ГIАЙНАЪ ХIАМЗАТОВАЛЪУЛ ТIОЦЕБЕСЕБ ШАПАКЪАТ

 

 

    «Россиялъул хъахIал къункъраби» абураб Халкъазда гьоркьосеб проекталъ данде росана «Парад литератур» абураб конкурсалъул хIасилал.

    Гьелъул мурад буго Россиялда гIумру гьабулел халкъазул миллиял мацIазулгун литературабазул рахъкквей.

   Конкурсалда бергьарал дагъистаниязе шапакъатал кьезе МахIачхъалаялде, Театралъул поэзиялде вачIун вукIана проекталъул нухмалъулев, поэт Сергей Соколкин.

«За укрепление межнациональной дружбы и пропаганду непреходящих базовых ценностей народов Российской Федерации» абураб номинациялда «Россиялъул хъахIал къункърабазул» орден щвана журналист ва жамгIияй хIаракатчIужу ГIайнаъ ХIамзатовалъе.

    Жиндие щвараб тIоцебесеб шапакъат бугин абуна гьелъ, гьеб орденги къабул гьабулаго.

      «Гьаб шапакъаталъул кIудияб кIвар буго дие. ТIоцебесеб ирга- ялда, гьелъулъ буго Россиялъул гражданазда гьоркьоб рекъел щулалъизабиялъул, улкаялъул регионалги тIолабго Россияги социалиябгун политикияб рахъалъ церетIезариялъул магIна. РакIчIун абизе кIола, гьеле гьеб кинабго букIана ва буго дир гIумруялъул мурадго. КIиабизе бугони, нилъеца гьабулеб хIалтIуе къимат цогидаз кьолеб мехалда, бокьарав чиясе лъикIаб асар гьабиларищха. Гьедин къабул гьабуна дицаги гьеб шапакъат», — ан бицана ГI. ХIамзатовалъ.

    «ХIакъикъат» газеталъул коллективалъ ракI-ракIалъ баркула ГIайнаъ ХIамзатовалда шапакъат. Гьарула хадурккун жеги кIудиял бергьенлъаби ва гIумрудулъ икъбал.