Тарих – халкъалъул бечелъи, музей – тарих цIунулеб рукъ

 

  Гимназиялде щварав щинав чи чара гьечIого вачуна гьениб бугеб тарихалъулгун этнографиялъул музеялде. Гьелъие кьучI лъуна 1975 соналда. Гьенибги кIудияб бутIа лъуна гимназиялъул директор Чакар Мажидовалъ. «Гьаб гимназиялда гьабулеб кинабго хIалтIуе аслулъун ккола Дагъистаналъул адабият. Адабияталъул асар цIалулеб ва гьеб лъималазда малъулеб мехалда чара гьечIого бицине ккола гьеб хъваялъе ккараб гIиллаялъулги. Гьединал баянал ралагьулаго, данде гьабуна гIемераб жо. Гьеб хIалтIулъ гIахьал гьарулаан цIалдохъабиги. Щибаб классалъул хIаракаталъул лъалкI цIуни – гьебги ккола тарбия кьея­лъул хIалтIул бутIа. Дарсиде яги класс тун къватIибехунисеб тадбиралде хIадурлъулаго бакIарараб материалалъул кьучIалда щибаб классалъ гьабизе кколаан альбом яги буклет. Гьелги руго музеялда цIунун. Гьединаб къагIидаялъ цIалдохъабазулъ бижизабула цIалуде гъираги», — ян бицана директоралъ.

  ГьабсагIаталда музеялда буго анцIазаргоялдаса цIикIкIун экспонат. Гьеб сокIкIун буго лъабго залалда, гимназиялъул жанахIазда ва музеялъул филиалаллъун кколел кабинетазда. Щибаб кабинеталда лъун буго хасаб цIарги: «Расул ХIамзатовасул», «Дагъистаналъул росабалъан», «Да­гъистаналъул Меседил Рецц», «Ма­хIачхъала – дир тахшагьар», «Даим кочIолъ ахIараб Кавказ», «Вацал ХIажиевазул кабинет», «Атли-Боюн-Ленинкент» ва гь.ц.

Музеялъул залазда ругел экспонатал рикьун руго 10 бутIаялде: «Атли-Боюн-Ленинкент»; «Имам Шамил»; «Ленинкент поселокалъе кьучI лъурав Ж. Къоркъмасов»; «Умумузул устарлъи»; «Дир гъансито – Дагъистан»; «Дагъистаналъул халкъазул партал»; «КIовухъе гIагар гьабуна нижеца гьаб къо»; «Кьалул авлахъалдаса нахъ руссинчIел»; «Суратазул галерея»; «Нумизматика».

 

«Суратазул галерея»

 

   Гьеб залалда цере лъун руго гимназиялъул суратазул галереялъул цо бутIа. Кинабниги гимназиялда буго 150-ялдаса цIикIкIун сурат. Гьел киналго рахъана декоративияб искусствоялъул преподаватель МухIамад ХIасановас. Гьенир руго Дагъистаналъул росабиги, тIабигIиялгун тарихиял памятникалги, умумузул некIсиял гIадаталги. Масала, Оцбаялъул бицунеб дарсида хIалтIизабизе бегьула гьелъул бутIалъун кколеб тадбиралъул сурат. Авар адабияталъул дарсида бихьизабизе бегьула асар хъварав хъвадарухъанасул яги шагIирасул сурат. Дагъистаналъул тIабигIаталъул гьайбатлъи ва дагъистаниязул къанагIатаб партал, некIсияб ва гьанжезаманалъул архитектура, ахIул сиял ва тарихалда цIар тарал гIадамал – гьеб кинабго буго художникасул гьунаралъ кагътида даим гьабун.

