Нилъер гIумруялда гьечIого гIоларел махщелал цIакъ гIемер руго. Гьединазул цояб ккола геодезистасул хIалтIиги.
ЧIарада районалъул Кьорош росулъа ХIажимурадов Мусаги ккола инженер-геодезист. Гьес лъугIизабуна Ленинградалъул Горный институт, цIалана халкъалда гьоркьосеб махщелчагIи хIадурулеб централда Германиялда. Гьев ккола ДРялъул мустахIикъав бакIал ралев чи, «МНТК-Альянс» ОООялъул генералияв директор.
— Муса, щиб гIелму кколеб геодезия, кинаб хъулухъ геодезистаз тIубазабулеб?
— Ракьалда тIад кинаб бугониги хIалтIи гьабизе ккани (мина-карт ва цогидал объектал рай, нухал рахъи, майданал хIадур гьари ва гь.ц), чара гьечIого лъазе ккола гьелъул гьумералъул мухIканаб сипат-сурат. Гьеле гьеб лъазабулеб, чIезабулеб гIелму ккола геодезия («Землеразделение»). ГьабсагIаталдацин нилъ хIикмалъизарулеб тайпаялъул, мухIканго ва дурусго минабигун объектал ралаго, рикIкIадаб манзилалдаса лъим бачунаго хIажалъулеб гьеб гIелму тIоцебе загьирлъана НекIсияб Египеталда. Гьанже гIадин ракьул битIи-гьетIи борцунел, алатал рукIинчIониги, чIахIиял гвандахъе тIураб лъел хIисаб гьабун, рухьарал кварал рекъезарун, нилъеда лъаларел алатал хIалтIизарун, гьабулеб букIун буго доб мехалда жакъа нилъеца геодезиялъулабин абулеб хIалтIи.
Геодезистал гIахьаллъула нухазул проектал рахъиялъулъ, гьез рекъезабула нухлул битIи- гьетIи. Нух гьабиялдаса гIемерго захIматаб буго тоннель бахъи. Гьеб балаго, кинабго рахъалдаса данде бачунеб хIалтIи рекъезабизе ккола геодезистаз. ГьитIинаб кьо бай захIматаб суал гуро, гIемерал масъалаби тIуразе ккола кIудиял кьоял ралаго. ЦIикIкIараб, бутIа лъола геодезистас ракьуда гъоркьан унел тоннелал, коллекторал ралелъуб, махх-чараналдаса гIуцIун ралел кIудиял объектазулъ. Руго хIалтIаби миллиметралъул нусил бутIаялъул мухIканлъи къваригIунелгицин.
— ГIемертIалаяб мина балаго кинаб бухьен букIунеб геодезистазулгун?
— МахIачхъалаялда чанго буго (профессионалазда гьел лъала балагьарабго) гьетIун, кьурун бараб гIемертIалаяб мина. Гьелъие аслияб гIиллаги ккола геодезистазул хIалтIул хаслъи бичIчIунгутIи. Минаби ралел чагIазда гьеб бичIчIула риччарал гъалатIал дандчIван хадуб. Кинабго хIисабалде босун балеб минаялда геодезистазул хIалтIи, гьезул гIахьаллъи букIуна кьучIдаса байбихьун ахирисеб тIалаялде щвезегIан. ТIоцебесеб иргаялда, нижеца гьабизе ккола ракьалъул топосъемка, лъазабизе ккола гьелъул гIуцIи, бахъизе ккола план, хадуб гьабула проекталъулаб заказ. Геодезиялъул бичIчIи бугев застройщикасда кодоб кидаго букIуна минаялъул план- проект бугеб чертеж. Нагагь минаялде рачарал лъел, канализациялъул, токалъул ва газалъул рахъалъ къварилъи ккани, гьел жиндир заманалда ва бигьаяб къагIидаялда къачIаялъе мухIканго лъазе ккола кисан ва кинаб къагIидаялда ракьулъан унел ругел гьелали.
— Росулъ мина базе бокьарав чияс геодезистасулгун бухьен кквезе кколищ?
— Рес бугев чиясе бокьула жиндирго мина щулияб, берцинаб, лъикIаб, киналго тIалабал цIунараб проекталда рекъон бараб букIине. Гьедин гьабизе бокьараз ракьалъул топосъемка гьабизе ва проект битIун гьабураб бугищали хал-шал гьабизе ахIула нижер хъулухъалъул хIалтIухъаби.
