АхIулгохIалъул мажгитал

 

Тушманасда дандечIей гьабизе АхIулгохIги щула гьабулаго, Шамил имамас мажгитги бана гьениб. Гьеб бана ракьалда гъоркь, жанибе кIиго бакIалдасан балъгоял нухалги гьарун. Мажгиталде как базе гурелги, хIинкъи ккарабго, тушман гIагарлъулаго гуллидаса цIунун ва гIазу-цIад балаго гьелдаса рахчизе ракIарулаан. Гьеб букIана гIезегIан кIудияб рукъ.

    Амма гьелъул къисмат рагъухъанасулалда релълъараб ккана. АхIулгохIда рагъал халат рахъараб лъабго моцIгIан заманалда гьеб релълъун букIана гьитIинаб хъалаялда. Как балелги, рагъулелги, ярагъ хIадур гьабулелги цадахъ рукIунаан гьенир. Гьеб букIана рагъул сурсатазул складлъунги, бокIнилъ чIарбида букIана туманкIул харил кIудияб гохI ва аскIорго рукIана пахьги гъалайги жубан риун тIун гьарурал тункIил гуллби.

  1839 соналъул июналъул анцIабилеб къоялдаса байбихьун августалъул ахиралде щвезегIан АхIулгохIалъул мажгит, сордо яги къо батIалъи гьечIого, хIалуцун хIалтIулеб букIана. Гьужумалъ гIурусал рачIунеб рахъалда, парсил рагIалда бугеб гьеб сверана ракьулъ бахчараб ДОТалде. Гьенир чIарбида, харил гохIалда аскIор, цере гуллбузул гIисинал гохIалги гьарун, накабазда чIун вукIана 30 чи. Гьел рукIана тункIал цIолел чагIи. Зама-заманалдасан гьениве жаниве как базе вачIунаан имамги. Унтарал, лъукъарал рукIунаан къадазул ракьанда регун.

   Мажгиталъубе букIана, тIа­дехун абухъе, кIиго нух. Цо­яб букIана аскIоб бугеб гьи­тIинабго гохIдасан ва гьеб букIана цIакъ хIинкъи бугеб, нахъаса къотIичIого гIарада речIчIулеб гохI. Цояб букIана гъоркьехун, танкел ккараб, дагьаб цIунараб бакIалда. КIиябго бакIалда, хандакъалда жаниб, цере ракьулги ганчIазулги щобалги гьарун, гьезда тIасан тункIалги раккизарун, тушманасде кьвагьделевги вукIана 30 мурид. Гьез кьвагьи гьабурабго, туманкI кьолаан аскIов вугесухъе. Гьесги гьебсагIаталъ гьеб мажгиталда жанибе гьеб цIолезухъе босун унаан. Гьебги гьениб тун ва цIураб туманкIги босун, цо лахIзаталда тIад вуссунаан. Гьедин чIезабун букIана нахъаса къотIичIого гулла балеб ва кьвагьи къотIулареб низам. Кьвагьдохъаби зама-заманалдасан хисулаан, чIваразулги лъукъаразулги бакIалда чIагоял чIолаан.

  ГIурусал, муридзабазде дандеккун, чанго нухалъ цIикIкIун рукIана. Генерал Граббел 10 азарго солдатасда тIадеги, АхIулгохI бахъизе рачIана Таркиялъул Шамхаласул ва Мехтулиялъул АхIмадханил 3320 чи, жиде-жидер чукъбиги рачун Дагъистаналъул ханзабазул, бегзабазул ва феодалазул рагъухъаби. ЧIиркъатIисезулги гIещдерилги росабиги ракьалги солдатазул ва чуязул цIун рукIана. ТIолалго сверухъ ругел кIкIал-мухъазда, кьурабалъ гIарадаялъулги тункIилги кьвагьиялъул лъугIи гьечIеб дандерижи багъулеб рагIулаан.

  Лъабго моцIалъул нахъаса къотIичIел рагъаздаса хадурб гIемерав солдатги къурбан гьавун гIурусазда АхIулгохI бахъизе кIвана, гьенир къадаралде щвана 3 азарго муридзабазул цIикIкIарасел. АхIулгохIда шагьидлъана Сурхай, Хириясул ГIалибег, ГIаличул МухIума гIадал цIар арал бахIарзал. Мажгитги чIунтана.

