ГьанжегIагар тIобитIараб ДРялъул Халкъияб Собраниялъул сессиялда
республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовас данде босана гъоркьиса хIукуматалъ гьабураб хIалтIи.
(Гьале гьеб кIалъаялдаса цо-цо хIужаби)
Цо-цоязул хадурехъерхъиялъ…
Сергей Меликовасул рагIабазда рекъон, социалиябгун экономикияб рахъалъ республика цебетIеялъул мурадалда 2030 соналде щвезегIан гIуцIараб Стратегиялъулъ хиса-басиял гьаричIого рорчIуларо къойилго хисулеб бугеб гьаб ахIвал-хIалалъулъ.
Гьелдаго цадахъ хисизаризе рес буго пачалихъиял программабиги проекталги. Аслияб куцалда промышленносталда, росдал магIишаталда, туризмалда, бакIал раялда, Каспиялъул рагIаллъи цебетIезабиялда, пихъгун пастIабазул нигIматал цIунулел бакIазда ва цогидалда хурхарал проектал ккола гьел.
Гъоркьиса республикаялда гIумруялде бахъинабун буго 24-ялдаса цIикIкIун млрд гъурущ харж гьабураб миллияб 12 проект. Гьелда гьоркьоса 18, 8 млрд гъурущ ккола федералияб бюджеталдаса биччарабги.
Меликовас бицана цо-цо хъулухъчагIазул хадурехъерхъиялъ жиндир заманалда тIуразе бажаричIел контрактазулги. Масала, гьедин ккун буго лъай кьеялда, демографиялда хурхарал проектазул къисмат.
ГЭСалги СЭСалги
Меликовас бицаралдасан бичIчIулеб буго республикаялъе къваригIарабгIанасеб электроэнергия нилъерго ГЭСазухъа хIадуризе бажарулеб гьечIолъи. ГIицIго 60-65 проценталъ гурони бажарулеб гьечIо гьеб суал тIубазе. Гьеб мурадалда ЧIикIабги Чирюрталъулги ГЭСал цIидасан къачIазе байбихьун буго РусГидроялъ. Гьединго 2027 соналда Могьохъ гьитIинаб электростанцияги базе буго.
Гъоркьиса Петербургалъул экономикияб форумалда, Хевел компаниялъулгун къотIиги гьабун, базе байбихьун букIараб бакъул электростанция (СЭС) рагьизе буго исана маялда Южно-Сухокумскиялда. Гьелъул къуват бащалъула 15 МВталда.
Хадубго Нугъай районалдаги базе байбихьила кватIичIого гьединабго электростанция (60 МВТ).
2024 соналъул ахиралде республикаялда разесел бакъул киналго электростанциязул гIаммаб къуват бащалъула 380 МВталда. Инвестораз гьезда тIад харж гьабизе буго 38 млрд гъурущ.
Электросетазул комплекс цIилъизабизе ДРялъул хIукуматалъги «Россети» ПАОялъги гIуцIун буго 7,6 млрд гъурщил багьаяб программа. Ункъо миллиард гъурщил багьаялъул программа МахIачхъалаялъеги хIадурун буго.
ПиринчIги пихъги
Росдал магIишат цебетIезабиялъе пачалихъалъ гъоркьиса биччан буго 4,2 млрд гъурущ.
Гьелъул хIасилалда кутакалда цIикIкIана, масала, пиринчIалъул бачIин — 115,5 азарго тонна.
Амма гьелдаго цадахъ букIине кколеб къуват гьечIо пиринчI бацIцIад гьабулел заводазул – цо сменаялда жаниб бацIцIад гьабула 250 тонна. Гьеб къуватги цIикIкIинабуни, гьеб жанибе балел берцинал, квегIенал къучIбиги гьаруни, гьеб пиринчI бичизе Россия тун къватIибегицин битIизе бегьула.
ЛъикIал хIасилал руго ахихъанлъиялъулги. Гъоркьиса республикаялда 1100 гектаралда чIун руго ахал. 2020 соналда дандеккун, анкьго проценталъ цIикIкIун бакIарун буго пихъги.
