Бича-хисиялъул ва кванагьекъеялъул бакIал рагьулел рукIиналъул гурони, цо щиб бугониги гьабулеб ва гIуцIулеб производствоялъул предприятие рагьиялъул хабар къанагIатги рагIуларо. Гьеле гьединал, ай къанагIатазда гьоркьоб буго Каспийск шагьаралда аскIоб, «Уйташ» инвестмайданалда хIалтIизе биччараб, басрияб, хвараб пленкаги бакIарун, гьелъул гранулал гьарулеб «ДагПолимер» завод. 2020 соналда Дагъистаналъул экономикаялъул бищун кIвар бугеб 10 лъугьабахъиналда гьоркьоб тIоцебесеб бакIги ккун букIана гьелъ.
Гьенире щварал ниж дандчIвана заводалъул генералияв директор, Шамил районалъул КъахIиса МухIамадов ГIарипгун ва гьабуна гьединаб гарачIвари.
-ГIарип, бокьилаан заводалъул аслияб хIалтIул хIакъалъулъ бицани…
Заводалъул аслияб хIалтIи ккола басрияб, ай хIалтIизабураб полиэтиленалъул пленкаги бакIарун, гьеб батIибатIиял тайпабаздеги бикьун, чурун, бацIцIад гьабун, хъурун, къачIан (гIагашагарго 10гIанасеб операция гьабула) гьелъул гIисинал гранулал гьари. Гьезул нижеца гьабула цIияб пленка, рогIрал ва пластмассалъул цIарагI гьабизе босун уна цоги гIуцIабазги. Республикаялда цIакъго гIемераб, ай лъицаниги хIалтIизабулареб пленка букIинги, промышленнияб къагIидаялда гьеб къачIалеб цониги предприятие гьечIеблъиги хIисабалде босун, гъоркьиса нижеца хIалтIизе биччана 21 чиясе хIалтIизе бакI бугеб завод.
-Лъил квербакъиялдалъун гьеб бараб?
Гьеб баялъе кумек гьабуна пачалихъалъ. Кинабго хIалтIи гIуцIана ва нухда бачана ДРялъул Экономикаялъул ва территориалияб цебетIеялъул министерствоялда, Каспийск шагьаралъул администрациялда ва нижер заводалда гьоркьоб хъвараб къотIикъаялда рекъон. Каспийск шагьаралъул администрациялъ нижее кьуна (тендералдаги гIахьаллъун) цо гектар ракьалъул. «Даглизингфонд» гIуцIиялъул кумекалдалъун босана гIемерисеб оборудование. Мина баялъул иш тIубана нижецаго.
Заводалда хIалтIизе лъураб гIемерисеб алаткъайи буго Китаялда гьабураб. Гьеб Европаялъулаздаса къурабги гьечIо.
-Кин данде гьабулеб басрияб пленка? Гьеб къачIаялъе химия хIалтIизабизе кколищ, ай тIабигIаталъе заралияб производство бугищ гьаб? ХIадур гьабураб продукция бичун бажарулищ?
Нижер руго гьеб бакIарулел хIалтIухъаби. Руго бакIарун нижехъе босун рачIунелги, ай 1520 гъурщиде килограмм гьабун. Нижер производствоялда химиялъул препаратал хIалтIизаруларо, гранулаби гьарула басрияб пленка цIикIкIараб хинлъиялъ биинабун. ТIабигIаталъеги кинабгIаги зарал гьечIо. Гьелъул гIаксалда, нуснус соназ ракьулъ турулареб, кисакибго хъублъи тIибитIизабулеб басрияб пленка бакIариялдалъун нижеца тIабигIат цIуниялъулъ лъола хасаб бутIа.
Гьаб заманалда бокьараб къайи гьаби, къватIибе биччай гIемерго бигьаяб буго гьеб бичиялдаса. ГьабсагIаталда продукция бичиялъул цIикIкIараб къварилъи гьечIо. Нилъер республикаялда ва мадугьалихъ ругел регионазда гIезегIан руго рогIрал ва пластикалъул цогидал тIагIелал гьарулел предприятиял. Гьелда рекъон буго нижер гранулазул тIалабги.
-Щиб жо кколеб нуж хIалтIулел ругеб инвестициялъулаб майдан?
Гьаб ккола жидерго цIияб производство байбихьизе бокьарал гIадамазе пачалихъалъ хас гьабун гIуцIараб майдан. Гьанибго гьабун буго налогазул рахъалъ бигьалъаби ругеб, ишалъул чиясе санагIатаб «Территория опережающего социальноэкономического развития» абураб авалги.
-Пачалихъалъ гьеб щиб мурадгун гIуцIараб жо?
-ТIоцебесеб иргаялда, гIадамазе хIалтIи букIине. КIиабизе, налогазул рахъалъ бигьалъаби чIезарун руго 10 соналъул болжалалда. Гьелдаса хадуб, цIияб предприятие къуватаблъун лъугьараб, гьелъул хIал щулалъараб заманалда пачалихъалда кIвезе буго налогалги цIикIкIун ракIаризе.
Гьаб инвестмайдан гIуцIун буго чанго сон. ЦохIо нижер завод ккола тIаде росарал ишалги тIуран, киналго шартIалги цIунун тIоцебе гьаб майданалда хIалтIизе байбихьараб предприятие. Гьединлъидал мустахIикълъана тIадегIанаб къиматалъеги.
-Хадубккун щиб гьабизе ракIалда бугеб?
Бугелда гIей гьабун чIани, чIун хутIула. Ишалъулав чи кидаго вукIине ккола цIияб жо балагьулев, лъазабулев, цевехун унев. Нижедаги ракIалда буго батIибатIияб тайпаялъул пленка къватIибе биччазе, гранулазул гьабулеб кинабго продукция гьанибго хIадуризе.
ГIабаш ГIАБАШИЛОВ