2020 соналда гурхIел-рахIмуялъул фондазде ва социалиял гIуцIабазде, банкалъул картаялдаса гIарац битIиялъул рахъалъ Россиялъулго регионазда гьоркьоб ункъабилеб бакIалда буго Дагъистан. 2019 соналдайин абуни 13-абилеб бакIалда букIана, дагъистанияз 14,5 азарго нухалда битIун буго гIарац. Гъоркьиса — 90 азарго нухалда битIун буго. ЦIикIкIунеб буго гурхIел-рахIмуялъул фондаздасан гIадамазе кумек гьабулезул къадарги. Гьелдаго рекъон, цIикIкIунел руго гIадамазул лъикIлъиялдаса пайдаги босун, хIилла-рекIкI гьабулелги. ГурхIел-рахIмуялъулъ дандчIвалел хIиллаял ишазул ва гьездаса кин цIунилелали бицун, дагьаб цебегIан МахIачхъалаялда тIобитIана данделъи.
ХIиллачагIаздаса цIунулеб проект
Мискиназе, пакъиразе, унтаразе ва гIумруялъул цогидалги балагьазде ккарал гIадамазе кумек гьабун гурхIараз бакIарулеб гIарац цо-цо хIиллачагIазул чунтбузухъе кколеб бугин ва гьелдаса цIунизе кколин бицана данделъиялда.
— ГурхIел-рахIмуялъулъ хIилларекIкI гьабиялъул хIужжаби жакъа гIемер дандчIвалел руго. ГIадамаз бакIарараб гIарац хIиллачагIазухъе кколаредухъ, хIалтIи гьабулеб буго нижеца ахираб ункъо соналда жаниб. ГурхIел-рахIмуялъул гIуцIаби ва хIиллачагIи ратIа рахъулеб куц гIадамазда бичIчIизабизе ккола. Хасал гъутухъазда жанибе ва пуланав чиясул картаялде реххулеб гIарац кибе унеб бугебалиги пикру гьабизе ккола, — ян абуна «Все вместе за разумную помощь» абураб проекталъул нухмалъулей Анжелика Ивановалъ.
Данделъиялда гIахьаллъарал жамгIиял ва социалиял гIуцIабазул вакилзабаз, блогераз, бизнесменаз ва цогидазги республикаялда гурхIелрахIмуялъулъ хIилла-рекIкIалде данде къеркьеялъул хасаб хIалтIулаб къокъа гIуцIизе хIукму гьабуна. Гьединал такъсирал гьукъиялъе цо чIараб къагIида гIуцIизе ракIалде ккана гьезда.
— Цебехун нижеца гIуцIун букIана «Доброфон» абураб проект. Гьеб ккола Дагъистаналда ругел гурхIелрахIмуялъул аслиял фондал: «Инсан», «Надежда» ва «Чистое сердце» фондаз кумек гьабулел гIадамазул цойиде буссинабураб электроннияб база. Гьенире руссинарун руго цо нухалъниги гьел фондазде кумек гьарун рачIарал гIадамазул хIакъалъулъ киналго баянал. Гьелдалъун нижеда бажарула цо чиясе чанго батIияб фондалдаса кумек гьарулезул хIилла-рекIкI тIатинабизе, — ян бицана «Друзья милосердия» Дагъистаналъул гурхIел-рахIмуялъул фондазул ассоциациязул нухмалъулев Тимур ХIажижараевас.
Божилъи гьечIел фондал
ГурхIел-рахIмуялъулъ хIиллачагIи щалха кколел? ГIадатиял гIадамаз гурхIел-рахIмуялъеян кьолеб гIарац хIиллачагIазухъе кин кколеб? Гьединал суалазе баян кьолеб буго гурхIел-рахIмуялъул фондазул ассоциациялъул нухмалъулесги, цогидал жамгIиял хIаракатчагIазги.
ХIиллачагIаз хIалтIизарулел къагIидабазул цояблъун ккола, гьезего гьечIеб унтудаса «сах гьаризе» гIарац бакIари, яги унго-унгоги унтун, ялъуни цогидаб балагь-къварилъиялъукье ккун, хIажаталдасаги цIикIкIун гIарац бакIари. Дагъистаналда руго цо-цо щакал гIуцIабиги, гурхIел-рахIмуялъе гIарац бакIари бизнеслъун жидее лъугьарал. Нилъеда гIемер рихьула батIи-батIиял гурхIел-рахIмуялъул фондаз Интернеталдаса тIиритIизарулел, гIадамазул ракI гурхIизабулел видеороликал.