Амма цохIо бакIарун, базаралда бичун гурони, гьеб пихъил мурапа, сокал, компотал, пюреял гьарун бичулеб къагIида жеги цебетIун гьечIо нилъер гьаниб.
Гьан буго, амма …
Улкаялда гIи-боцIухъанлъи цебетIураб бакIлъун Дагъистан рикIкIуна. Гьаниса санайилго гьанал 15 азарго тонна уна Россиялъул регионаздеги къватIисел пачалихъаздеги бичизе.
Амма нилъер гьанир гьечIо гьеб гьан къачIалеб, цогидал квеназе къваригIунеб куцалда гьеб хIадурулеб, цIорозабулеб цониги завод. Гьединлъидал гьанадаса букIине кколеб куцалда хайирги щолеб гьечIо нилъер гIи-боцIухъабазе.
Пикраби
«Цин ракьул суал тIубазе кколеб буго»
КватIичIого Южно-Сухокумскиялда хIалтIизе биччазе бугеб бакъул электростанциялда (СЭС) тIасан «ХIакъикъат» газеталъе Артур ГIалибеговас гьадинаб баян кьуна. Гьев ккола ДРялъул Энергетикаялъулгун тарифазул министерствоялда цебе ВИЭ (возобновляемые источники энергии) цебетIезабиялъул рахъалъ рагьараб проектазулаб офисалъул нухмалъулев.
«Бакъул канлъудасанги гьорол къуваталдалъунги энергия хIадури къватIисел улкабазе гIадатияб жолъун лъугьун буго. Нилъер мадугьалзабазги пайда босулеб буго гьелдаса. Масала, Чачан Республикаялда 10 МВталда бащадаб къуваталъул станция буго бан. СЭСал ран руго Калмыкиялдаги (250 МВт), Астраханалдаги (300 МВт), Ставрополалдаги (100 МВт). Дагъистаналдаги руго гьелъие кутакалда кIудиял ресал», — ин бицана Артур ГIалибеговас.
Гьесул рагIабазда рекъон, Южно-Сухокумскиялда бараб бакъул ЭСалъул къайи-цIаялъул багьа бахуна цо млрд гъурщиде.
«Ракьулъан рачарал кваралги цогидал алаталги малъичIого, цохIо гьеб станция сверун къараб, видеокамерабиги лъураб чалигицин буго гIезегIан хирияб жо.
Гьеб кинабго бана гIицIго инвесторазул гIарцухъ. Амма, битIараб бицани, байбихьуда захIмалъана нилъехъего гьел ахIизе. Ставрополалде абуни инвесторал бигьаго ана, гьанжеги уна. Щайин абуни, дора теракталги цогидаб рагъ-мучги ккун букIинчIого (нилъер гьанибги Чачаналдаги гIадин). Ставрополалда дандеккун, тIабигIаталъул ресал Дагъистаналда чанго нухалъ цIикIкIарал ругониги, инвестор дозухъе ине разилъула. Доба парахалъи букIунха», — ян баян гьабуна ГIалибеговас.
ТIадежоялъе цо-цо хъулухъчагIаз гьединаб бакIалда гьоркьосан жидеего откатал тIалаб гьарулеб къагIидаги тун гьечIелъул нилъер гьаниб. Гьелде тIаде ракьул суалазги квалквалал кколел руго бицен гьабулел гIадал объектал раялъе.
«СЭСал, ГЭСал разе гурелги, тIолабго республика цебетIеялъего квалквал гьабулеб буго ракьул суалал цойиде ккун гьечIолъиялъ (гьебго пикру С. Меликовасги загьир гьабуна сессиялда – авт.). ТIири хIалтIи жидецагоги гьабичIого, чIунтизе тун ракьгун, кIуди-кIудиял гектаразда тIад ханлъиги гьабун чIун руго цо-цо чагIи. Гьелдаса пайда босизе къваригIарал цогидал чагIазулги тIубан гъира свинабулеб буго гьез, кIалдибе гьунареб багьа ижараялъухъги ахIун. Жидецагоги гьабуларел, гьабулезеги биччаларел. Кутакалда гIемер хабар бицинеги, бичIчIи кьеялъул хIалтIи гьабизеги ккола нижеца гьединал чагIазе», — ян бицана Артур ГIалибеговас.
