Исана сонги ани, «зобги роцIун хутIани»…
Гъуниб районалъул Сугъралъа фронталде ана 300-ялде гIагарун чи. ТIадвуссана 140-яв
ВатIан цIунизе ана тIолабго улкаялъул гIолилалги хералги. ВатIан цIунизе лъабго-ункъо чи арабги хъизам букIана Сугъралъги. Рагъ байбихьилелдего советияб армиялда вукIана дир инсул вац Хазам Исупил ГIали. Гьес хъулухъ гьабулеб букIана Литваялда. Гьесул кагътал жеги нахъе цIунун руго, амма гьесул сипат-сурат дида лъаларо, нахъе цIунараб цониги суратги архивазда батичIо. Нахъе цIунун ругел кагътазда гьес хъвалеб буго: «Исана сонги ани, тIасиябги бачIани, «зобги роцIун хутIани», (гьелъул магIна дида гьанже бичIчIулеб буго: солдатазда махIчIвалеб букIун батила рагъулаб хIинкъи букIиналъул) хадусеб соналъ, ИншаАллагь, дун рокъове тIадвуссина», — ян. Гьаниб дие камураб жо гьечIо, цохIо гIурус мацI лъангутIи буго квеш ккараб иш. ТуманкI кьвагьиялъул рахъалъин абуни, командирги дие мукIурав вуго», — ян хъвалеб буго ГIалица.
Амма Аллагьас хъван букIун гьечIо инсул вацасе тIадвуссине. Гьес хъулухъ гьабулеб Прибалтикаялде рагъул тIоцебесеб къоялъго бомбаби рана тушманас. Рагъ байбихьаралдаса къотIун руго рокъоре рачIунел рукIарал ГIалил кагъталги. Ахирисеб кагъат бачIана 1941 соналъул 14 маялда Каунасалдаса. Лъаларо, гьенивго ракьулъищ гьев хутIарав, яги цониги вацлъиялъулал хабалалъ вукъунищ вугевали. Гьесул тIокIаб хабар лъачIо. Амма лъала, Расул ХIамзатовас хъвавухъе, «ХъахIал къункърабазул» кьеразулъ гьевги вукIин…
Гьев тIадвуссиналдаса лъадул хьулкъотIичIо 62 соналъ. ГIали армиялде ахIилелде кIиго моцIалъ цее ячун йикIана гьес Хадижат. Гьев армиялда хъулухъ гьабулев вукIаго, хвана лъагIел барай гьезие гьаюрай Написатги. ЛъугIана наслу. Амма лъугIичIо ва лъугIизе гьечIо гьезул хIакъалъулъ бицен ва гIагарлъиялда гьел кIоченаро.
1937 соналдаса байбихьун хвезегIан, 1999 соналъул ноябрь моцIалде щвезегIан щибаб къоялъ тIохил рагIалдеги яхъун, гьабсагIат ГIали тIадвуссине вугин пикрабазда, нухде балагьун йикIунаан гьесул лъади ГIалил Хадижат…
КIудияв вац ГIалил хабарги рагъ байбихьаралдаса нахъе тIокIаб бачIинчIого, 1942 соналъул июналда гIарзаги кьун, фронталде ана дир эмен — Исупил МухIамадги. Гьеб букIана фашистал Кавказалде – Моздок шагьаралде гIагарлъулеб заман. Доб заманалда дагъистанияздаса гIуцIун букIараб гIолохъабазул къокъа битIана Моздокалде. Гьезда гъорлъ вукIана дир эменги. Моздокалда гIагарлъухъ «Эльхоталъулаб каву» абулеб бакIалда кIиго моцIгIанаб заманалъ рагъулаб тунка-гIусиги ккун, советиял аскараз фашистал нахъе къазаруна. Абизе бегьула Кавказ цIуниялъул рахъалъ гьеб кIудияб бергьенлъи букIанилан. Гьайгьай, нилъер армиялъеги ккана чIахIиял камиял. МахIуги лъукъун, къвалакь гIунсбигун тIадвуссана дир эменги. Гьесие кьуна «Кавказ цIуниялъе гIоло» ва Бергьенлъиялъ 40 сон тIубаялда бан медалал. Эмен хвана 2000 соналда.
Рагъ байбихьилелдего армиялде ахIун вукIана дир инсул вацгIал Хачалов Ибрагьимги. Гьесги рагъул корониб бана чанго сон. Ибрагьим рокъове тIадвуссана капитанасул чингун, 1946 соналда. ХIалтIана Сугъралъ, Къорода, БацIада росабазул школазда тарихалъул ва магIарул мацIалъул учительлъун.
Дир инсул вац Исупил ГIалиго гIадин, Хачалов Ибрагьимги вукIана кьварарав, хIинкъи-къай гьечIев чи. Хвана 1978 соналда.
1943 соналда, 17 сон барав, жеги михъида хIур чIвачIев гIолохъанчи, Хачалов ГIабдулмажидги, гIумруялъул цо лъагIел цIикIкIинабурал документалги хIадур гьарун, гIарзаги кьун, ана фронталде. ТIоцеве гьев, цогидал гIолохъабиго гIадин, витIана Гуржиялъул Гори шагьаралде байбихьулал рагъулал хIадурлъабазде. Гьениб кIиявго вацасул — Ибрагьимилги ГIабдулмажидилги ккараб дандчIваялъулги бицун тела. Гориялда хъулухъ гьабулел гIолохъаби, гьездаго гьоркьов ГIабдулмажидги, рукIун руго пиво гьекъолеб цо бакIалда. Гьеб бакIалде тIаде бачIун буго патруль. Гьезул командир, капитан Хачалов Ибрагьимги, патрулалъул кIудияв хIисабалда. Ибрагьимица абун буго:
— Нуж гьанир щиб гьабулел, нужер рагъулаб часть киб бугеб, командир щив кколев? — ан ва цадахъ вукIарав кIиявго патруласде буюрун буго: «Гьезул документазухъ халгьабе ва ППЗялде раче», — ян. Ункъо соналъ кIудияв вац вихьун вукинчIев ГIабдулмажидица Ибрагьимида къвал бан буго…
Гьеб буго 1946 соналъул байбихьуда лейтенантасул чингун рокъове тIадвуссарав мунагьал чураяв дир вакьад Хачалов ГIабдулмажидица бицун букIараб лъугьа-бахъин… Рагъ лъугIун хадуб гIемерал соназ гьев хIалтIана «БагIараб байрахъ» газеталъул жавабияв секретарьлъун. Хвана 1994 соналда.
…Рагъдаса руссарал херал солдатал,
Сонал анагIан нуж дагьлъулел руго.
Гуллие къуркьичIел кьалул бахIарзал,
Кьерда чIезе гIурал хутIун гьечIо нуж…
Гьал руго ДРялъул ва Россиялъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан, журналист, поэт ГIабдулмажид Хачаловас Бергьенлъиялъ 40 сон т1убаялъул хIурматалда хъван букIараб «Херал солдатал» абураб кочIодаса мухъал. Жакъа гьезул кьерал хутIунго гьечIин абизе бегьула. ЦIаралин абуни абадиялъго хутIила.
ГIабдула Хазамов