— Хас гьабун нужер ОООялъ кинаб хIалтIи тIубалеб?
— ТIоцебе нижер къасд букIана геодезиялъул, геологиялъул, гидрометеорологиялъул, экологиялъул халгьабияздаса байбихьун, проект бахъиялъул, минаби раялъул киналго хIалтIаби гьаризе. Цо-цо гIиллабазда бан гьеб иш данде ккечIо. Гьединлъидал нижеца гьабула цохIо изысканиязул (геодезиялъул, геологиялъул, гидрометеорологиялъул, экологиялъул) хIалтIи. Жеги баянго абунани: тIоцебесеб, щибниги базе бугеб бакIалъул участкаялъул топосъемка гьаби; кIиабилеб, ракь борлъун, гьелъул гIуцIи лъазаби (геология), гъатазул халгьаби (гьезул хIасилазда рекъон лъола кьучI); лъабабилеб, лъазабула хIисабалде босараб авалалъул гьава-бакъ, гьениб букIунеб хинлъи-цIороялъул низам, ракь цIорозе рес бугеб гъварилъи, пулеб гьуриялъул къуват (гидрометеорология), гьел баяназул кьучIалда чIезарула къадазул бицалъи, хIалтIизарулел материалазул даража, минаялъул гIуцIи; ункъабилеб, ахираб заманалда цIикIкIараб кIвар кьолеб буго экологиялде. Нижецаги хал гьабула объект базе бугеб бакIалда тIабигIаталъул бугеб ахIвал-хIалалъул. Хадуб, балеб бакIалда геодезистас гьабула проекталда рекъон гьеб баялъе геодезиялъулаб халгьаби.
— Нужер гIахьаллъигун рарал минаби гIемер ругищ республикаялда?
— 25 соналъ дун хIалтIулев вукIана техникияб ва нухал раялъул институтазда доцентлъун. Гьениса, дицаго дарс кьурал, цIияб жо лъазе бокьарал студентал-выпускникал тIаса рищана ва, гьезда малъун, тIамун бажарана лъикIаб къокъа данде гьабизе, заманалда рекъараб къагIидаялда хIалтIи гIуцIизе. Гьелдаса хадур цIикIкIана нижехъе рачIунел заказалги. Ниж гIахьаллъараб чIахIиял объектазул цояб ккола цIияб цIорол завод (Тюбе поселок), байбихьудаса лъугIизегIан кинабго хIалтIи гьабуна гьениб нижеца. Гьелдаго цадахъ букIана керамикалъул плитка биччалеб «Мараби» завод, цемент ва гипс гьабулеб «Даггипс» ООО (Буйнакск), Хунзахъ Макьасда курорт базе хIадурлъи. ГIахьаллъана «Север- Юг» оптиковолоконалъулаб бухьеналъул проекталда (Северияб Дагъистаналдаса югалъулаб гIорхъоде щвезегIан). ГIемераб хIалтIи гьабуна «Дагъавтодор» гIуцIиялъ рахъулел нухазда, ралел кьоязда. Чачаналда нухал, кьоял, минаби ралел объектазда. ЦIикIкIараб хIалтIи гьабуна аэропорталда, Юждагъалда бугеб «Виадук» дармил комплексалда, гьенирго цIияб тайпаялъул ахал чIолел бакIазда, ралел бакIазул рахъалъ. Сулейман Керимовас Дагъистаналда гьарулел ишазулъ. МахIачхъалаялда Ленинил цIаралда бугеб майдан, университеталъул майдан, шагьаралъул гIемерал къватIал къачIаялъулъ, цIи гьариялъулъ, минаби ва объектал раялъулъ. Гьединал объектазул сияхI Дагъистаналдаги къватIибги чанго нус-нус батила.
— Нуж щун руго Ираналдеги…
— МахIачхъалаялда байбихьана нарт къачIалел гIисинал заводазул (мини-завод) проектал гьаризе, гьезие хIажатаб къайи-цIа къватIибе биччазе, байбихьудаса лъугIизегIан гьел хIалтIизе риччазе. Гьезул тIалаб буго Россиялъул гIемерал регионазда, хIатта къватIисел пачалихъазда. Ираналдасаги бачIун букIана гьединаб заказ. Завод лъезе бакI хIадуризе, геодезиялда хурхараб кинабго хIалтIи гьабизе нижги ахIун рукIана гьенире.