Южно-Сухокумскиялдаго гIадаб станция гьанже Нугъай районалдаги базе буго. Гьенир ракьал кидаго гIиялги тIаде риччан рукIун, салул авлахъазде сверулел ругин ахIи буго гIадамазул. Амма гьединаб бакIалдацин бакъул станция базе бокьунгутIи лъазабулеб бугин бицана А. ГIалибеговас:
«Нугъай районалъул бетIерасеги Южно-Сухокумскиялъул мэрасеги кIудияб баркала кьезе бокьун буго дие. Гьев кIиявго чияс цIакъ берцинго тIурана СЭСал тIад ралел ракьазул суалал. Амма бетIергьан гьечIеб ракь къанагIатги батуларо республикаялда. МугIрулги щобалги – гьелгицин лъилниги бетIергьанлъиялда руго. Жидецаго хIалтIизаричIониги, наслабазе нахъе хутIизеян толел руго, пайдаги босичIого».
«Агрологистика гьечIо нилъер»
Пихъилгун пастIадул нигIматал ва гьан къачIан хIадурулеб, цIорозабулел хасал заводал гьечIин Сергей Меликовас загьир гьабураб пикруялда рази вуго ДРялъул росдал магIишаталъул ва продовольствиялъул министрасул тIоцевесев заместитель Шарип Шарипов.
— Агрологистика ккола нилъер агропромышленнияб комплексалъул бищун загIипаб рахъ. Гьединлъидал гьелде кIвар кьезе байбихьун буго республикаялда. Масала, Дагъистаналъул югалъул рахъалда «Хазар» абураб ОООялъ гIумруялде бахъинабизе буго лъагIалида жаниб пихъилгун пастIабазул нигIматазул 50-60 азарго тонна хIадуризе, къачIазе рес кьолеб проект. Улкаялъул даражаялдаги лъикIаб къимат щвана гьелъие. Гьединлъидал гьединаб бакI базе ракьги кьуна конкурсцин гьабичIого ДРялъул бетIерас гьеб ОООялъул проекталъе.
Пихъилгун пастIабазул нигIматал жанир цIунулел бакIал разеги ургъулел руго ниж. Гъоркьиса бана щуазарго тонна цIунулеб бакI. Исана Гъизилюрт ва Табасаран районаздаги ралел руго гьел. Хасго Табасаран районалда балеб гьеб объекталда жаниб газги бакун, тIубараб лъагIалица цIунун бажарула пихъ-мичI.
Гьанал нигIматал къачIалел, хадурккун гьел хIадурулел заводалги къваригIун руго нилъее, ункъ-щугониги. Жакъа къоялда «Урицкий комбинат» буго гьединаб бакIлъун. Гьеб комбинаталъ жидецаго гIезабула гIи-боцIи, жидецаго хъола, гьарула тушенкаби, цIола бакьал ва цогидаб.
Гъизилюрт районалдаги базе буго гьелдаго релълъараб завод.
Рахьдал нигIматал хIадурулеб гьединабго завод республикаялда гьечIолъиялъ, цогидал регионаздаса бачIунеб буго гьеб къайи нилъехъе. Гьединлъидал республикаялъул нухмалъиялъ гIарац биччалеб буго гьеб рахъ цебетIезабиялъеги. Масала, «Урицкий комбинаталда» хьихьулел гIачи речIчIизе руго роботаз. «Сугъралъ», «ЧIохъ» агрофирмабазги хIалбихьулеб буго гьанже цIияб заманалъул шартIазда рекъон хIалтIизе – жидецаго гIезабураб продукция къачIазе, хIадуризе.
З. ХIажиева