бегьула — хъизамалда цояв инвалид вугони яги социалияб квербакъи хIисабалда гьезие пачалихъалъ транспорт кьун бугони.
Бихьизабуралдаса цIикIкIун малмулк бугони, пособие кьезе инкар гьабула.
Басрияб ва цIияб пособиялъул батIалъи
Гъоркьиса ялгъузав инсуца яги эбелалъ хьихьарал 8-16 сон барал лъималазе бихьизабун букIана социалияб пособие (басрияб). Гьединазе щолаан регионалда лъималазе гIумру гьабиялъе хIажалъулеб гIарцул къадаралъул 50 процент. Гьеб щвезе ккани, гIемерал документал тIалаб гьарулаан. ЗАГС биххун букIине, инсуца алиментал кьезе инкар гьабулеб бугин абурал кагътал щвезаризе кколаан. Гьанже цIияб пособие щвезе ккани, гьединазе цебе букIараб пособие бачIунаро. Гьез тIаса бищизе ккола цояб пособие. ЦIияб пособиялъе гIарза кьуни лъикIаб букIина гьезие, щайгурелъул цебе букIараб пособиялда дандеккун, цIияб пособие цIикIкIун кьезе рес буго. 6000-гIанасеб гъурщил бакIалда 11,499 гъурущ бачIине рес буго. Нагагь цIияб пособие кьезе инкар гьабуни, гIарза кьуралдаса лъагIел сверизегIан бачIуна басрияб пособие.
Кин щолеб пособие?
Пособие щвеялъе гIарза кьезе бегьула Госуслуги порталалдаса. Гьединго гIарза кьезе бегьула Пен- сиялъул фондалде яги МФЦялде. Къокъго абуни, цIияб пособие щвеялъул шартIал 3-7 сон барал лъима- лазе пособиялъего гIадал рихьиза- рун руго. 8-16 сон барал лъималазе пособие кьолеб буго ПФРалъ, 3-7 сон баразе абуни — соцзащитаялъ кьола. Гьелъул магIна ккола, цIияб пособие кьолелъул, 3-7 сон барал лъималазе кьолеб пособиялъе гIадин регионаз шартIал хисизе бегьуларин абураб. Киналго регионазда цогоял шартIал рукIине руго. ГIицIго пособиялъ- ул къадар щибаб регионалда батIибатIияб букIине рес буго. ГIарза цIезе ккани хIажалъула… Лъимал гьариялъул, ЗАГСалъул, ригьин биххиялъул хIакъалъулъ документал (свидетельство). Хъи- замалъул вакилзабазул харжалъул, хайиралъул хIакъалъулъ баянал (самозанятость ва гь.ц. пишаялдаса щвараб хайир). Банкалъул счеталъ- ул яги почтаялъул отделениялъул хIакъалъулъ баянал. ГIарза цIолелъул цо-цо мехалда тIадеги справкаби тIалаб гьарула. ХIажатал документазул сияхI бихьизабун букIуна гIарзаялъул ахиралда. АнцIго къоялда жаниб гьениб бихьизабураб документ щвезабизе ккола ПФРалъул бакIалъулаб отделениялде. Нагьагь гьеб кьезе кватIани, пособие кьезе инкар гьабула.
Хъизамалъул харжалъул хIисаб
Гьанибги 3-7 сон барал лъималазе пособиялъулго гIадал низамал руго. ХIисабалде босула налог тIаса бахъилалде харж, премия, пенсия ва пособие, стипендия, алиментал, къиматал кагътазде бачIараб хайир (налог тIаса бахъун хадуб), банказда лъураб гIарцуде тIаде рачIарал процентал, налог тIаса бахъун хадуб бизнесалдаса щвараб хайир, мал-мулк бичун щвараб гIарац, авторасулаб заказалъул къотIи-къаялъухъ щвараб хайир, живго батIи-батIиял бакIазда хIалтIун (самозанятость) щвараб хайир.