— ГурхIел-рахIмуялъул цо-цо гIуцIабаз, къварилъиялде ккун кумек гьарулел гIадамал, киналго гурхIиледухъ, камераялда цере гIодизе тIамулел руго. Гьединал гIуцIабаз социалиял гьиназда, «Дагъистаналъул пабликазулгун къотIи-къайги гьабун, тIиритIизарулел руго кумек хIажатазул хIакъалъулъ рахъарал видеороликал. Гьезги щибаб ролик тIибитIизабуралъухъ гIарац босулеб буго, гурхIел-рахIмуялъе бакIарараб гIарцудаса, — ян бицана данделъиялда ХIажижараевас.
Божизе бегьулел, хIилла-рекIкI гьечIел гурхIел-рахIмуялъул фондазин абуни гIарац бакIаризелъун Интернеталда тIиритIизарулел видеороликазухъ яги цогидаб информациялъухъ гIарац кьоларо. Гьезие рекламаги хIажалъуларо.
Унтаразе кумекалъе гIарац бакIарулелъул ва гьезие дандекколеб медицинаялъулаб кумек гьабулелъулги дандчIвазе рес буго хIиллачагIи. Гьединал гьоркьохъабаз жидеего хайирги гьабун, кколелдаса цIикIкIун абизе рес буго операциялъухъ яги цогидаб хъулухъалъухъ гIарац. «Друзья милосердия» ассоциациялъ гIуцIараб «Врачи надежды» абураб проекталда рекъон, унтараздаги медицинаялъул гIуцIабаздаги гьоркьохъаби гьечIого тIубалеб къагIида хIалтIизабулеб буго. Гьеб проекталда рекъон, унтаразул ва медицинаялъул гIуцIабазул цIех-рех гьабула, унтарав сах гьавизе кигIанасеб къадаралда гIарац хIажалъулебали хIисаб гьабула.
ГIантал чагIи гьечIони, гIакъиласе боцIи киса щвелеб?
Россиялда буго кинабниги 13000 гурхIел-рахIмуялъул фонд. 2020 соналда гурхIел-рахIмуялъул фондазде гIарац кьун буго, улкаялъулго гIадамазда гьоркьор 49 проценталъ. Дагъистаналдаги гурхIел-рахIмуялъул фондал дагьал гьечIо. Щай гьел къойидаса къойиде цIикIкIунел ругел? ГурхIелрахIмуялдаса кинаб хайир гьезие щолеб?
Законалда рекъон, гурхIелрахIмуялъул фондазде гIадатиял гIадамаз бакIарараб гIарцудаса бутIа хIалтIизабизе бегьула гьел фондазул вакилзабаз. Жидеца гьабураб хIалтIухъ яги гьелъие хIажатаб къайи босизелъун хIалтIизабизе бегьула фондалде бакIарараб гIарцудаса 20 процент. Цо-цоязе гьебги гIечIого, пуланав чиясе гIарац бакIарулеб бугинги абун, гьесие дагьабго гIарацги кьун, зама-заманалдасаги бакIарула гIарац. Унтараб лъимадул суратал хIалтIизарулел руго чанго нухалда. ГурхIел-рахIмуялъе бакIарулеб гIарцуда хадуб халкколеб ва хIиллачагIазе тамихI гьабурал хIужжабиги гIемер гьечIо нилъер улкаялда.
ГурхIел-рахIмуялъул фондалде гIарац кьолелъул, гьеб кумек хIажатасул кодобе щвезе букIин кин лъазе кIолеб? Нилъеца кьураб садакъа хIиллачиясул чвантинибе ккечIого букIине, щиб гьабизе кколеб? Мискин-пакъирасе кумекалъе гIарац битIулаго, кин цIодорлъи гьабизе кколебали малъулеб буго ракIбацIцIадго хIалтIулел гурхIелрахIмуялъул фондазул вакилзабазги.
Пуланав чиясе кумекалъе хасаб счеталде яги банкалъул картаялде нилъеца битIараб гIарац – гьеб счеталъул бетIергьанасе кьураблъун рикIкIине бегьула. Гьединлъидал лъикIал фондаз жидерго хIалтIухъабазул хасал картабазде гIарац бакIаруларо.
Мадарал фондаз транспорталда яги къватIазда хьвадун киданиги гIарац бакIаруларо.
Хасал гIадамазе яги фондалде гIарац кьолелъул, сундуе гьеб кьолебали хъван битIизе ккола. Гьелдалъун нилъехъа бажарула, гьенибе битIараб гIарац кибе арабали хал гьабизе.
Фондалде гIарац битIилалде, халгьабизе ккола гьеб пачалихъалда цебе хIисаб кьолеб идара бугищали. Гьеб кинабго батизе бегьула Интернеталда.
П. СУЛТIАНМУХIАДОВА