27 январалда тIобитIизе кколаан ДРялъул Халкъияб Собраниялъул иргадулаб сессия. Амма гIезегIан депутаталги унтун ратун, февралалдалъагIан гьеб нахъбахъана. ЧIванкъотIун чIезабураб къо гьечIо жеги гьелъие.
Коронавирус тIибитIунгутIиялъе хIалтIи гьабизелъун республикаялда гIуцIараб оперативияб штабалъ 25 январалда къватIире кьурал хIужаби гьадинал руго:
69 853 – коронавирус букIин чIезабурал гIадамазул къадар (сордо-къоялда жанив тIаде вачIунев вуго 290 чи).
62 598 чи сахлъун вуго (сордо-къоялда жанив — 94 чи).
3 309 чи хун вуго (сордо-къоялда жаниб лъабго чи).
3 934 513 – республикаялда цIех-рех гьабун буго гьебщинаб тесталъул.
5 098 чи гьабсагIаталда изоляциялда вуго.
Гьеб ахIвал-хIалги хIисабалде босун, нижеца гьитIинабго гьикъа-бакъи гьабуна МахIачхъалаялда гIумру гьабулел цо-цо чагIазда гьоркьоб. Гьез бицунеб буго вакцинаялда хурхун жидерго пикру.
Рисалат, учительница:
— Дие кутакалда бокьун буго ревакцинация гьабизе. Гьелъие заман щола 13 февралалда («Спутникалъул» кIиабилеб компонент дица 13 августалъ гьабуна). ТIоцебе гьеб гьабулеб мехалдаги рукIана гIадамазул харбал, щакдараби. Гьоболлъухъ щвараб бакIалда вакцина гьабунин бициндал, гьедин батани, дуе хвезе кIиго сон хутIун бугилангицин абуна дида цо гIагарай гIаданалъ бадибе килищги битIун. Елъизейищ кколей, семизейищ кколеяли лъаларого, цIоро-гъорон дунги хутIана.
ПалхIасил, гьединалго харбал гьанжеги камулел гьечIо. БукIаниги, дица гьезухъ гIинтIамуларо. Дир гьудул йиго тохтур. Гьелъ мухIканго бичIчIизабуна дида щиб кинали. Ковидалъ чиясе кьолебгIанасеб гIазабищ гьеб вакцинаялъ кьелеб?
Дица дарсал кьолеб МахIачхъалаялъул школалда анцIго класс буго дистанционкаялда чIезабун. 18 учитель унтунги вуго. Гьединлъидал дицаги диего цIодорлъи гьабизе ккеларищ? Дида ккола гьадаб риидал гьабураб «Спутникалъ» йорчIун ккезаюнин дунилан. Гуреяни, некIого босной лъун йикIунаан. Лъолареб хIалги лъугьун гьечIелъулха аб шагьаралда.
Нуцалай, пенсионерка:
— Дица вакцина гьабуралдаса битIун лъагIел ана. ЦIидасанги гьабиладай-гьабилародайилан гьебилан ургъулей йиго, битIараб бицани. ТIоцебесеб нухалда дица гьеб Москваялде щведал гьабун букIана. Дир ясалъул яс йиго доя тохтурлъиялъе цIалулей. Валлагь, сверухъ гьабщинаб халкъ унтараб мехалда цо дагьабниги мегIер чвахараб жогицин ккечIо дие.
Дир васасни лъабцIул гьабуна вакцина. Гьев Сибиралда нарт бахъулеб бакIалда бригадирлъун хIалтIулев вуго. Справка къваригIунеб букIин гуребги, гьев кутакалда жиндирго сахлъиялда хадув халкколев васги вуго.
ГIалихIажияв, МВДялъул ветеран:
— БитIараб бицани, хIукуматалъул хъулухъалдаги гьечIелъул, лъицаниги тIалаб гьабуларого бугелъул, вакцина гьабичIого хутIана. Гьанже сахлъи щула гьабизе санаториялде ине бокьун буго, гьединлъидал гьеб гьабичIого тIуваларин ккола.
Дир ясалъ гьабуна вакцина. Гьей учительница ккола.
Марина, журналист:
— Дунги росги унтун рокъор руго гьал къояз. «Омикроналъ» унтун ругилан кколеб буго нижеда. Тестазул жаваб щвечIо жеги. Нижеца кIиязго вакцинаги гьабун букIана гъоркьиса риидал. ГьединлъидалгIаги батила, цо кутакалда гIарз бахъизе кколеб хIалалда гьечIо ниж, цо талихIалъ. Риидал «Спутник» гьабун букIинчIебани, гьанже нижее гьаб унти цIакъго захIмалъизе букIун батила.
ХIадур гьабуна
Зульфия ХIажиевалъ