Щуабилеб декабралда Каспийскиялда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ WOLNIK 7 турнир. Исана гьелда цере рахъана дунялалдаго цIар рагIарал, къуватал гугарухъаби. ХIатта Олимпиялъул чемпион Кайл Снайдергицин цеве вахъине кколев вукIана Каспийскиялъул ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спортивияб комплексалда. Амма дандияв, ГIалихан ЖабрагIилов унтиялда бан гугариялъул фанатал балагьун чIун рукIараб гьеб къеркьей букIинчIо. Гьанибго абун тела, Снайдер гугаризе вуго 10-12 декабралда Хасавюрталда букIине бугеб халкъазда гьоркьосеб турниралда.
ТIоцере ургуялде рахъана WOLNIK лигаялъул чемпион ГIиса Муталимовгун Северияб Осетиялдаса речIчIухъан Феликс Туаев. Гьел гугарана 28 кг цIайиялда. 16:2 хIисабгун бергьарав асатIинас дагъистаниясухъа лигаялъул чемпионасул рачел нахъе босана.
Гьездаса хадур цере рачIана Россиялдаго машгьурав речIчIухъан, «Лучше всех!» шоуялъул гIахьалчи МухIамадрасул МухIамадов ва Дагъистаналдаса цоги гугарухъан Эскандер Дагиров. Гьез къуват борцана 38 кг цIайиялда. Лигаялъул чемпионлъун МухIамадрасул вахъине вукIиналда лъилго щаклъицин букIинчIо. Амма Дагировасул гугариялъ комплексалда рукIарал хIикмалъизаруна. 8:0 хIисабгун къезавуна къуватав МухIамадрасул гьес.
Хадуб дагь-дагьккун ургуялде рачIине байбихьана чIахIиял цIайиязда гугарулел спортсменаз. 65 кг цIайиялда дагъистанияв, халкъазда гьоркьосел турниразул призер Рамазан Ферзалиев дандчIвана К а б а р д и н о -Б а л к а р и я л д а с а речIчIухъан, дунялалъул чемпионаталъул призер ИсмагIил Мусукаевгун. 5:7 хIисабгун хIалуцараб къеркьеялда чIел босана Мусукаевас.
Гьебго 65 кг цIайиялда дагъистанияв, дунялалъул чемпионаталъул мазгарул призер АхIмад Чакаев гугарана Туваялдаса спортсмен, гIолилазда гьоркьов дунялалъул ва Европаялъул чемпион Начын Кууларгун. Гьеб къеркьеялдаги 6:3 хIисабгун бергьенлъи босана нилъер ракьцояс.
79 кг цIайиялда дагъистанияв, халкъазда гьоркьосел турниразул призер Шамил МухIамадов дандчIвана Гуржиялдаса речIчIухъан, гIолилазда гьоркьов дунялалъул чемпионаталъул призер Николай Грахмезгун. 11:7 хIисабгун тIокIлъи бихьизабуна дагъистанияс.
Гьебго 79 кг цIайиялда гьаб нухалъ ургуялде рахъана ММАялъул речIчIухъаби, дунялалъул чемпионал дагъистанияв Мурад Мачаевгун чачанав Юсуф Раисов. Гьеб дандчIваялъул хIасил ккана 8:8, амма судияз бергьенлъи кьуна ахиралда балл босарав Раисовасе.
WOLNIK лигаялъул ахирисеб къеркьеялда Осетиялдаса гугарухъан, халкъазда гьоркьосел турниразул чемпион ва призер Хетаг Цаболов дандчIвана Америкаялъул Цолъарал Штатаздаса спортсмен, халкъазда гьоркьосел турниразул призер Жейсон Нолфгун. 9:16 хIисабгун асатIинасда тIад ракIчIараб бергьенлъи босана американас.