Гриппги къватIул унтиги цого жо гуро

 

Хасавюрт районалъул Кокрек росулъа Расулов ГIисаца хъвалеб буго: «Нижер росулъ гIемерал чагIазул гIарз буго гриппалъ унтун ругилан. Цо-цояз абулеб буго, гьеб грипп гуреб, къватIул унти (ОРЗ) кколилан. Гриппги къватIул унтиги цого жо кколарищ? Рахунел унтабазул тохтурас «ХIакъикъаталдасан» гьезул батIалъиги, гьездаса цIунизе кколеб куцалъулги хIакъалъулъ бицани бокьилаан»-,  абун.

ГIадатияб гриппалъ унтаразул къадар цIикIкIунеб бугин абун, гIарз буго мугIрузул районазул росабазул гIадамазулги. Абулеб буго, СМИяздасан Ковидалъул гуреб, гIадатияб гриппалъул хIакъалъулъ бицунеб жого гьечIилан. Гьеб хIалги хIисабалде босун, Дагъистаналда грипп тIибитIиялъул бугеб ахIвал-хIалалъул, гриппалдаги къватIул унтабаздаги гьоркьоб бугеб батIалъиялъул, гьезул хаслъабазул ва гьездаса цIунизе кколеб куцалъул хIакъалъулъ бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна Республикаялъул рахунел унтабазул централъул тохтур-инфекционист МухIамад Ниналаловасулгун.

 

 -МухIамад, гриппалъ унтаразул къадар цIикIкIунеб бугищ?

 -ГIемерисез къватIул унтаби ги гIадатияб гриппги цого жолъун рикIкIуна. КъватIул унтабаз (ОРВИ) унтарал чагIи исана гIезегIан руго, гьебго заманалда лабораториязул цIех-рехаз бицунеб буго жакъа республикаялда гриппалъ унтаразул къадар рахIатхвезе ккараб хIалалда гьечIеблъиялъул. БетIер унти, рухI тIагIин, мегIер чвахи гIадал гриппалъул гIаламатал тIатарал чагIи руго. Гьеб хIужаялъ бицуна гриппалъул вирусал чорхолъе ккарал цо-цо чагIазул бидулъ загьруял жал цIикIкIун рукIиналъул хIакъалъулъ.

 -КъватIул унтабаздаги (ОРВИ) гриппалдаги гьоркьоб щиб батIалъи бугеб?

— Грипп ккола чорхолъе гьава цIалел нухал унтизарулел вирусазул унти. Гриппалъул гIаламатал тIатуна чорхолъе вирус ккаралдаса цо-кIиго сордо-къоялъул болжалалда жаниб. Гьелъ унтула цойидасанго, цIакан бахуна, черхалда гъаргъар бала, ччорбал, бетIер ва берал унтула, чорхол чIаголъи хола. КIиабилеб къоялъ байбихьула хъегIизе, керен унтизе.

ОРВИ ккола аденовирус ва риновирус абулел вирусазул тайпабазул «гIайибалдалъун» лъугьунел унтаби. Байбихьуда баккула хъегIи, ченхъей, щекъер унти, хадуб мегIерччин, цинги цIикIкIуна цIакан, амма гьеб 38 градусалдаса тIаде унаро.

Грипп рикIкIуна захIматаб ва инсанасул сахлъиялъе хIинкъи бугеб бахунеб унтилъун. Гьединлъидал, нахъ бахъун течIого, гриппалъ унтарав чияс тохтурасухъе хитIаб гьабизе ккола. Амма бегьуларо антибиотиказ живго жинцаго сах гьавизеян лъугьине.

 

 -Инсанасул сахлъиялъе ва гIумруялъе кинаб хIинкъи букIунеб гриппалъул?

 -БитIун сах гьабичIони яги тохтурасул тIадкъаял тIуразарулел гьечIони, байбихьула гьал хадусел унтаби:  хIухьел цIалел лугбузда ккола пневмония, бронхит, трахеит;  гIундузда, щекъералда, магIазукъалазда ккезе бегьула ринит, синусит, отит;  рекIелгун бидурихьазул системаялда – перикардит, миокардит;  нервабазул системаялда – менингит, менингоэнцефалит, энцефалит, невралгия. Бичча-бихъан тараб гриппалдалъун хIинкъи букIуна тIаса унарел унтаби захIматаб хIалалде ккеялда.

 -Абула грипп лъабго батIияб тайпаялъул букIунилан…

 -Грипп гуро, гьелъул вирусал рукIуна: А, В ва С тайпаялъул. Гьезул батIалъиги ккола хисардизе бугеб гьунар (мутация). С тайпаялъул вирус хисуларо, гIатIидго тIибитIуларо ва гьелъ чIахIиял чагIи унтуларо. В тайпаялъул вирусги, къанагIат гурони хисардуларо, щибаб 4-6 соналдасан гьеб тIибитIула ва гIемерисеб мехалда гьелъ унтула лъимал. Бищунго хIинкъи цIикIкIараблъун рикIкIуна А/H1N1 тайпаялъул вирус: гьеб хисардула, цIиял тайпаби лъугьуна, щибаб 2-3 соналдасан тIибитIула, гьелъ гIисинал-чIахIиял батIа гьаруларо.

Гриппалъул вирусал хола ультрафиолеталъул чIораздасан, хлоралдасан, гьединго дезинфекция гьабулел жалаздасан. Гьел киналго хола 45 минуталда жанир 60 градусалъул багIари бугони.

 -Кин унтизе бегьулел гриппалъ?

