Хунзахъ районалъул БакьайчIи росулъа АхIмад МухIамадов 1947 соналда лъугьана В. М. Ломоносовасул цIаралда бугеб МГУялъул тарихалъул факультеталде цIализе ва 1953 соналда лъугIизабуна. Гьебго соналъ хIалтIана Дагъистаналъул педагогикияб университеталъул тарихалъул кабинеталъул заведующийлъун. 1954 соналда МГУялъул аспирантураялде цIализе лъугьана ва лъугIизабуна 1957 соналда.
ГIолохъанав гIелмабазул кандидат хIалтIана ДАССРалъул Сонархозалъул председателасул кумекчилъун, 1958 соналдаса байбихьун — Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул КПССалъул тарихалъул кафедраялъул мугIалимлъун, доцентлъун. 1964 соналъул марталда тIамуна Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб институталъул ректорлъун. Гьеб хъулухъалда АхIмад хIалтIана 1987 соналде щвезегIан, ай 23 соналъ.
1987 соналъул октябралда АхIмад МухIамадович вищана ДГУялъул ректорлъун. Гьенив хIалтIизе рес щвана гIицIго лъабго соналъ. Гьеб къокъаб заманалда жанибги кIвана гьесда живго бажари бугев гIуцIарухъан, гьунар бугев нухмалъулев, кIудияв гIалимчи ва махщел камилав мугIалим вукIин бихьизабизе. Исана гIумруялъул 90 сон тIубалаан А. МухIамадовасул.
СССРалъул Педагогиял гIелмабазул академиялъул (АПН) член-корреспондент АхIмад МухIамадов машгьурлъана Дагъистаналъул гуребги, тIолабго Россиялъул жамгIияталда гьоркьов. Гьев вукIана тарихчи, Северияб Кавказалъулгун Дагъистаналъул гIолилазулъ халкъазда гьоркьосеб гьудуллъиги ватIан бокьиги куцаялъул хIакъалъулъ хъварал гIелмиял хIалтIабазул автор, республикаялъул тIадегIанаб лъай кьей цебетIезабиялъулъ кIудияб бутIа лъурав гIуцIарухъан, гражданин ва патриот. Гвангъараб бакълъун кунчIана гьесул тIолабго гIумру. Гьединабго гвангъараб лъалкIги тана гьес гьаб дунялалда.
Къисматалда, гIумруялда цеве налъулавлъун вуго дун, гьев гьайбатав инсан ва кьучIав гIалимчигун лъай кьеялъул гIуцIарухъан АхIмад МухIамадовасул цIалдохъанлъунги ишцоявлъунги вукIине рес кьура-лъухъ, гьесул инсулаб тIалаб щваралъухъ.
М. Ломоносовасул цIаралда бугеб Москваялъул пачалихъияб университетги лъугIизабун, 23 сон барав АхIмад МухIамадов вахъана Дагъсовнархозалъул председателасул кумекчилъун ва университеталъул преподавательлъун. 34 сон бараб мехалда – Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталъул ректорлъун ва 1987 соналда – Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул ректорлъунги СССРалъул АПНалъул член-корреспондентлъунги.
АхIмад МухIамадов дида ракIалда чIана аслияб къагIидаялда тIадегIанаб лъай кьеялъул гIуцIарухъан хIисабалда. Гьев вукIана жигарав, цебечIараб масъала тIубазабизе цIиял нухал ратизе гьунар бугев, цIирагьиязул мурад хехго бичIчIулев гIуцIарухъан. Гьединавлъун къабул гьавуна гьев Дагъистаналъулги Россиялъулги педагогияб жамгIияталъ. Сундулъго икъбалги кколаан гьесие – махщелалъул камиллъиялъги, политикиябгун пикрияб гIатIилъиялъги, хIаталдаса араб жавабчилъиялъги квербакъулаан гьелъие. Гьев кидаго хIалтIулаан тIасан борчIараб жавабчилъигун, жиндаго барахщичIого, гьабулеб ишалъе кIвар кьун.
Студентазул, комсомолалъул
ва профсоюзалъул гIуцIабазде, жамгIиял махщелазул факультеталде, институталъул спортивияб жамгIияталде гьесул букIана хасаб бербалагьи. ЦIакъго кIвар кьолаан гьес институталда тIоритIулел гIелмиял конференцияздегун спорталъул къецазде, «РСФСРалъул педагогиял вузазул студентазул гьудуллъиялъул анкьазде». Гьел тадбирал гIуцIиялъулъги тIоритIиялъулъги биччазе бегьулароан гьитIинабцин гъалатI!
Студентазде инсулаб тIалабчилъи букIана ректорасул. Гьесул приемныялда кидаго ратулаан гIемерал гIадамал: батIи-батIиял идарабазул нухмалъулел, росабалъа учительзаби, корреспондентал, спортсменалгун художникал, профессоралгун министрал. Ректорасухъе нух рагьараб букIана студентасе кидаго – гьев гьезухъ кIвар кьун гIенеккулаан, кьураб рагIи тIубалаан, кумекалъе хIадурго вукIунаан. Ректорасул гьунар гIолаан аскIове вачIарав щивав чиясул рекIелъе нух батизе. Дир ракI паналъизабулаан гьев гIадамалгун гаргадулеб мехалда – тIадегIанаб культура халлъулаан гьелъулъги.
ЗахIматалъулъ батулаан А. Му-хIамадовасда рекIел парахалъи. XX гIасруялъул 80-абилел соназда Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институт рехсолаан РСФСРалъул бищунго лъикIаб щуго вузалда гьоркьоб. Борхалъуда букIана институталъулги гьелъул ректорасулги къадру. Институталда рагьун букIана Северияб Кавказа-лъул школазул директоразул лъай камил гьабулеб факультет. Педагогикаялъулгун психологиялъул кафедраялъул кьучIалда гIуцIун букIана студентазе миллатазда гьоркьосеб тарбия кьеялъулгун ватIан бокьи куцаялъул рахъалъ СССРалъул
АПНалъул лаборатория. Россиялдаго машгьурлъана ДГПИялда рагьараб «ГьитIинав педагогасул школа». Камиллъизабун институталъул гIелмиябгун цIалул нахърател, рагьана цIиял факультетал: байбихьул классазул, художествиябгун графикияб (1973 соналдаса нахъе гьеб кидаго гIахьаллъулаан СССРалъул ВДНХаялъул тадбиразда), школалда цебесеб лъай кьеялъул, индустриалиябгун педагогияб, физкультураялъулгун спорталъул. ХIалтIизе байбихьана Северияб Кавказалдаго бищунго лъикIаблъун рикIкIунеб лингафоннияб кабинет, югалъулаб Россиялда бищунго кIудияб Спорталъул кIалгIа, Олимпиадаялде гугарухъаби хIадурулеб центр, улкаялдаго бищун лъикIаб студентазулаб профилакторий, «Берикей» абураб спорталъулгун сахлъи цIуниялъул база.
Бищун цIакъал гьунарчагIазда гьоркьор рехсолаан институталда куцарал спортсменазул цIарал. Физвоспитаниялъул факультеталъул цIар ун букIана спорталъул мастерлъиялде кандидаталгун разрядникалги, спорталъул мастералги, спорталъул мустахIикъал мастералги хIадуриялъул рахъалъ. Улкаялъул машгьурал вузазда гьоркьоб рехсолаан ДГПИялъул физкультураялъулгун спорталъул факультетги. Гьелъул дипломал щвана дунялалъул спорталъул цIвабилъун лъугьарал спорт-сменазе: Загъалав ГIабдулбеговасе, Владимир Назлымовасе, Марк Ракитае, Роман Дмитриевасе, Иван Ярыгиние, Владимир Юминие.
Гьединаб цебетIей букIинчIо республикаялъул цониги вузалъул. 1972 соналда, СССР гIуцIаралдаса 50 сон тIубаялъул хIурматалда, Совет Союзалъул 37 вузалда гьоркьоб ДГПИялъеги кьуна КПССалъул ЦКялъулги, СССРалъул Министрзабазул советалъулги, ВЦСПСалъулги ва ВЛКСМалъул ЦКялъулги юбилеялъулаб гIаламат.
АхIмад МухIамадовасда цIакъ лъикI бичIчIулаан Дагъистаналъе учителасул бугеб кIвар. Гьес абулаан, республикаялъул щибаб росулъ вукIине кколин, заманалда витIун хIалтIулев гурев, кидаго гьеб росулъ гIумру гьабулев учитель. Гьединал учительзабаздалъун росдал школал хьезаричIони, гьеб масъала тIубаларинги абулаан гьес. Жакъаги гьеб масъала буго аслияблъун.
Гьесда лъалаан, кинаб школалда ва кинаб дарс кьезе учитель хIажалъун вугебали. Институталъул ГIелмияб советалъул членлъун вугев дунги гIахьаллъулаан гIолохъанал махщелчагIи школазде ритIиялъул тадбиралда. Гьениб чанцIулго рагIана дида АхIмадица гьелъул хIакъалъулъ бицунеб. Гьединал баяназде мугъги чIван, ректорас хиса-басиял гьарулаан педагогиял
кадраби гIуцIиялъул концепциялда, хIадурулаан вузалде абитуриентал къабул гьариялъул план.
Гьединавлъун ракIалда чIана дида АхIмад МухIамадович – пагьмуяв, бажари-гьунар тIокIав, пикрабазулъгун ишазулъ эркенлъи хирияв, лъидаго бачIеб хасияталъул инсан. ТIадегIанаб къадру-ассалъул, яхI-намус бацIцIадав, хIеренлъигун берцинлъи чорхолъ бессарав магIарулав. Дида ракIалде ккола, гьев лъалев вукIарав щивав чи разилъилин машгьурав гIалимчи, филолог ва культуролог, РАНалъул тIоцевесев академик ХIажи ХIамзатовас АхIмадил хIакъалъулъ абурал гьал рагIабазда: «МагIарулазул гIадат гьечIо, бихьинчиясда берцинав чиян абулеб. Амма АхIмад МухIамадович хIакъикъаталдаги вукIана берцинав чи. Берцинав, гIалимчи хIисабалда; берцинав, ректор хIисабалда; берцинав, инсан хIисабалда. Гьале вачIунев вуго гьев – ворхатав, къамартIав, къартIаб лагаялъул, эхеде гьесараб бетIергун, рагьараб ва ракI разияб балагьигун. Разияб гьурмада гIажаибго рекъараб гьимигун. ВачIунев вуго, вихьигун, жинде тIаде ракI цIалев гьайбатав инсан ва гьесие данде гьимулел руго дандчIварал гIадамалги. Гьесулъ рекъонккун рукIана гIакълуги ракIги, пикруги ишги. Берцинлъиялъул рекъонккей».
Гьале лъебергониги лъагIел ана АхIмад МухIамадов нилъедаса ватIалъаралдаса нахъе. Амма жакъа гIадин ракIалда буго гьеб къоялъул рекIел бухIи… Хвалилгицин къуват гIеларо, нилъее хиралъарал гIадамал нилъеда кIоченаризе.
Дир ракIчIола, Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб университеталъе АхIмад МухIамадовасул цIар кьеянги университеталъул азбаралда гьесие памятник – бюст лъеянги, МахIачхъалаялъул къватIазул цоялда гьесул цIар чIвайиланги гьарун, ДГПУялъул жакъасеб нухмалъиялъги Дагъистаналъул педагогазул жамгIияталъги ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовасде хитIаб гьабиялде.
Гьаб дунялалда лъикIал лъал-кIалги тун арал гIадамал кIочене ихтияр гьечIо нилъее.