ЧIахIиял хиялал, халатал хьулал

 

   Гьал къоязда Крымалъул Алушта шагьаралда тIобитIана Росси­ялъул Югалъул халкъазул культураялъулгун спорталъул ХII фести­валь. Лъабго къоялъ халат бахъараб гьелда гIахьаллъана 14 команда. 13 спортивияб тайпаялъул рахъалъ Дагъистаналъул командаялъул мухъилъ фестивалалда цеве вахъана 54 спортсмен: квер багъизаби, ба­скетбол, рачелалгун гугари, гиря борхи, тIадагьаб атлетика, столалда хIалеб теннис, квар цIай, чIорбутI речIчIи, мини-футбол, шахматал, шашкаби ва цогидабги.

 

ЧIорбутI речIчIиялъул рахъалъ Дагъистаналдаса спортсмен Шах­мир Гебедовасде вахарав спортсмен фестивалалда вукIинчIо. РакIчIараб бергьенлъиги босун, меседил меда­лалъе мустахIикълъана гьев.

Столалда теннис хIаялъул рахъалъ лъикIал хIасилал рихьизаруна Елена Тузовалъгун Темирлан Хасбулатовас. Командабазда гьоркьоб гьел кIиязго ккуна лъабабилеб бакI. Шашкаби хIаялъул рахъалъ кIиабилеб бакI щвана Убуша Ангряевасе. Гьебго спортивияб тайпаялъул рахъалъ ко­мандабазда гьоркьоб нилъераз ккуна ункъабилеб бакI.

Бищунго къуватабин цIарчIвараб квар цIаялъул рахъалъ Дагъиста­налъул тIаса бищараб команда къе­цазда финалалде борчIичIо. Гьелъие гIиллалъун лъугьана финалалъул бащдаб бутIаялда Ингушетиялъ­ул спортсменалгун къеркьолелъул нилъеразул цоясул чорхол лагаялъе жагъаллъи ккей.

Мини-футболалъеги мадар гьабулеб букIана дагъистанияз. Гьеб спортивияб тайпаялъул рахъалъ жи­дерго къокъаялда гьоркьоса къватIиреги рорчIун, финалалъул бащдаб бутIаялда Калмыкиялъул команда­гун хIалаго, 2:0 хIисабгун бергьунел рукIана нилъер футболистал. Амма, щиб ккарабали лъаларо, кIиабилеб таймалда жидерго кавабахъе жа­вабалъулаб кIиго гол биччана гьез. Пенальтиял кьабиялъул къецалдаги къуна дагъистаниял.

ПалхIасил, нилъераз фестива­лалда ккуна лъабабилеб бакI.

ТIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана фестивалалъул хважаинзаби -Крымалъул спортсменал. КIиабилеб бакI щвана Краснодаралъул тIаса бищараб командаялъе.

Фестивалалда ккарал хIасилаздаса жив цо тIубанго рази гьечIин бицана Дагъистаналъул команда­гун Алуштаялде ун вукIарав респу­бликаялъул Спорталъул министер­ствоялъул физкультураялъулгун спорталъул управлениялъул нух­малъулев Халитбег МахIачевас.

-РакIчун рукIана ниж нилъер командаялъе Крымалда тIоцебесеб бакI щвезе букIиналда. Амма ир­гадулаб нухалдаги бичIчIана спор­талда кинабго нилъее бокьухъе букIунареблъи. Нижее Алуштаял­да гIечIеб жо ккана цого-цо икъ­бал, спортсменазул чорхое кка­на жагъаллъаби. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, 14 командаялда гьоркьоб лъабабилеб бакIги гIураб бугин абулелги руго. Амма ниж хIасилаздаса тIубан рази гьечIо.

— Фестивалалъул даражаялъул, гIуцIа-къаялъул хIакъалъулъ щиб абилеб?

-ТIоцебесеб иргаялда, абичIого гIоларо, Алушта батана кутакалда берцинаб шагьар. Гьенире щвараб­го тира-сверана, хIухьбахъи гьабу­на. Дун вукIана эпидемиологияб ахIвал-хIалалда бан фестивалалде цо гIемерго гIадамалги рачIинарин, интересаблъунги букIинарин абун. Амма Крымалъул нухмалъиялъ гьелде кIвар кьун бугоан. Кинабго ана лъикIаб даражаялда.