Пособие кьолелъул хъизамалъе щолеб хайиралда гьоркьоб рикIкIунаро: 3-7 сон барал лъималазе щвараб пособие, бакIалъулаб бюджеталдаса щвараб цохIо нухалда гьабулеб гIарцулаб квербакъи, гьаруралдасаго тIоцебесеб группаялъул инвалидаллъун кколел гIадамазда (кIудиял гIуниги) яги инвалидал лъималазда хадуб хъулухъ гьабуралъухъ бачIунеб гIарац, соцконтракталда рекъон рачIунел выплатаби, социа- лияб кумек хIисабалда рукъалъухъ яги транспорталъухъ кьезе биччараб гIарац, минаялъухъ яги реабилита- циялъухъ кьураб эбелалъулаб ка- питалалдаса гIарац, хIалтIудаса яги декларациялда рекъон тIад бусси- набураб налог (НДЛФ), гIумруялъе, сахлъиялъе яги мал-мулкалъе зарал ккеядаса кьолеб компенсация, хвел букъизе кьолеб гIарац.
Харж яги цогидаб хайир щолеб гьечIони…
Пособие кьолелъул хIисабалде босула хъизамалъул вакилзабазе лъагIалида жаниб бачIараб гIарац (налог тIаса бахъилалде). ГIарза кьолеб къоялдаса ункъо моцIалъ цебе букIараб 12 моцIалъ хъизамалъе щвараб хайиралъул хIисаб гьабула. Масала, 2022 соналъул май моцIалда гIарза кьолеб бугони, 2021 соналъул январалдаса декабралде щвезегIан щвараб хайиралъул хIисаб гьабула. Гьедин бачIараб хайир хъизамалъул киналго вакилзабазда гьоркьоб бикьула.
Нагагь хъизамалъул цогIагиязе (чIахIиязе) гIарац бачIунеб гьечIони, хIисабалде босула харж яги кинаб бугониги хайир букIунгутIиялъе къабул гьабизе бегьулеб гIилла. Гьединаб гIиллалъун рикIкIуна:
- ХIалтIи гьечIев чи (захIматалъул биржаялда вугев). Гьеб ахIвал-хIалалда анлъго моцIалдаса цIикIкIун рикIкIунаро, гьединлъидал пособие щвезе ккани жеги ункъо моцIалъги кинабгIаги хайир яги цогидаб къабул гьабизе бегьулеб гIилла букIине ккола. Гьединго 2022 соналъул тIоцебесеб марталда ва гьелдаса нахъе ЦСЗНалда хIисабалда вугев (безработный) чиясулги гIарза къабул гьабула.
- Лъабго сон базегIан лъимада хадуб хъулухъ гьаби.
- Стипендия щвечIого очно цIали. Гьезда гьоркьор 18-23 сон барал лъималги.
- Инвалидаб лъимералда яги лъимерлъудасаго тIоцебесеб группаялъул инвалидлъун кколев чиясда, 80 ва цIикIкIун сонал рарал гIадамазда хадуб хъулухъ гьаби.
- ХIалтIизе ресги гьечIого лъабго ва цIикIкIун моцIаз гьоркьоса къотIичIого унти.
- Рагъулаб хъулухъ ва демобилизациялдаса хадуб лъабго моцI.
- Туснахъалда вукIин ва эркенлъаралдаса хадуб лъабго моцI.
- Балугълъиялде бахинчIеб лъимадул эбел-инсул цоял гурони чIаго гьечIони (гьединго мать-одиночка).
- Эбел-инсул цоязул харж яги цогидаб хайир гьечIониги бегьула, пособие кьолелъул хIисабалде босулеб лъагIалида жаниб хъизам гIемерал лъимал ругеблъун рикIкIунеб букIун батани.
- ХIисабалде босулеб лъагIалида жаниб эбел лъимаде йикIин. ХIисабалде босараб заманалда гьоркьобе лъимаде йикIараб 6-9 моцI ккани гIарза къабул гьабизе бегьулеб гIиллалъун рикIкIуна. ГIарза кьолелъул лъимаде йикIун 12 анкь яги цIикIкIун заман бугониги инкар гьабуларо пособие кьезе
Гьединаб гIилла яги хъизамалъе щолеб хайир лъагIалида жаниб 10 моцIалъ букIине ккола.
ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА