Коронавирусалъул унтудаса цIуниялъе гIадамаз щиб гьабулеб бугебали бихьизе росабалъе унев Гъуниб районалъул бетIер МудунхIажи Къадировгун цадахъ ниж щвана Кудалиб росдал участкаялъулаб больницаялде.
Ниж рачIиндал, больницаялъул хIалтIухъабаз бицана жидер гьаниб гьалбал гIодор чIезаризе сах-саламатал бакIалцин гьечIин абун. Хъваш-баш гьабун хадуб, районалъул бетIерас, больницаялъул хIалтIул, гьенир гIолел-гIоларел рахъазул, цере чIарал масъалабазул хIакъалъулъ бицун, медицинаялъул хIалтIухъабазулгун данделъи тIобитIана. Районалде ахIун анин абун, гьеб къоялъ больницаялъул заведующая Басират АхIмадова хIалтIуда ятичIо. Гьединлъидал нижер гара-чIвари ккана кIудияй медсестра ГIабдурахIимова Умарашидатилгун.
Кавказалъул рагъул соназда вихьун вуго цересел кудалисезда тIоцебе хъахIаб халгIат ретIарав чи ва рагIун буго гIурусазул цIар рагIарав тохтур Пироговас авлахъалъулал шартIазда операция гьабиялъул хабар. Гьесул кумекчилъун вукIун вуго Кудалиса Къадиев Къади. Пироговас гьесие сайгъатги кьун букIун буго.
Машгьурав хирургасе операциязда кумек гьабулеб букIун буго Кудалиса Арцулаев МуртазагIалица. Гьесул пагьму-гьунаралдасаги лъукъарал сах гьаризе бугеб махщалидасаги разилъарав Пироговас гьесие сайгъаталъе хирургиялъул алатазул наборги кьун буго. Гьелги хIалтIизарун, гвангвараялъул ракьаги борлъун, МуртазагIалица цо лъукъарав рагъухъанасе операция гьабиялъул хIакъалъулъ кудалисез жакъаги бицуна.
ГIадамал сах гьариялъе Аллагьас гьединаб махщел кьурал чагIазул росулъ буго цIакъго цебе бараб гIадаб, пуланав чиясул минаялъуб хIебтIун бугеб, 11 койка-бакI бугеб больница. Гьенив вуго 16 хIалтIухъанги.
Руго цаби-гIусазул ва гIаммаб кабинетал, руччабазул ва бихьиназул палатаби.
Ахираб нухалда больницаялда капиталияб ремонт гьабураб мех лъалеб гьечIо. Больницаялда гьечIо сах-саламатаб мебель, бугебги буго басрияб, мукъсанлъи буго бусен-къайиялъул рахъалъ. Дарабазул рахъги расги лъикIаб хIалалда гьечIо. Газеталда лъезе больницаялъул минаялъул сурат бахъулев дида медсестраялъ абулеб рагIана: «Суратал рахъичIого, нижее дарабаздалъун кумек гьабуни лъикI букIина», — ян.
Гьел шартIазда хIалтIулел больницаялъул хIалтIухъабаз бицана гIадамазда гьоркьор тIиритIун ругин рекIел ва бидурихьазул, гьуъразул, ургьисалабазул унтаби, хаслихъе ва хасало — гриппалъул унтаби, гIемерлъун ругин бидул тIадецуй цIикIкIарал чагIи.
Диспансеризациялъ бихьизабула халкъалъул сахлъиялъул бугеб хIакъикъияб ахIвал-хIал. Гьединал хал гьабияз чIезабуна туберкулезалъ унтарав чи къанагIат вукIин, щуго чи вуго чакрил унти бугев, анлъго чи — ракалъ унтарав.
Жакъа больницаялда къваригIинчIеб жого гьечIин абуни, мекъи букIинаро. Амма гьелъул хIалтIухъабаз районалъул бетIерасда гьарана жидее ксероксги, компьютерги, хехаб кумекалъул цIияб машинаги щвезе кумек гьабейилан.
М. Къадировасги рагIи кьуна, кватIизе течIого, гьезул гьари тIубазабизе.
Гъоркьиса хIукму гьабун букIун буго росдал больница къазе, амма районалъул бетIерас биччан гьечIо. Жакъа бугеб гIадаб хIалалда больница тани, медиказе хIалтIи букIин гурони, унтаразе гьелдаса мукъсанаб гурони пайда букIинаро.
Кинго бичIчIуларо, «Земский тохтуриланги» абун, миллион гъурущги босун, хIалтIизе ячIарай больницаялъул заведующая Басират АхIмадовалъ, кумек гьарун, щай ахIи баларебали. ЦIакъго ракI бухIун гIодани, беццаб бадисаги магIу бачIунин гурищ абулеб.
ХIалтIуе гьечIел шартIазул ва ресазул рахъалъ больницаялда лъугьун бугеб захIматаб ахIвал- хIалалъул бицун щай Басират кумек гьарун райадминистрациялде унарей, райбольницаялъул бетIерав тохтурасухъе щай яккуларей, Сахлъи цIуниялъул министерствоялде ун, щай гIарз гьабулареб, сахлъи цIуниялъул хIалтIухъабазул рескомалда щай лъазабулареб?!
Гьел ва цогидалги суалазе жаваб балагьизелъун телефоналдасан бухьен ккуна Б. АхIмадовалъулгун. Цо чанго суалалъе жаваб кьейин чанцIул гьараниги, «дир заман гьечIинги» абун, гьелъ кIалъазе инкар гьабуна.