 

— Аслияб къагIидаялда нилъ унтула лъималазул ахалда, школалда, транспорталда, гIемерал гIадамал ракIарараб бакIазда.

Гьеб инфекциялъул аслу ккола унтарав чи: гьес вирусал тIиритIизарула хъегIулаго, чинхъулаго, кIалъалаго, гьавадулгун хIацIуялъул тIирабаздалъун. Гьеб гуребги, вирус тIибитIула унтарас хIацIу яги лъамалъи тIад тараб тIагIелгIучIалдасанги. Масала, чинхъулаго, унтарас хъатица кIал бах чула, амма хадуб гьелъго нуцIа ра гьула, гIарац рикIкIуна… Гьездасан сахав чиясул кверазде ккола вирусал гъорлъ ругел хIацIул тIираби ва, расги лъачIого, гьел магIазукъалахъе щола.

 -Гриппалъул вирусал жанире ккедал, инсанасул чорхолъ кинаб хисабаси лъугьунеб?

 -Унтиялде дандечIей (иммунитет) мукъсанав чиясул магIазукъалазул клеткабазда рекIуна гриппалъул вирус. Хадуб гьеб лъугьуна клеткаялда жанибе ва гьениб гIемерлъизе байбихьула. Микьго сагIаталда жаниб гьелъул къадар цIикIкIуна миллион нухалъ. Гьелда абула инкубациялъул заманилан абун. ГIемерлъун ва къуват щун хадуб, вирусал магIазукъалазул клетка баздасан бидулъе лъугьуна ва гьез цIикIкIинарула чорхолъ заралиял жал. Унтиялде дандечIей цIикIкIараб черх бугони, вирусалъухъа бажаруларо бидулъ гIемерлъизе, гьединлъидал унти дагьдагьккун ссун уна.

Вирусал гIемерлъанагIан, цIакан цIикIкIуна, бетIер унтула, щекъер букарула, къалал чвахула… ТIоцебесеб иргаялда, гриппалъ кьаби щвезабула иммунитетал да. ГIисинал лъималазулги херал чагIазулги букIуна загIипаб имму нитет, гьединлъидал гьел гриппалъ хехго ва захIматго унтула. Грип палъул сезоналда лъималги хералги ине бегьуларо гIемерав чи вакIарараб бакIалде; унел ругони, гьурмада маска ххела – гьелъ вирусаздаса цIунула кIиго сагIаталъ, хадуб гьеб хисизе ккола.

 

 -Гриппалъ унтидал щиб гьабизе кколеб?

— Гриппалъ унтараб черхалъе къваригIуна къуват, гьединлъидал, цIикIкIуна квен бихIунаго кколел хиса-басиял (обмен веществ), гьел далъун черхалда сири бала. Гьеб ахIвал-хIалалда черх хинлъизабиялъе лъикIаб буго тIупакъан ва бухIараб лъелъ хIатIал лъун.

Гриппгун къеркьезе черхалда къуват бачIиналъе чара гьечIел тадбирал:

 чIезабила унтарав бусада хIалхьиялда вукIунеб къагIида;  дагь гьабила кванай, хасго белок цIикIкIараб ва бежараб квен, щайгурелъул гьеб бихIинабиялъе къваригIуна гIемераб къуват. Вакъани, кваназе ккола тIадагьаб, лъамияб квен;  унтарав вугеб рокъоб чIезабизе ккола вирусал чIвалел шартIал: гьомгьоллъи, 18-20 градусалъул хинлъи, 60-70 проценталдаса цIикIкIинчIеб риччел, цIияб гьава ва рацIцIалъи;  цогидал гриппалдаса цIуниялъул мурадалда, унтарасул гьурмада ххезе ккола маска, хъегIизе ва чинхъизе ккола чIартилъе, гьебги цо нухалда хIалтIизабулеб.

ХIалтIизаризе бегьула гIемерал витаминал, гьоцIо гъорлъ бугеб лъим, компот, гьанал гьагIу, ражи ва лимон.

— Кинаб тайпаялъул грипп дандчIвалеб бугеб исана?

— АN1H1 тайпаялъул. Гьелде данде гьабизе ккола вакцина.

— Тохтурзабаз малъула гриппалдаса цIуниялъе прививка гьабизе кколин, цо-цо гIадамаз абула гьелъул бицине гIураб пайда букIунарилан…

 -Гриппалъул сезон байбихьилалде кIиго моцIалъ цебе, щивав чиясул чорхолъе чара гьечIого биччазе ккола унтиялда данде чIолеб вакцина. Гьелъ 85-90 проценталъ гриппалдаса гIадамал цIунула ва унти инабула бигьаяб куцалда. ГIумру гьабун ругеб бакIалъул поликлиникабазда, росабазул ФАПазда прививка чIобого гьабула.

— МухIамад, гара-чIвариялъул ахиралда гриппалдаса цIуниялъе щиб малъилеб?

— Гриппалъ захIматго унтула херал, чакрил унти бугел, ракI, бидурихьал ва гьуърал унтарал чагIи. Грипп тIибитIидал, кIудияб къваригIел ккечIого, гIадамал ракIарарал бакIазде ине бегьуларо. БарахщичIого, кванилъ хIалтIизабизе ккола гьоцIо, бакъвараб курак, ражи ва лимон. Гриппалъул гIаламатал тIатиндал, пайда босизе бегьула Кагоцел, Ацелокоогцинум ва, бищунго лъикIаблъун рикIкIунеб Осильтамивир гIадал дарабаздаса.

Нури НУРИЕВ