 

Рагъулаб Реццалъул зал

 

  Гьеб залалда ругел экспонатаз рагьула Атли-Боюналъул бахIарчияб тарих. Росдал херазда цIех-рех гьабун ва Подольск шагьаралда бугеб Рагъулаб архивалде хъвадарун, цIалдохъабазгун учительзабаз мухIкан гьабуна рагъде аразул ва кьалда даим хутIаразул сияхI. Атли-Боюналдаса рагъде ана 158 гIолохъанчи, тIадвуссана – 64, кьалул авлахъалда хутIана яги, араб бакI лъачIого, тIагIана 92.

  Рагъул щивав гIахьалчиясул хIакъалъулъ баянал гъорлъе рачарал альбомал руго музеялда. Гьезул хIакъалъулъ бицуна ТОКСалъул къокъабаз. 2005 соналъул 9 маялда Ленинкенталда рагьана КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазе памятникги.

2013 соналъул октябралда гьеб памятникалда цебе тIобитIана митинг. Гьениб лъазабуна, поселокалъул цIияб микрорайоналда ругел къватIазе кьезе бугин КIудияб ВатIанияб рагъдаса тIад вуссинчIев 42 рагъухъанасул цIарилан абун.

 

Унголъунги, щивго кIочон гьечIо

ва щибго кIочон гьечIо…

 

  Музеялъул хасаб бокIон гIуцIун буго Жалалудин Къоркъмасовасул хIурматалда. Гьев ккола Ленинкент росдае кьучI лъурав чи.

Советияб Дагъистаналъул жам­гIиявгун политикияв хIаракатчи Ж. Къоркъмасов цIалана Франциялда бугеб Сорбоннаялъул университе­талда. Революциялъул ва граждан ра­гъул хIалуцарал соназда гьев тIад­ вуссана Дагъистаналде ва жигаралда гIахьаллъана революциялъул хIаракаталда.

Атли-Боюналда гIумру гьабун рукIарал гIадамал жакъасеб Ленинкент бугеб ракьалде гочине гьесизаруна Къоркъмасовас. Гьесул нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналда бана Октябралъул революциялъул цIар бугеб каналги. Халкъалъул мустахIикъав вас вукIин хIисабалдеги босун, гьесул цIар кьуна посёлокалъул къватIалъе ва поселок бакьулъ бугеб иццалъе – «Жалав-булахъ».

 

«Атли-Боюн – Ленинкент»

 

   Атли-Боюн. Гьедин абулаан Атли-Боюналъул габурлъиялда букIараб басрияб росдада. ЛъарагI мацIалдаса таржама гьабуни, гьелъул ккола «чол сухъмахъ» абураб магIна. Гьеб букIана, Темир-хан-Шураялдаса Анжиялде ва Анжиялдаса Темир-хан-Шураялде гьаказда къайи баччун, яшав гьабулел гIадамазул росу. 1905 соналда букIараб Атли-Боюна­лъул рекьарухъабазул восстаниялда цебехъанлъи гьабуна Черивмурза Супяновас. ЗахIматаб букIана басрияб росулъ гIумру. Мукъсанаб ракь букIана гьениб ва букIинчIо ах-хуралъе кинабгIаги санагIат. Гьебги хIисабалде босун, жамагIат разилъана цIияб бакIалде гочине.

  ЦIияб ракьалда бижараб росдал тарих буго музеялъул залалда. Масала, гьениб бихьана цIибараб росулъ гIуцIараб школалъул тIоцевесев директор СагIид ГIабдулаевасул сурат. ЦIалдохъаби-гидаз нижее бицана гьев чиясул бахIарчилъиялъул хIакъалъулъ. КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда гьевги рагъ байбихьараб мехалда школа лъугIизабурал цIалдохъабиги цадахъ ана ватIан цIунизе ва рагъдаса вуссинчIо.

