Жакъаги цIилъана дие дур ругънал!
Бицунеб рагIун букIана «Малаикзабазул шагьаралъул» хIакъалъулъ. Бокьун букIана гьение цо нухалдагIаги щвезе.
Гьалеха доб - «Малаикзабазул шагьар». Гьанир рукъун руго 2004 соналъул сентябралда гьабураб вахIшияб чIвай-хъвеялъул хIасилалда чIварал чIахIиял ва гIисинал – 266 чи. (ГIаммаб къадар бахуна 333-ялде).
Малаикзабазул къваридаб шагьар, гIунана дир магIу, дуда берчIвайдал. Дур ракь насиблъарал хIурулгIинзабаз къиса тана нахъе пашманлъиялъул.
Ракълие рижарал талихIал хIанчIи, хIанчIана нужеда доб вахIшилъиялъ. Бакъулаб сентябрь - Лъаялъул байрам. Лъабго къо гIасрулъун лъугьана нужей.
Гьаниб щибаб зани – цо хасаб къиса. Ракьул щибаб кесек - магIилъ буцараб. Гьаниб сихIкъотIиялъ нилъей бицуна ракI гъанцIизабулеб доб чIвай-хъвеялъул.
Букъанщинаб рокьи, чIванщинаб талихI, чIинтIун реханщинал анищал-хьулал. Гьале исанаги щвана сентябрь. ЦIилъана цIидасан рухIелгун бухIи.
Малаикзабазул хIикматаб шагьар! Жакъаги пикрабалъ – духъе сапаралъ. Жакъаги, метерги, сонги – кидаго кIочонареб ругъун Осетиялъул.
Владикавказалда чIужугIаданалъ къиса бицана дий, бидул махI бугеб. Хобазда раккарал тIугьдуз доб угьи цIидасан ракIалде щвезе гьабуна.
ИнчIо дун хабзалалъе жание. РикIкIадасанго дида бихьизабуна эрмениязул лъималаз жидерго кьерилазе сайгъат гьабураб Пашманлъиялъул гъветI – памятник. (Древо скорби). Гьале гьаб цояб рахъалда, школалде гьабураб гьужумалъул хIасилалда чIварал спецназалъулазе бараб памятник. ЦIакъго цIакъ дие гIагараб темаги ккола гьеб – лъималги, школаги, учительзабиги…
…Доле хъахIилаб зодисан роржун унел гьитIинал къункърабазул халатаб читIир. Щибаб къункъраялъул жиндирго къваридаб къисмат.
Жакъа ккараб гIадин, рагIизе лъугьана цIидасанги Буденовскиялда, Буйнакскиялда, Каспийскиялда… дол соназда бахъараб кьвагьи…Гьединго цIидасанги цIилъана дие араб гIасруялъул 90-абилел сонал. Жегиги судулел ругъналги руго.
Шамай Хъазанбиева