Гъизляралъул электромеханикияб заводалъ КамАЗазе рулазул гидроусилителал хIадуризе руго. Исана къватIибе биччазе буго гьединаб 500 алат.
2023 соналда гьеб къадар азаргоялде бахинабизеги ракIалда бугин бицана гьал къоязда «Рен-ТВ» ва «Известия» телеканалалъул журналистазе заводалъул генералияв директор Ибрагьим АхIматIовас:
— Ахираб заманалда нижеца тIадчIун хIадур гьарулел руго вертолётазе, автомобилазе хIажатаб къайи-цIа. Мисалалъе, гьел ккола вертолёталъул двигателал. Гьеб гуребги, ахираб кIиго-лъабго соналда жаниб «АвтоВазалъе» хIажатаб къайиги буго нижеца къватIибе биччалеб. Нижер лъикIаб гьоркьоблъи буго «КамАЗ» автоконцерналъулгун. Гьаб заманалъул бищун церетIурал К1, К2, К3 моделазул автомобилазе гидроусилителалги хIадурулел руго нижеца.
ХIакъикъаталдаги азарго батIияб тIагIел-алат гьабулеб завод буго КЭМЗ. Гъоркьиса нижги щун рукIана гьенире. КIиго сагIаталда жаниб заводалда гьабураб экскурсиялъ кIудияб асар гьабунги букIана.
Ахираб заманалда КЭМЗалъулал тIаделъун руго гражданияб авиациялъул транспорт хIадур гьабиялде. ТIадагьаб моторалъул «АИ 21» маркаялъул гьитIиналго самолетал руго гьез къватIире риччалел.
Гьелъул хIакъалъулъги гьадин бицана журналистазе И. АхIматIовас.
— Цогидал самолётазул гьечIеб композитнияб материалалъул буго гьелъул кузов. Гьеб гуребги, гьаваялде бахъине ва рещтIине 150 метралъул самолетал роржунел ва рещтIунел мухъал (взлетно-посадочная полоса) гIола гьелъие. ТIадежоялъе, гьелъие бегьула хъил тIечIеб нух бугониги, — ян.
Гъизляралъул заводалда жакъа гьединаб самолёталъул багьа 25 миллион гъурущ буго. Мисалалъе, цогидал пачалихъаздаса босизе ккани, 50 млн гъурщиде бахунаан.