8 маялда Моздок районалъул Малгобек росулъ (Северияб Осетия-Алания) рагьизе буго цIи гьабураб памятник. КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазе лъураб гьелда чIван буго 32 дагъистаниясул цIар хъвараб мемориалияб хъарщи.
«ХIакъикъаталъе» гьедин бицана Расул ХIамзатовасул цIаралда Моздок районалда гIуцIараб миллиябгун культурияб централъул нухмалъулев МухIамад Гьиматовас.
32 дагъистаниясда гьоркьор рихьизарурал батIи-батIиял миллаталъул вакилзабазул щугоял ккола магIарулал – МухIамад Жамсудинов, 1904 соналда гьавурав (ЧIарада район), Тибиров МухIамад (1908 соналда гьавурав, Тляркала абун хъван буго росдада цIар), СагIид Хасаев (1907 сон, Буртунай росу), Султан ГIалиев (1912 сон, ЦIобокь росу), МухIамад Мусаев (Ерханович) (1921 сон, ЧIохъ росу).
Гьиматовасул рагIабазда рекъон, гьел ккола Россиялъул Оборонаялъул министерствоялдаса щварал баянал.
1942 соналъул 13 сентябралда фашистаздаса Малгобек росу цIунун рагъарал солдатал ккола гьел.
Гьел дагъистаниялго гIадин, ахираб заманалда «Поисковое движение России» абураб гIуцIиялъ тIатинарун руго КIудияб ВатIанияб рагъда гьеб ракьалда чIварав советияв 300 рагъухъанасул цIаралги.
8 маялда Малгобекалда памятник рагьиялъулъ гIахьаллъизе ахIулел руго Моздокалда бугеб Дагъистаналъул вакиллъиялъги миллиябгун культурияб централъги тIадехун рехсарал солдатазул гIагарлъи.
Ине бокьараз цебеккунго бухьен кквезе бегьула РСО-Аланиялда бугеб Дагъистаналъул диаспораялъулги Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб централъулги нухмалъулев МухIамад Гьиматовасулгун (8-961-821-46-17), гьединго гьесул заместитель Сулейман Джахаевасулгун (8-928-482-96-71).