ТарихчагIазул баяназда рекъон, цIар щиб абуниги, терроризмалъул гIаламатал кидаго рукIана. Машгьурав гIалимчи ва философ, насраниязулгун католиказул килисаялъ жидер мугIалимлъун рикIкIунев вукIарав Фома Аквинскиясцин бегьулеблъун рикIкIана халкъалъе вокьуларев нухмалъулев чIвазе кколин абураб пикру. ХIХ гIасруялда Россиялда рукIарал анархистазул рагIи билълъарав вакил, жигарав хIаракатчи Бакуниница рахъ кколаан цIияб, лъикIаб, гIадатияб халкъалъе пайдаяб гIуцIизе ккани, гьабсагIаталда бугеб гIуцIи тIубанго шущазабизе кколин абураб пикруялъул. Гьелъие хIажатал алаталлъунги гьес рикIкIунаан загьру, нус ва квар. ТIоцебесеб Дунялалъул рагъул заманалде (1914-1918 сонал) щвезегIан террор рикIкIунаан аслияб куцалда социалистиял пикрабазул ва хиялазул гIадамазе хаслъи бугеб ишлъун. Гьелдаса хадубги, ай граждан рагъул заманалда «багIаразгун» «хъахIаз» гьабулеб букIараб ишалдаги «террор» абун гурони батIияб цIар лъезе кинго рес гьечIо.
Советияб власть щулалъараб заманалда, цIакъго къанагIатал хIужаби загьирлъун гурони, нилъер пачалихъалда терроризмалъул махI букIунароан. Араб гIасруялъул 90-абилел соназдайин абуни нилъер гIумруялъулъе гьелъ риччана щулиял кьалбал. Къойилго гIадин рагIулеб букIана кьвагьа-гIанхъи, тIоритIулел рукIана хасал операциял…
Щай 90-абилел соназда ва 2000-абилелъул авалалда нилъер гьаниб тIегьазе байбихьараб терроризм? Кинал гIиллабаздалъун гьелъ бетIер борхараб? Нус-нус сонилаб хIалбихьиялда тIад бараб, ругьунаб рахънисан гIумру унеб пачалихъияб гIуцIи хIалтIулеб Европаялда гIемер хъинтIичIеб гьеб нилъер гьаниб тIибитIиялъе рукIанин ккола гьадинал гIиллаби. 70-ялдасаги цIикIкIун соналъ нилъеда лъалеб букIараб пачалихъ бихха-хочана къокъабго заманалда жаниб. ТIуна бухьенал, хвана низам, чучлъана хьулал. ТIаде щвана бокьараб гьабизе рес кьолеб жо абураб куцалда къабул гьабураб эркенлъи. ГIемерисев чи мехтизавуна гьелъул махIалъ.
Дол соназда ккарабщиналъул бицун хIалкIвеларо, амма абила гьеб гIезегIанго хъинтIанин Дагъистаналда, дир росдада ва дидаго…
Гьеб ахIвал-хIалалъ чара гьечIеблъун гьабуна 1992 соналъул 14 ноябралда Дагъистаналъул халкъазул II чрезвычайнияб съезд ахIи. Гьелъул хIукмабаз ва къабул гьабураб республикаялъул конституциялъ кьуна гIемералъе бичIчIи.
Аллагьасе рецц, нахъа тана гьеб заман, гIемерго чучлъана хIалуцин. Амма гьеб кинабго чIана цIакъго хираго. Сунде гIолоялицин лъачIого гIемерал гIолохъабаз гIадада хвезабуна гIумру, лъилали лъаларел хIаязул хIасилалда хвана ракълилал гIадамал, чIунтана магIишат. Аллагьас тIокIалъ бихьизе хъван батугеги нилъеда гьединаб заман.
Гьанжениги лъугIанин кьвагьа-гIанхъиял, парахалъанин ахIвал-хIал абун ракIалде ккун лъугIилалде, нахъеги камуларо рахIатхвеялъе, ургъалие цо-цо багьанаби. Иргадулаб гьединаб лъугьа-бахъин ккана 10 сентябралда. Гьеб къоялда Буйнакск районалъул ракьалда лъазабун букIана КТО (террористазда данде гьарулел хасал тадбирал). Гьелъул хIасилалда, Талги поселокалъул рагIалда чIвана, кверде вачIине инкар гьабурав, кIиго хъачагъ. Гьеб ккана исана соналда жаниб лъазабураб кIиабилеб КТО, март моцIалда тIобитIаралъул хIасилалда чIван вукIана цогидав.