  Амма АхIулгохIда букIана цогиги мажгит. Гьеб бана цIияб АхIулгохIда, Шамил имамасул бихьизабиялда рекъон, ГIалиаскар абурав азербайжанас. Гьесул хIакъалъулъ нахъе хутIун бугеб хабарги бицине бокьун буго.

  РикIкIад букIаниги, азербайжаназул халкъалъул, хасго диниял гIадамазул, кутакаб рокьиги рекIел цIайиги букIана гIурус империягун багъулеб Дагъистаналдехунги Чачаналдехунги. ГIицIго ракIазул цIайи букIин гуребги, гьезул гIемерисез гIахьаллъиги гьабуна Кавказалъул рагъазулъ. ЦIалдолезда лъала МухIамад Ярагъияс хадуб Дагъистаналда тIибитIизабураб тIарикъат босараб бакIги Азербайжан букIана. Гьесул асаралда гъоркьго рачIун рукIун ратизе бегьула Дагъистаналде ГъазимухIамад имамасда цадахъ рагъарал азербайжаналги. Имамасда цадахъ ахирисеб рагъда, гьесул колотIа шагьидлъарал гъазизабазда гьоркьовги кIиго азербайжанавги вукIанин абула.

 Ва гьале АхIулгохIда Шамил имамасда цадахъги вукIана, балагьараб мехалъ, ГъазимухIамадил заманалдаго вачIун вукIарав, Куба областалъул Захумгери росулъа, ГIалиаскар абурав, лъадилъунги нилъерай ячарав, азербайжанав. Гьев вукIана Накъшубандияб тIарикъаталъул чи, муршид, динияб цIали гьабурав гIалимчи. ЦIаларав чи вукIиналъищ яги цогидаб гIиллаялъищали Шамилица АхIулгохIда гьев тIамун вукIана чIварал гIадамал рукъизе ва лъукъаразе кумек гьабизе.

  АхIулгохI гIурусаз бахъараб мехалъ, чIаго хутIарав гьев, хвалдаса ворчIарав имамги валагьун, гьесда аскIове уна. Жиндаго кIвараб къагIидаялъ имамас гьев цIунулевги вукIун вуго, гьаб нухалъги аскаралде гъорлъеги вачинчIого. Шамилица гьесда гьарула, додин гIемерал шагьидлъарал гъазизабазул хобал ругеб АхIулгохIда цIияб мажгитги хIалтIизабун, хабалазул тIалаб-агъазги гьабун, хваразул рухIалги цIехон чIайилан. Гьевги разилъун вуго. Ва АхIулгохIде тIадги вуссун гьес малъараб гьабун буго. Къого сон бана гьес Дагъистаналда. Мажгиталдаги цIар букIана ГIалиаскарил мажгит абун. Кавказалъул рагъги лъугIараб, Шамил имамги Дагъистаналдаса араб мехалъ, ячун лъадигун гьев уна кIочон течIеб жиндирго ватIаналде. Ругел баяназда рекъон, ватIаналдаги ракI сасинчIого, лъадигун цадахъ гьев уна Маккаялде ва гьенив хун вуго.

  Гьединаб буго гIага-шагарго АхIулгохIда рукIарал мажгитазул тарих. АхIулгохIалъул бицен ккун бугелъул, гIемерисел нилъер гIадамазда лъалареб, XX гIасруялъул 20-30-абилел соназда ккараб цо баянги рехселин.

  Чанги сахав магIарулас къасд гьабуна АхIлгохIалда рукIарал минаби цIи гьаризе, гьенир батIи-батIиял хIалтIаби гьаризе, амма Совет власталъул соназда гьениб щибго гьабизе гьукъун букIана. 20-абилел соназул ахиралда жеги гьукъиялъул хабарги букIинчIого, ХIасан абурав пачаясул вукIарав полковникас – магIарулас къасд гьабула АхIулгохIда ах гьабизе. Гьес абулаан зияраталъ рачIарал гIадамазе квине пихъ букIине ва жиндиего кириялъе гьабулеб бугилан. Амма гьесда кинго кIвечIо АхIулгохIда гъутIби рекIинаризе, гьел рижичIо гьенир. Биги кьалбазде гъоркье тIун чIани гъутIби рекIунин абураб хабарги рагIун, Болъихъаги Шурасаги бочкаби цIураб би бачIинабун, гьеб тIунгицин гъутIби рижичIо. ПалхIасил, АхIулгохIда цониги гъветI гьечIо.