Кавказалъул цагъур бечелъизе санагIалъаби

 

     15 июналда Пятигорскиялда. РФялъул хIукуматалъул нухмалъулев Михаил Мишустинил нухмалъиялда гъоркь данделъун рукIана Северияб Кавказ социалиябгун экономикияб рахъалъ цебетIеялъул суалазул рахъалъ гIуцIараб хIукуматалъул комиссиялъул вакилзаби. Гьелда гIахьаллъи гьабуна республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасги.

       Северияб Кавказалъул ре­спубликаби церетIеялъул мура­далда, ахирал соназда къабул гьарурал хIукуматалъул програм­ мабаз разияб хIасил кьечIин абуна хIукуматалъул премьерас. Гьедин­ го гIемер ругила тIурачIого хутIарал масъалабиги:

   — Масала, Кавказал­ да руго гIемерал гIолохъаби, амма гьечIо хIалтIизе бакIал. ХIалтIи гьечIезул къадар тIадеги цIикIкIана коронавирус сабаблъунги. ТIолабго улкаялда бугеб хIалалъухъ бала­ гьани, Кавказалда хIалтIи гьечIого ругезул къадар цIикIкIун буго 2,5 нухалъ.

     Гьединго гIемер руго инфраструк­тураялъул рахъалъ гIунгутIабиги. Нухазулгун коммуналиял хъулухъазул рахъалъ загьирлъарал гIунгутIаби цIикIкIун гурони дагьлъулелги гьечIо. Экономикаялъул рахъалъги Северияб Кавказалъул республикаби церетIун ругин рихьизарулел тарихал, цогидал регионазде дандеккун, мукъсанал руго.

    Амма бищунго аслияб гIунгутIилъун буго, масала, Северияб Кавказалъул республикаби федералияб тIалъиялъ кьолел дотациялъул гъурщазда рараллъун хутIи. ХIажат буго гьел регионал жалго жидецаго хьихьулел ресал ралагьизе, — ян абуна М. Мишустиница.

     Северияб Кавказ цебетIеялъе ругел ресазда гьоркьор гьес рехсана росдал магIишатги, гьединго туризм цебетIейги.

     — Кавказалъул экономика цебе туркIизабизе бищунго къуват бу­геб бутIалъун дица рехсела туризм. ЦохIо Россиялдаса гуребги, къватIисел улкабаздасаги гьалбал къабул гьаризе кIудиял ресал руго жакъа нужер. ЦохIо риидал гуребги, хасалоги туристазе санагIалъаби чIезаризе шартIалги квегIенлъабиги руго гьанир.

    Гьединго экономикаялда рухI речIчIизабизе рес бугеб бутIалъун дида бихьула росдал магIишатги. ПастIадул нигIматги, пурчIинаги ва цогидабги бекьизе бегьулел ра­кьал руго нужер. Росдал магIишат цебетIолеб буго. Мисалалъе, гъор­ кьиса пихъилгун пастIабазул нигIматал ракIариялъул рахъалъги Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистаналъ ккуна тIоцебесеб бакI. Амма бугелда гIей гьабун чIезе бе­ гьуларо, хIажат буго хIалтIизе ва экономика бечед гьабиялъе цIиял ресал ралагьизе, — ян абуна РФялъул хIукуматалъул премьерас.

      Гьединго Мишустиница бицана Кавказалъул республикабазда кови­ далда сверухъ лъугьун бугеб ахIвал- хIалги.

    — Гьеб унтудаса нилъго цIунизе бищунго лъикIаб нух жакъа буго вакцинация. Президент Путинил тIадкъаялда рекъон, улкаялда киса- кибего унеб буго чIобого привика гьабиялъул тадбир. Гьеб ресалдаса пайда босе нужецаги. Вакцина гьабиялъул иш тIаса-масаго тоге, — ян абуна М. Мишустиница.

     Гьединаб букIана Пятигорскиялда Михаил Мишустиница тIобитIараб данделъиялъул къокъаб хIасил. Гьелда тIасан жиндирго пикраби загьир гьаруна Сергей Меликовасги. ХIукуматалъул нухмалъулес цере лъурал масъалаби кIвар бугел ругин Кавказ цебетIеялъеян абуна гьес.

 

Ашахан ЮСУПОВ