Советияб заманалда Дагъистаналде хIалтIизе ритIун рачIарал гIурус учительзабаз кIудияб бакI ккола нилъер тарихалда. Дагьаб мехалъ хIалтIизеян рачIарал гIолохъанал учительзабазул чангиязе нилъер гIаздалал мугIрул лъугьана гIагараллъун, гьезда батана гьаниб жидерго къисмат. Гьезул цояй ккола Седакова Валентина Петровна.
Гьелъул гIажаибаб къисматалъул хIакъалъулъ дие бицана Валентинал яс Раисатица. Гьединго, гьелъул рукIарал цо-цо цIалдохъабазги рекIелъ рохелги пашманлъиги жубараб асаргун бицана жидерго хирияй Валентина Петровнаялъул хIакъалъулъ.
КьогIаб лъимерлъи
Валентина Седакова гьаюна 1929 соналда Тула областалъул Белев районалъул Старая Велична росулъ, мугIалимзабазул хъизамалда. Эбелалъ жиндирго лъимерлъиялъул хIакъалъулъ рицарал баянал, ракIалдещвеял мухIканго цIунун ругоан гьелъул яс Раисатица:
«Аваданаб ва талихIаб дир лъимерлъиялъул заманги тIолабго гIумруги кIалагъоркье буссинабуна рагъалъ. 12 сон букIана дир КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьараб мехалъ. Ракьхасало ниж рокъоса нахъе рахъинаруна, гьенире немцал рачIана. Гьебмехалъ ниж батIияб районалде гочине ккана. 1943 соналда хвана нижер эбел. Рагъдаса хадуй дун, 9 классги лъугIизабун, цIализе лъугьана Белевалъул педучилищеялде. МугIалимзабазул хъизамалда гIеялъгIаги батила, дида гьеб махщел гьитIинго берцин бихьулаан. 1952 соналда педучилище лъугIана. Ниж, гIолохъанал мугIалимзаби, СССРалъул батIи-батIиял бакIазде хIалтIизе ритIизе рикьа-къотIи гьабулеб букIана. Дица тIаса бищизе кколаан Сибирь ялъуни Дагъистан. Цинги инсуца къватIибе бахъана карта ва балагьана: киб бугеб Сибирьги Дагъистанги. Дагъистан гIагарда букIин бихьидал, инсуца абуна, дуца Дагъистан тIаса бищейилан. Ва гьединго гьес абуна мун цIакъ цIодорго йикIайин».
Къо-мех лъикI, гIурус ракь!
Салам, Дагъистан!
«Къо-мех лъикI, гIагараб Тула! Мун кидаго дир рекIелъ букIине буго. Дагъистан…Киндай дун къабул гьайилей рорхатал мугIрузги, кьварараб тIабигIаталъги, дагъистаниязги?»-гьединал пикраби ххенолел рукIун ратила поездалдаги рекIун Дагъистаналде ячIуней Валентинал ботIролъ. Гьелда киданиги ккун букIун батиларо рикIкIадаб Дагъистаналъул мугIрузда жиндихъ балагьун чIараб талихIаб къисмат бугилан.
Дагъистаналде щвейгун, гьел киналго учительзаби рачана Лъай кьеялъул министерствоялде. Гьениб гьабураб рикьа-къотIиялъул хIасилалда Валентина Петровна йитIана Хунзахъе. Гьедин, хасалихълъиялъул квачараб къоялъ щванин жий Хунзахъейин бицунаан гьелъ.
Хундерица жий цIакъ лъикI къабул гьаюнилан абулаан Валентинаца. Гьелъул хIеренго бицунеб гIурус мацI хехго хисана тамахго ва кIарчамго бицунеб авар мацIалъ, ругьунлъана росдал рукIа-рахъиналдеги. Валентина цIакъ аваданай, ракIрагьарай, гъорлъ йосарай гIадан йикIанин бицуна хундерицаги.
Гьелда цадахъ рачIун рукIарал цогидал учительзабазул гIемерисел мугIрузул кьварараб гьава-бакъги, росдал гIумруги данде ккечIого, гIемераб мех балелдего нахъе ана гьаниса.
Валентина Седаковалъул хIалтIулаб нух байбихьана Хунзахъ росдал школалдасан. Гьенив гьелда дандчIвала вукIинесев гIумрудул гьудул -школалъул завуч ГIаликулов МухIамад. Ва гьезул къисматал цолъула.
Цодагьал соназдасан гьей ГIараниб интернаталде хIалтIизе лъугьуна.
«Доб заманаялъ ниж хIурулъ тIерхьун хIалтIизе кколаан школалда. БатIи-батIиял росабалъа гьенире интернаталде цIализе рачIарал лъималазул цIакъ тIалаб-агъаз гьабулаан нижеца. Чвердезарулаан, гьезул гъизараб чурулаан, бихъараб букъулаан, битIахъе гьацIул гIучIал гIадин чIезарулаан. Ниж кида кьижулел рукIаралалиго лъаларо дида. Доб мехалъ гьанже гIадал шартIалги кирха рукIинел. Амма гьитIинго захIмалъи-къварилъи бихьиялъгIаги батила, дун кидаго хIалтIукьа хIинкъулароан», -илан гIемер бицунаан гьелъ жиндирго ясалъе.
