Лъие кигIан щвараб?

 

   Гьал къоязда ДРялъул нухмалъулесул официалияб сайталъ загьир гьаруна пачалихъиял хъулухъазда ругел республикаялъул бетIерасул ва хIукуматалъул Администрациялъул (АГиП) вакилзабазе 2021 соналда щвараб хайиралъул хIакъалъулъ баянал.

   ХIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасе щвараб хайир бащалъулеб буго 12144657,39 гъурщида. Гьесул бетIергьанлъиялда буго кIиго машинаги (ГАЗ-31029, ГАЗ-3102), ракьул цо участокги, минаги, дачаги. Гьес пайда босулеб буго 84 кв. м. кIодолъиялда бугеб цо квартираялдасаги. Гьединго премьерасул лъадуе щвараб хайир кколеб буго 248 468,32 гъурущ. Гьелда тIад хъван буго дачаги цо квартираги.

   ДРялъул пачалихъияв секретарь МухIамадсултIан МухIамадовасе щун буго 1723239,85 гъурущ. Гьес пайда босулеб буго цо минаялдаса. МухIамадовасул лъадуда тIад буго лъабго участокги, лъабго квартираги, цо минаги. ЛъагIалида жаниб гьелъие щун буго 205915,47 гъурущ. Цониги машинаги гьечIо гьезул.  

АГиПалъул нухмалъулев Алексей ХIасановасе щвараб хайир бащалъулеб буго 20282416,47 гъурщида. Гьесул бетIергьанлъиялда буго: маломерное судно МАСТЕР ПРО 470, прицеп МЗСА 81771Е; цо квартира, пайда босулеб буго цо минаялдаса. Лъадуда тIад буго цо минаги, цо участокги, Toyota Lexus RX270 машинаги. ЛъагIалида жаниб гьелъие щун буго 429324,89 гъурщил хайир. Гьединго гьелъги пайда босулеб буго цо минаялдаса.

Премьер-министрасул тIоцевесев заместитель Руслан ГIалиевасе щун буго 5554 698,68 гъурущ. Амма жинца пайда босулеб кIиго квартира гурони, тIокIаб мал-мулк гьесда хадуб гьечIо.

ХIукуматалъул председателасул цогидав заместитель, ракьулгун буголъиялъул суалазул рахъалъ министр Заур Эминовасда хадубги бихьизабун гьечIо кинабгIаги буголъи, гIицIго жинца пайда босулеб цо квартира гурони. ЛъагIалица хIалтIун гьесие щун буго 1432692,0 гъурщил хайир. Министрасул лъадул бетIергьанлъиялда буго цо квартира.

Контролиябгун финансазул ра­хъалъ ДРялъул бетIерасда цебе гIу­цIараб Управлениялъул начальник Т. Шабановасе щун буго 2692766,23 гъу­рущ. Гьесул бетIергьанлъиялда бу­го гIицIго ракьул цо участок, лъаду­да тIад – цо квартира. Машина гье­чIо.

ПалхIасил, гьениб буго 24 чиясул цIар. Амма цо-цояз рихьизарурал баяназухъ балагьун, щаклъизе бачIуна. Масала, гьелда тIасан «ХIа­къикъаталъе» гьадин бицана «Новое дело» газеталъул бетIерав редактор ХIажимурад Сагитовас:

«Дир хIисабалда, цо-цо хIаким­забаз гьениб бихьизабулеб буго унго-унголъунги жидее щвараб хайиралъул цо пуланаб бутIа. Гьелдалъун гьез хIаракат бахъулеб буго бизнесги мал-мулкги налогаздаса бахчизе. Амма гьедин букIанигицин, абизе бегьула — гьеб декларация ккола пачалихъиял хъулухъчагIазул ишазда сверухъ ахIвал-хIал роцIинабиялде хIакимзабаз тIамулеб гали. Хадубккун жеги камиллъизабизе ккола гьеб хIалтIи».

З. ХIажиева