  Гьанир руго совхозалъу­л тIо­це­­­весев директор Мухтар ГIаб­ду­­рахIмановасул, школалъул мус­­та­­хIикъал учительзабазул, ДАССРа­­­лъул Верховный Совета­лъул председательлъун вукIарав ХIа­жикъасум ГIалиевасул, Дагъистана­лъул лъай кьеялъул тIоцеесей ми­нистр-чIужугIадан Бурлият Мамашевалъул, ай Ленинкенталъул тарихалда лъалкI тарав щивав чиясул бокIон. Музей рагьаралдаса нахъе гьезул мисалалда куцалеб буго ленинкенталъулазул гIолеб гIел.

 

Гьудуллъиялъул кьодул сакIал

 

   Дагъистаналъул тарихалдаги ма­данияталъул нахърателалдаги кIу­дияб бутIа лъурал гIадамазул хIа­къалъулъ баянал гьарзаго тIиритIун руго музеялъул залазда. Гьенир руго Дагъистаналде сапарал гьарурал гIу­рус археологал ва этнографал, сапарчагIи ва хъвадарухъаби, масала, Афанасий Никитин, император Петр I-сев, машгьурав хирург Николай Пирогов, шагIир Михаил Лермонтов, хъвадарухъан Лев Толстой, академикал Ковалевский, Анучин, Абах, Дмитрий Трунов; художникал: Ф. Рубо, Лансере ва гь.ц. Гьезул хIаракаталдалъун Россиялъул ва дунялалъулго халкъазе рагьана Дагъистанги гьелъул бахIарчиял халкъазул къисмат. Гьезул асаразги квербакъана нилъер халкъазул гьудуллъи щулалъиялъе. «ГIолеб гIелалда лъазе ккола ватIаналъул цебесеб тарихги жакъасеб хIакъикъатги», — ян абуна Чакар Мажидовалъ.

  Гимназиялъул лъабтIалаялъул ми­на тIолабго музей бугин абуни, мекъи кколаро. Кабинетазда ва жанахIазда сокIкIун руго цо ккураб темаялде рекъонкколел экспонатал. Масала, кIиабилеб тIалаялда буго суратазул галереяги Ленинкенталда рижулел хурдузул хIакъалъулъ баяналги.

Суратазул галереялда цере­лъун руго Дагъистаналъул халкъазул адабияталъе кьучI лъурал классиказул суратал: тумазул ГIабутIалиб Гъапуров, лезгиязул Сулейман Сталь­ский, лъарагIазул Йирчи Хъазахъ, магIарулазул ХъахIабросулъа МахIмуд, даргиязул ГIумарла Батирай. Руго гьанжезаманалъул хъвадарухъабиги – Расул ХIамзатов, Фазу ГIалиева ва гь.ц.

   Музеялда хасаб бакI ккола Шамил имамасул тарихалъул хIужабаз. ЦIалдохъан-гидасул баяназда ре­къон, Шамил вуго «рухIиявги мугI­рузул халкъаз эркенлъиялъе гIоло гьабураб къеркьеялъулги цевехъан хIисабалда дунялалъулго тарихалда бутIа лъурав магIарулав. Гьесул бихьинаб гIамалги кьварараб хасиятги ва бахIарчияб къвакIиги куцана мугIрузул согIаб тIабигIаталъ ва магIарулазул хъизамалъе хасиятаб тарбия щвеялъ. Гьев вукIана гIакъилав рагъулав тактик ва стратег, гьунар тIокIав политик ва букIинеселъул пикру гьабизе бажари бугев дипломат гуревги, дунялалда жеги букIинчIеб тайпаялъул пачалихъ гIуцIарав кIудияв реформаторги».

Гьалбал гIемер щвана гимнази­ялде – хасаб альбомалда щивас тана музеялъги гимназиялъул бе­тIер­гьабазги жидее гьабураб асар рагьараб хъвай-хъвагIайги. Гьел цIалидал бихьула, улкаялъул гIемерал регионаздаса – гIадатиял гIадамаздаса байбихьун федералияб даражаялъул хIакимзабазде гIунтIун – гьалбал гьенире щун ругеблъи.

Кавсарат Сулейманова