Гугарухъаби тIад руссана бергьенлъабигун

    Анлъго меседил, кIиго гIарцул ва командабазда гьоркьоб тIоцебесеб бакI — гьединал хIасилалгун тIад руссана Россиялъул гугарухъаби Вар- шаваялда букIараб Европаялъул чемпионаталдаса. Гьенир меседил ме- далазе мустахIикълъана ГIабасхIажи МухIамадов (61 кг), Загьир Ша- хиев (65 кг), ГIизраил Къасумов (70 кг), ГIалихан ЖабрагIилов (87 кг), Артур Найфонов (86 кг) ва МухIамад Къурбанов (92 кг). ГIарцул медалалгун тIад руссана Начын Монгуш (57 кг) ва Сергей Козырев (125 кг).

    Къецазул тIоцебесеб къоялъ финалалда 13:2 хIисабгун Польшаялдаса спортсмен Кшиштоф Беньковскийги къезавун, гIолилазда гьоркьоб дунялалъул первенствоялъул чемпион Загьир Шахиев Европаялъул чемпи- онаталда мустахIикълъана меседил медалалъе. Гъоркьиса Россиялъул чемпионаталда Олимпиялъул чемпион Сослан Рамоновги къезавун, лъабабилеб бакIги босун букIана Загьирица.

    Гьебго къоялъ, цевеккун 92 кг цIайиялда цеве вахъунев вукIарав ва Европаялъул чемпионаталда цебе 97 кг категориялде вачIарав ГIали ЖабрагIилов финалияб речIчIиялда дандчIвана Турциялдаса спортсмен Сулейман Караденизгун. Ахирисел секундазда дандиясе кIиго балла­лъул приемги гьабун, 6:4 хIисабгун вахъана гьев Европаялъул чемпионлъун.

    Чемпионаталъул кIиабилеб къоялъ 61 кг цIайиялда финалияб къеркьеялда ГIабасхIажи МухIамадов дандчIвана Украинаялдаса речIчIухъан Андрей Желепгун. 12:2 хIисабгун ракIчIараб бергьенлъи босана дагъистанияс дандиясда тIад.

    70 кг цIайиялъул категориялда финалияб къеркьей букIана хIалуцараб. Гьелда ГIизраил Къасумов дандчIвана Азербайжаналдаса атлет Туран Байрамовгун. 1:0 хIисабгун къолев вукIарав дагъистанияс, кIиабилеб периодалда чанго приемги гьабун, лъабго балл бахъана азербайжаналъуласухъа. ПалхIасил, нилъерас бергьенлъи босана 3:1 хIи­сабгун.

    Северияб Осетия-Алания республикаялдаса гугарухъан Артур Найфоновасги течIо данде вазе чиго. 86 кг цIайиялда финалалда гьес 8:0 хIисабгун къезавуна гIезегIанго къуватав гугарухъанлъун рикIкIунев гуржияв Сандро Аминашвили. Гьедин Артур лъабабилебги нухалъ вахъана Европаялъул чемпионлъун.

      МухIамад Къурбанов 92 кг цIайиялъул категориялда финалалда гугарана Швейцариялдаса атлет Самюэль Ширрергун. 4:1 хIисабгун къезавуна нилъерас дандияв.

     Эркенаб гугариялъул рахъалъ Варшаваялда букIараб Европаялъул чемпионаталда цере рахъунелъул Россиялъул тIаса бищараб командаялъул мухъилъ исана бищунго къуватал рукIанин абизе бегьиларо. Тренераз гьенир гIахьаллъизе ихтияр кьун бугоан дагьал гIолохъанал, хIалбихьи гьечIел спортсменазе. Амма, кин букIаниги, анлъго меседил медаль дагь гьечIо ва улкаялъул командаялъе Европаялъул чемпионаталда цебе бахъиналъухъ, дир хIисабалда, лъезе бегьула щуйил къимат.

     Европаялъул чемпионаталда ккарал хIасилаздаса жив рази хутIанин бицана эркенаб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул тIаса бищараб командаялъул бетIерав тренер ХIажи Рашидовасги.

      — Кинабго лъикI ана ва хIасилаздаса рази вуго. Пашманлъана 74 кг цIайиялда Франк Чамизогун гугарулаго Разамбек Жамаловасул гъежалъе жагъаллъи ккеялдаса. Амма, щиб гьабилеб, спорталда гьединал ишал ккола. Рокъоб къадазги кумек гьабулин абуларищха, поляказ гьаб нухалда нилъеразда гIезегIан дандечIей гьабуна. ЛъикIал цере рахъинал рукIана Загьир Шахиева- сул, ГIабасхIажи МухIамадовасул, МухIамад Къурбановасул, — ан бицана ХI. Рашидовас.

   — КватIичIого Красноярскиялда букIине бугеб Иван Ярыгинил турниралда щал гIахьаллъизе ругел?

    — Гьелда гIахьаллъизе ругел спорт­ сменазул сияхI жеги тасдикъ гьабун гьечIо. Амма, хIакъаб жо, нилъер команда бищунго къуватаздаса данде гьабураб букIине гьечIеблъи. Щайгурелъул, гьенир бергьарал атлетал я Олимпиялъул хIаязде, ялъуни дунялалъул чемпионаталде ритIизе гьечIо. Исана Олимпиялъул сон бу­ кIинги хIисабалде босун цогидал пачалихъазги гьенире жидерго ко- мандабазул аслиял гугарухъаби ритIи щакаб жо буго. Нилъеца рес кьела гIолохъанал, хIалбихьи дагьал спортсменазе.

   Варшаваялдаса тIад руссун рачIу­нел гугарухъабазда дандчIвай гьабизе вачIарав ДРялъул спорталъул министр Сажид Сажидовас гьадин абуна:

    — Гугарухъабаз Польшаялда рихьизарулал хIасилаз бицуна эркенаб гугариялъул рахъалъ республикаялъул тIаса бищараб командаялъул тренераз, федерациялъ ва министерствоялъ хIалтIи битIун гIуцIун букIиналъул хIакъалъулъ. Исана сон бигьаяб гьечIо. Цере руго Олимпиялъул хIаял. Гьарула мустахIикъаб къагIидаялда цере рахъине сахлъи ва тавпикъгун къуват.

   Темирхан ХIАСАНОВ