Хадуб, ГIаликулов МухIамад Самилахъ хъутаналде школалъул директорлъунги витIун, гьенире рахъана гьел. Ва тIолабго гIумруялъ гьений хIалтIана Валентина Петровнаги. Гьелъие школаги лъималги цIакъ рокьулаан, цIалдохъабазеги гьей цIакъ къиматай йикIана.
«Дун цIакъ талихIай
чIужу йикIун йиго»
-Эбел цIакъ талихIай йикIана жийго мугIрузул ВатIаналда-Дагъистаналда хутIиялдасаги жиндирго къисматалдасаги. Коммунистазул кьварараб заман доб бугониги, инсуе ячIунеб мехалъ гьелъ босана исламияб дин. Хадубин абуни, цIарги хисана Муслиматилан. Жиндир бищунго кIудияб талихI-жий бусурманчIужулъун лъугьин бугин рикIкIунаан гьелъ кидаго. “Дун йикIана Валентина, лъугьана Муслиматлъун”-абулаан гьелъ.
Эбелалъе цIакъ рокьулаан росуцоял, магIарул мацIалъ гурого гьездаги кIалъалароан. Хундериеги гьей цIакъ йокьулаан, хасго гьелъул цIалдохъабазе. Жакъа къоялдаги, рихьанщинахъе бицуна гьез эбелалъул. Гьелъул цIалдохъаби зама-заманалдасан гьаюраб къо ялъуни учителасул къо баркун гьелъухъе щвезеги рачIунаанилан бицана Раисатица.
Нижер хирияй мугIалим
Цо чанго соналъ цебе, Самилахъалде щвезе унев вукIана дун. Маршруткаялде вахиндал, дида гьений гIодой чIун ятана кодор чIумалги ккун, Аллагь рехсолей Муслимат. ГIемераб мех балелдего гьение жание лъугьун ячIана цIикIкIараб ригьалъул чIужугIадан. НуцIил кIалтIа гIодой чIарай Муслимат йихьигун “Дир хирияй Валентина Петровна! Чан сонха мун йихьичIого бан букIараб”, -анги абун, гьей гьелда хурхун йиччан тана. Гьей чIужугIаданалъ Муслиматида бицана жий дур йикIарай цIалдохъан йигин. Ва Гъизилюрталде щвезегIан гьез рицунел ракIалдещвеязухъ гIенеккун хIайранлъун рукIана маршртукаялда гIодорчIанщинал.
Гьаб макъала хъвалагоги дун дандчIвана гьелъул рукIарал цIалдохъабигун.
-Муслимат (Валентина Петровна) йикIана нижер классалъул нухмалъулей. Гьелъ гIемераб рекIел хинлъи кьолаан цIалдохъабазе, нижееги гьей мугIалим цIакъго йокьулаан. Валентина Петровна нижеда кидаго магIарул мацIалъ кIалъалаан. Гьелъул букIана цIакъ кIарчамаб, хIеренаб мацI. Киданиги кIалъачIо гьей нижеда хъачIго, гьаракь борхун. Муслиматица кIудияб кIвар кьолаан нижелъ рухIияб рахъ куцаялде. ЗахIматалде рокьи бижизабиялъул мурадалда гIемерго рачунаан колхозалде хIалтIизе. Гьелъул нухмалъиялда гъоркь гIуцIараб нижер производствоялъул бригадаялъе тIоцебесеб бакIги щолаан кидаго. Гьарулаан сапарал, тадбирал.
Школа лъугIун ниж унеб къоялъ нижедасаги цIакъ гIодилей йикIана гьей. Гьелдаса хадуб гIемерал сонал ана, амма Муслиматги гьелъ кьурал дарсалги, гьелъул малъа-хъваялги кидаго нижер рекIелъ хутIана. Ниж гIемер щолаан гьелъухъе. Гьей йикIана унго-унгояй мугIалим, -ан ракIалдещвезаюна Муслиматил рукIарал цIалдохъабаз гьей.
КIудияб ВатIанияб рагъдаса хадуб цIидасан гIуцIулеб улкаялъе хIажат рукIана лъайги бажариги бугел гIадамал. Нилъер республикаялда гьединал гIелал куцаялъулъ кIудияб бутIа лъуна гIурус миллаталъул мугIалимзабаз. РикIкIадал магIарул росабалъ жидерго талихI батарал гьез, даимго мисалалъе мустахIикъаб лъалкIги, лъикIаб тарбия-лъай кьун куцараб жидерго наслуги тана Дагъистаналда.
МухIамад МАНАПОВ