Психологияб хъулухъалъул загIиплъи

ДРялъул лъай кьеялъул министрасул ишал тIуралев ЯхIя Бучаевас «Дагъистаналъул правда» газеталъул редакциялда тIобитIана прессконференция. Гьениб бицана лъай кьеялъул идарабазда пашманал лъугьа-бахъинал ккунгутIиялъул мурадалда цIалдохъабазе тарбия кьеялъул рахъалъ гьаризе кколел тадбиразул хIакъалъулъ. Гьединаб данделъи тIобитIиялъе гIилла ккана МахIачхъалаялъул №51 лицеялда ккараб пашманаб лъугьа-бахъин. Гьелдаса хадуб, ДРя­ лъул бетIер Сергей Меликовасул тIадкъаялда рекъон, гIуцIун букIана ведомствабазда гьоркьосеб пачалихъияб комиссия. Гьелъ цIех-рех гьабуна цIалдохъабазда гьоркьоб рекъечIел ишал ккеялъе рукIарал гIиллабазулги, гьелъулъ школалъул педагогазги психологазги гьа- булеб букIараб хIалтIулги, тарбия кьеялъул рахъалъ цIалдохъабазул эбел-инсул букIараб хIаракаталъулги. Комиссиялъ тIобитIана дан- делъиги. Гьенире ахIун рукIана батIи-батIиял ведомствабазулгун жамгIиял гIуцIабазул ва идарабазул вакилзаби. Гьеб данделъиялда хIадурана ва къабул гьаруна республикаялъул школазда тарбия кьеялъул хIалтIи гIуцIиялъул рахъалъ малъа-хъваялги.

ЯхIя Бучаевас абуна пачали­ хъияб комиссиялъул данделъиялда хIукму гьабунин Психологиябгун педагогияб ва медицинаялъулгун социалияб кумекалъул центр ра- гьизе (ЦППМСП). «Гьединаб центр гьечIеб кIиго регион буго РФялда. Гьезда гьоркьоб Дагъи­ станги. Центр рагьизе буго Ума МуртузгIалиевалъул цIаралда бу­геб Республикаялъул социалиябгун захIматалъулаб адаптациялъул ва профориентациялъул централъ­ул кьучIалда. Централда кумек гьабизе буго захIматаб хIалалде ккарал, тарбия кьеялъулъ «жагъ­ аллъи» борчIарал лъималазеги, цIалдохъабазул эбел-инсуеги, школазул психологазегун социалиял педагогазеги.

Гьелде тIадеги, комиссиялъ хIадурана лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулезул аттестация гьаби­ ялъул рахъалъ цогояб регламентги. Гьелда рехсон руго цIалигун тарбия кьей гIуцIиялъулъ рукIине кколел цогоял къагIидаби. ГьабсагIаталда хIадурун бахъунеб буго тарбия кьеялъул регионалияб программаги», — ян бицана Я. Бучаевас.

Данделъиялда бицана гьабсагIаталда гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIал ккезабизе рес бугел, ай тарбиялъул рахъалъ гIунгутIаби халлъулел, цIалдохъабазул сияхI хIадуриялъул рахъалъ школазда цIакъ хашаб хIал бугин абун. Гьединаб сияхI букIарабани, гьелда гъорлъ цIарал рехсарал цIалдохъабазул хьвада-чIвадиялде кIвар кьелаанин школалъул хъара- вулзабазги, завучазгун педагогазги, психологазги. Гьеб мехалда дагьлъизе букIанила пашманал лъугьабахъиналгиян абуна министрасул ишал тIуралес. КватIичIого школазул психологазулги социалиял педагогазулги лъай камил гьабиялъул курсал гIуцIизе ругинги тIаде жубана гьес.

«Щивав учитель вукIине ккола психологлъунги. Заманалда бихьизе ккола гьесда цIалдохъанасе хасия­ таб гуреб хьвада-чIвади ва гьеди­ наб лъимералда хадуб тIадчIараб бербалагьиги букIине ккола. ГьабсагIаталда, абичIого гIоларо, школалде рачIуна вузалда загIипаб лъай щварал учительзаби. Гьединлъидал нилъеца, щиб гьабунги, школазда цIунизе ккола ригь арал ва цIикIкIараб хIалбихьи бугел учительзаби», — ян бицана Каспийск шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул нухмалъулей Лариса Абрамовалъ.

