НухIидин ХIажиев гьавуна 1962 соналъул тIоцебесеб сентябралда ЦIунтIа районалъул Гениялъ росулъ. Эбел-инсуда цадахъ гьев гочана Гъизилюрт районалъул Комсомольское росулъе. Гьениб лъугIизабуна гьоркьохъеб школаги.
1981 соналъул щуабилеб маялда Гъизилюрталъул цолъизабураб рагъулаб комиссариаталъ НухIидин витIана Советияб армиялде. ВачIинахъего гIахьаллъизе ккана Афгъанистаналда букIараб рагъулъ. Гьес рагъулаб хъулухъ тIубалеб букIана Асадабад шагьаралда гIагарлъухъ бугеб Кунар провинциялда. Гьениб букIана Туркестаналъул рагъулаб округалъул 40-абилеб армия. НухIидин вукIана мотострелковияб лъабабилеб батальоналъул 66-абилеб бригадаялъул анкьабилеб ротаялда. Гьев гIахьаллъана 28 рагъулаб операциялда.
1983 соналъул 16 маялда НухIидин ХIажиевас хъулухъ гьабулеб батальон Афгъаналъул армиялъул аскариялгун цадахъ багъарана Кунар провинциялъул Ганджгал кIкIалахъе. Гьениб халлъун букIана душманазул къокъа. Амма цо кишлакалде гIагарлъараб мехалда, афгъаналъулаз инкар гьабуна батальоналда цадахъ рилълъине ва тIад руссана. ХъачIал гъалатIал рорчIана батальоналъул командирасухъаги: кишлакалда сверухъ ругел рорхалъабазда халкквеялъул мурадалда гIисинал къокъабиги тун, аслияб аскаргун лъугьана кишлакалде. Душманаз байбихьана цо чанго бакIалдасан нилъер аскариязде кьвагьдезе. Лейтенант С. А. Амосовасда тIадкъан букIана батальоналъул квегIаб хьибилалъул жавабчилъи. Гьеб букIана 17 солдат гъорлъ вугеб ва дагьалъ цеве Афгъанистаналде вачIарав гIолохъанав лейтенант Г. А. Демченкоца нухмалъи гьабулеб къокъа. Демченкое кумекалъе тун вукIана рагъулаб хIалбихьи бугев лейтенант Амосовги – хIакъикъияб нухмалъи гьабулеб букIана гьес.
Кишлакалде жанире лъугьунаго, къокъаялде гьужум гьабуна моджахедазул къокъаялъ. Гьеб нахъ чIвана, ва Амосовас рациялдасан бицана тIоцебесеб гьужум нахъ чIванин ва 20 моджахедги чIванин абун. КватIичIого байбихьана кIиабилеб гьужум – советиял солдатазде данде вагъулев вукIана Пакистаналъул гIорхъодасан кишлакалда ругезухъе кумекалъе щварав кIинусгогIанасев душман. Лейтенантал С. А. Амосовасда ва Г. А. Демченкода бичIчIулеб букIана тушманасул къуват тохлъукьего цIикIкIиналъ ккезехъин бугеб хIасил.
Лейтенант С. А. Амосовасул солдатаз байбихьана душманазде данде рагъ. Гьужум нахъ чIван бажарана, амма къокъаялъе камиял ккана ва хвезабуна рация. С. А. Амосовас хIукму гьабуна къокъаялъул хутIелгун шагьранухде тIад вуссине, броневикалгун гьенир рукIарал нилъер аскариязул кумекалде хьулгун. Амма гьел тIад руссунеб нухда гъоркьчIел гьабун батана – гьелъул хIакъалъулъ хадубккун бицана асирлъуде ккарал душманаз. ГъоркьчIел хIадурун букIун буго Пакистаналъул регулярияб армиялъул спецназалъул 100-гIан рагъухъанас.
Рагъ букIана цIакъ къокъаб. Нилъер рагъухъабаз бахIарчиго тIубана тIадаб борч. ЧIаго хутIана гIицIго цо солдат – гьевги кIицIул лъукъарав. Хадубккун гьес бицун лъана ккараб рагъул хIакъикъатги. Лейтенант С. А. Амосовасул кIиябго квер лъукъун букIун буго, амма гьесухъа бажарана, душманаз гуллил цIад балеб бугониги, чIварав пулеметчикасухъе ворчIизе ва гьенисан тушманасда кьаби щвезабизе. Гьесда дандритIарал ганчIал багIарлъун рукIана, тушманасул биялъ лъалъан. Хадубккун гьенибго батана лейтенант Амосовасул гулбуз борлъ-борлъараб жаназа – кодоб пулеметгун.
Мухъилав НухIидин ХIажиев кIанцIана тушманасул гурулъе ва кьвагьизабуна граната. Хвана бахIарчиго, цадахъ чамалиго тушманги хабалъе ккезавун. Рагъ ккараб бакIалда ратана лейтенант Демченколги цо чанго солдатасулги жаназаби – хъатикь гранатабигун. Кколел камиялги рихьун, пакистаналъулаз инкар гьабуна рагъулаб масъала тIубазабиялдаса ва, советиял солдатазул жаназабазе гIакъубаги кьун, жидерго ярагъгун, Афгъанистаналъулгун Пакистаналъул гIорхъодехун ана. АнцIила анкьго рагъухъанас гIумру кьуна гьениб ва хвасар гьабуна тIолабго батальон.
Цадахъго 16 чи хвей, гьезда гьоркьов кIиго офицерги, букIана гьезул командиразул карьераялъе нух къалеб хIужа. Гьединлъидал бижана ккара-таралъул «цIияб» бицен: аскариязул къокъа чIвана, хIухьбахъиялда кьижун рукIаго. Гьеб лъугьа-бахъиналъул хал гьабизе ана БетIераб рагъулаб прокуратураялъул хасаб комиссия. Комиссиялъул хIукмуялда хъван буго: «Рагъухъаби хвана, жидедаса цIикIкIараб къуват бугев тушмангун бахIарчиго, ахирисеб би тIинкIизегIан, рагъулаго», — ян. Амма доб 1983 соналда Совет Союзалъул БахIарчиясул цIар кьуна гIицIго лейтенант Г. А. Демченкое (хун хадуб).
Лейтенант С. А. Амосовасул рахъалъ ритIухълъи чIезабуна анцIго соналдасан: гьесиеги кьуна «РФялъул БахIарчи» абураб цIар (хун хадуб). 14 соналдасан къимат кьуна мухъилав НухIидин ХIажиевасул гьунаралъеги.
1997 соналъул кIиабилеб сентябралда Россиялъул Федерациялъул президентасул № 974 указалда рекъон, мухъилав ХIажиев НухIидин ГIумаровичасе кьуна «Россиялъул Федерациялъул БахIарчи» абураб цIар (хун хадуб). Гьебго соналъул октябралда Россиялъул БахIарчиясул хъизамалъухъе кьуна «Меседил цIва» абураб медаль – Россиялъул БахIарчиясул хасаб гIаламат.
НухIидин ХIажиев вукъун вуго Гъизилюрт районалъул Комсомольское росулъ.
ГIумалав Шейхов, РФялъул гIаммаб лъай кьеялъул хIурматияв хIалтIухъан, лъималазул туризмалъулгун краеведениялъул централъул директор