ГIасруялъул балагь

 

Ахираб заманалда цIакъго гIемерлъун руго батIи-батIиял унтаби. Гьел тIаде рачIиналъе сабаблъунги ккола нилъерго квешаб хьвада-чIвади ва рекъечIел гIамалал гьари. Гьединаздасан ккола наркотикал хIалтIизариги.

   Гьайгьай, нилъеда бичIчIула наркотиказул бугеб зарал. Амма бигьаго гIарац щолеб бугинги абун, гьел тIиритIизарулез хIаракат бахъулеб буго гьеб «бизнесалде» гъорлъе хIатта балугълъиялде рахинчIелцин цIазе. Гьелдаго цадахъ наркотикал ричиялде машгъуллъулел руго тIубарал хъизамалцин. Масала, гъоркьиса полициялъул хIалтIухъабаз ккун рукIана гьединаб ишалде машгъуллъарал эменги ясги. Ясалъ мукIур гьавун вуго эмен наркотикал ричизе, бигьаго гIарац щолеб къагIида бугинги абун. Интернеталдасан наркотикал ричи лъугьун буго битIахъе унго-унгояб балагьлъун. ХIисаб гьабе, щибаб лъагIалида жаниб Россиялда 70 000 чи холев вуго наркотикал хIалтIизариялъул хIасилалда. Наркотикал ричиялда хадуб халкколеб Россиялъул федералияб (ФСКН) хъулухъалъул баяназда рекъон, улкаялда наркоманазул къадар бахун буго анлъго миллионалде, официалияб къагIидаялъ хъвай-хъвагIаялде росаразул къадарин абуни 500 000 гурони гьечIониги. ХутIаралин абуни ккола рахча-хьван наркотикал хIалтIизарулел. Сах гьаризелъун медицинаялъул идарабазде рачIунезул къадар цIакъго дагьаб буго. Амма гьев 500 000 наркоманасегицин дару гьабизе рес гIолеб гьечIо пачалихъалъул, лъагIалида жаниб 50 000 наркоман гурони къабул гьавун бажаруларо наркологиялъул клиникабазухъа.

   Улкаялда ругел наркоманазул 20 процент ккола школазул цIалдохъаби, 60 процент – 16-30 сонил ригьалда ругел гIолилал, хутIараб 20 процент — чIахIияб ригьалъул гIа­дамал.

Советияб заманалде дандеккун, ахираб анцIго соналда жаниб нар­команазул къадар цIикIкIана. Масала, 1980 соналда улкаялда 50 000 наркоман вукIун ватани, 2021 соналда гьезул къадар анкьго миллионалде бахун бугин лъазабуна ФСКНалъул нухмалъулез.

    РФялъул УФСКНалъул ДРялда бугеб информациялъул ва жамгIиял бухьеназул къокъаялъул баяназда рекъон, гIолохъаби, хасго руччаби наркотиказде ругьун гьариялъул хIужабиги цIакъго цIикIкIунел руго.

Дагъистаналда бугеб наркотикал тIиритIизариялда хадуб халкколеб хъулухъалъул баяназда рекъон, ахирал соназда республикаялда наркотикал гьарулел гIолилазул ригь гIолохъанлъунги буго (12-14 сон). Ахираб 10 соналда жанибин абуни, наркотикал сабаблъун лъимал хвеялъул хIужаби 42 нухалъ цIикIкIана.

    Чанго соналъ цебегицин наркотикал хIалтIизарулел рукIун ратани дунялалдаса ракI буссаралин абулел чагIаз, гьанже гьединазул 60 процент ккола тIадегIанаб лъайги бугел, лъикIаб харжги бачIунел гIадамал. Гьединаз абураб багьаги кьун босулеб буго гьеб «тушман» ва цогидалги цIалел руго жидерго пишаялде гъорлъе. 

   Дагъистаналъул шагьаразда нар­­команазул къадар цIикIкIунеб букIиналдаго цадахъ гIемерлъулел руго гьеб тIибитIизабулелги. Масала, дагьал церегIан къоязда полициялъул хIалтIухъабаз ккуна интернеталъул кумекалдалъун наркотикал тIиритIизарулей ятарай 22 сон барай гIадан. Гьелъухъ батун буго 860 грамм N-метилэфедрон абураб наркотикалъул. Республикаялъул МВДялда бицухъе, тIубараб лъагIалида жанир тIиритIизарулел рукIун руго гьелъ наркотикал ва тIадежоялъе балугълъиялде яхинчIей жиндирго яцги цIан йиго гьеб къабихIаб пишаялде гъорлъе. Гьанже гьей гIолилай тIубараб гIумруялъго туснахъ гьайизеги рес буго. Гьединлъидал, воре, цIодорлъи гьабе ва халккве нилъерго лъималазда, гьезул рагъа-рачариялда ва хьвада-чIвадиялда хадуб. Гурони, метер кватIун ккезеги рес буго.

ХIабиб МухIамадов