Къварилъи ккараб школалъулги цогидал лъай кьеялъул идарабазулги цIалдохъабазулгун ва гьезул эбел-инсулгун гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ данделъиялда бицана ДРялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул штаталда гьечIей педагог-психолог Аида МутIалимовалъ.

«ГьабсагIаталда гIуцIун буго психологазул къокъа ва гьел, мухьги босичIого, хIалтIулел руго психоло­ гияб кумек хIажатал гIадамалгун. ХитIабал гьарулел руго республика­ ялъул киналниги муниципалитетаз­ даса. ГIураб хIалтIи гьабулеб буго ДГУялъул Психологияб централъги – гьенибги гIуцIун буго кумекалъе хIажатазул гьитIинабго къокъа», — ян бицана гьелъ.

Дагьалъ цебе Москваялда тIобитIараб ТIолгороссиялъул классазул нухмалъулезул форумалдаги борхана цIалдохъабазе тарбия кьезе ккеялъул хIакъалъулъ суал. Гьениб абуна гьанжесел цIалдохъабазул эбел-эмен кколин 1990-абилел соназда гьарурал, ай жидеего букIине кколеб тарбия щвечIел, чаг1ийин абун. Министрасулгун букIараб данделъиялдаги кIвар бугеблъун рехсана цIалдохъабазул эбел-инсулгун гьабизе кколеб хIалтIи.

ЦIалдохъабазе тарбия кьеялъул рахъалъ лъикIаб хIалбихьи буго Каспийскиялъул «№15 школа» лъай кьеялъул централда. Гьелъул директор Шамил ГIалиевас гьадин бицана: «Жакъасеб гIелалъул аслияб гIунгутIи буго гIадада за­ ман чIвай ва социалиял гьиназулъе тIерхьин. Щиб гьабилебали лъа­ ларел цIалдохъаби машгъуллъула интернеталъул сайтазде. Гьениса щвараб лъаялъул заралги нилъеда киназдаго бихьула.

Дун вуго цIияб, ай исанасеб цIалул соналде рагьараб школалъул директор. Буго цо ичIабилеб класс. Гьенире рачIана шагьаралъул цо­ гидал школаз, битIахъего абуни, къватIире гъурал гIолилал. Щи­ баб къоялъ рагъулаан гьел цоцалъ. «Дун бищун цIакъав, къуватав, цеветIурав» абураб пикру букIана гьезул киназулго. Щиб гьабундай гьеб хIал хисизабилебан гIемер ургъана дун – гьарулел тадбиразул хIасилго кколеб букIинчIо. Иргадулаб гьатIанкъоялъ, гьел киналгоги рачун, дунго ана авлахъалде тирасверизе. Гьенир гIуцIун рукIана гьезие спортивиял тадбиралги. Гьелдаса нахъе тIубанго хисана гьеб класс.

Нижеца щулияб бухьен гьабун буго Югалъулаб Дагъистаналъул ГIолилазул союзалъулгун. Улкаялъ­ ул гранталъе мустахIикълъараб мехалда, гьез босун буго авлахъалъулаб лагералъе хIажатаб къайи-алат. Гьенир гьез гIолилал куцала гIадамал хвасар гьаризе ва спортивияб туризмалъе. Нижги хьвадула гьезухъе, цIалдохъабазул къокъабиги рачун.

ЛъикIаб ишлъун лъугьана школалде республикаялъул МЧСалъул спасателалги мадугьалихъ бугеб колледжалъул студенталги школалъул тадбиразулъ гIахьал гьари. Цадахъал ишаз квербакъула тарбия кьеялъе гуребги, школалъул гIумруялде цIалдохъабазул бербалагьи хисизабиялъеги.

ЦIалдохъабазул эбел-эмен кин рачIинарилел школалде? Ургъана гьелъиеги ва тIобитIана ГТО кье­ ялъул къо. Гьелда гIахьаллъун хадуб цо чанго чи вачIана аскIове, мухьги босичIого, цIалдохъабазе жидецаги дарсал кьелаанин абун (масала, гьедин гIуцIарал волейболалъулги футболалъулги секциял руго школалда гьанже)», — ян бицана директорас.

Кавсарат СУЛЕЙМАНОВА