Жакъаги дур цIадухъ гIодов чIун вуго
Муса МухIамадовасул гIасруялъ нахъе тараб хазинаги нилъги
Ассалам гIалайкум, цIалдолев. МагIарул мацIалъул къиматги, къадруги, чIухIиги, тарихги бичIчIулев, гьелъул гъваридаб магIнаги гьабулев, умумузул наслуялъул вакил. Рецц Аллагьасе, нилъер миллияб гъанситодухъ жеги цIа ссун гьечIо. Гьелъул чIагояб мисаллъун рехсезе бегьула жакъаги нилъер миллияб адабияталда жанир рахъарал бергьун кIудияб гьунаралъул, жалго хваниги, халкъ бахилаб, гIалам хIайранаб гьунаралдалъун цIалдолезул ракIал пана гьарулел асарал гьаб ракьалда нахъе тарал шагIирзабиги хъвадарухъабиги.
Гьединазул бищун цересезул кьерда рехсезе бегьула магIарулазул гьунар тIокIав прозаик, хъвавулаб адабияталъул классик, Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан Муса МухIамадовасул цIар.
11 ноябралда Шамил районалъул ХIебда росдал Маданияталъул кIалгIаялъуб тIобитIана гьев гьавуралдаса 100 сон тIубаялъул хIурматалда тадбир.
КIудияв хъвадарухъанасул юбилей цебеккунги кIодо гьабун букIана МахIачхъалаялда. БатIи-батIиял гIиллабазда бан, гьесул ватIаналда гьабизе букIараб данделъи нахъе бахъун букIана.
ХIебда букIараб тадбир нухда бачана Шамил районалъул культураялъул управлениялъул нухмалъулев Гъапар ГIабдулмухIамадовас.
Муса МухIамадовасул кIудияб творчествоялъул, гIумруялъул, адабияталда гьес тараб бечедаб нахърателалъул хIакъалъулъ кIалъай гьабуна районалъул нухмалъулев МухIамад ХIасановас, Дагъистаналъул халкъияв шагIир МухIамад ХIамзаевас, Хъвадарухъабазул союзалъул Авар секциялъул нухмалъулев ГIалихIажи МухIамадовас. «ХIакъикъат» газеталъул рахъалдаса, Мусал хвел гьечIеб гьунаралъул, нахъа тараб бергьун кIудияб ирсалъул, жакъасел цIалдолезги гьесул асарал цIалулел рукIиналъул бицана гьал мухъазул авторасги.
Тадбиралда гьединго кIалъана Муса МухIамадовасул гIагараб ватIан Гьандихъ росдал школалъул вакилзаби: директор Къурбанов Сагитав, росдал школалда бугеб Муса МухIамадовасул музеялъул хIаракатчIужу ПатIимат Гъазалиева.
Мунагьал чураяв гьелъул эмен МухIамад Гъазалиевасго кьучI лъураб, хъвадарухъанасул киналго тIахьал, гьесул букIараб къайи-цIа, гIемерал соназ жинда нахъаги чIун Мусаца тIахьал тIад хъвараб стол, гьев гIодов чIараб бакI, гьесул букIанщинаб бечелъи жанибе бакIарараб музей буго жакъаги Гьандихъ росдал школалда. Гьелъул хIакъалъулъ бицана МухIамад Гъазалиевасул яс ПатIиматица.
М. МухIамадовасул биографиялъул бицана Шамил районалъул лъай кьеялъул управлениялъул хIалтIухъан, Дагъистаналъул мустахIикъай учитель Хизроева ПатIиматица.
Мусал кучIдул рикIкIана Гьандихъ ва ХIебда росабазул школазул цIалдохъабаз.
Мусаца Фазуде гьабураб кечI ахIана Хунзахъ культураялъул управлениялъул хIалтIухъан АхIсарат ХIайбулаевалъ. КочIолаб программагун церерахъана Шамил районалъул маданияталъул хIаракатчагIи: ГIарип ГIабдулхаликъов, Абубакар Шабанов, Зайнаб Якъубова ва цогидалги.
Авар прозаялъул классик
Мусал цогIаги тIехьги цIаличIеб, гьесул къисабаз ва харбаз ракIги пана гьабичIеб цониги гъансито, мина-рукъ ва гьединго хъизан батизе гьечIо магIарухъ. Гьел рагIаби кIудияб божилъиялдалъун хъвалел руго гьанир. Щайгурелъул, хIакъикъаталдаги ратиларин ккола гIумруялда жаниб Мусал цониги тIехь цIаличIев чи магIарулазда гьоркьор. Щибаб гъасда цIалулаан гьесул тIехь. ЦIалулаан, тIасан хIул-хIулун, тIанчал рагьиялде ккезегIан. Щуазарго тиражгун къватIире риччарал гьесул тIахьал киназего гIечIого, иргаялда чIолел рукIана гIадамал анкьаз, моцIаз гьесул асаразда хадур. БухIараб бакъул къоялъ цIорораб лъехъгIанги къечон рукIунаан нилъ гьесул тIахьал цIализе. Гьеб рухIияб къечалъ гIагар гьарун рукIана магIарулал Мусал хвел гьечIеб гьунаралда цере.
Гьединав вукIана нилъер кIудияв хъвадарухъан. Творчествоялъе кьураб 50 соналда жаниб жиндир къалмикьа къватIибе 70-гIанасеб тIехь арав цоги гьединав пасихIав рагIул устар магIарулазул хъвадарухъабазда гьоркьов вахъинчIо. Прозаиказул рахъалъ бечедаб букIинчIо магIарулазул адабият, амма гьеб кьер живго чIаго вугебгIан мехалъ Мусаца кIудияб борхалъуде бахинабуна. Гьелъухъ азарабго баркалаги буго гьесие.
Муса МухIамадовасул юбилеялде гьесул машгьураб «ЧIегIераб гамачI» абураб тIехь цIидасан басмаялде бахъана исана. Гьеб букIана дир цебегосеб анищ, дидаго цебе лъураб борч. Ва гьеб ният рагIалде бахъинабизе кIвеялдаса кIудияб рохелги буго жакъа. Адабият бокьулел магIарулаз лъикIго къабул гьабуна гьеб. Жакъа гаджетазгун айфоназ махсараде ккун, гIакълу-сангицин къосинабун ругеб цIияб гIелалъул заманалда, гьеб тIехь къабул гьабулев чи гIемер вукIинадай абурал дир щакдараби гIададисел рукIин бичIчIана, Мусал асараздехун бугеб миллатцоязул рокьиги адабги бихьараб мехалъ. 300 тиражгун къватIибе биччараб гьеб тIехь моцIида жаниб лъугIана. Цоги гьечIищ «ЧIегIераб гамачIилан» гьикъулезул ва ахIун бачIунезул къадар жакъа къоялъги лъугIун гьечIо. Гьелъ бихьизабуна дир хIаракат гIадада ккечIеблъи, интернеталъ ханлъи гьабун бугин гIадамазул ракIазулъин кканиги, басмаялда кьабураб тIохьол адаб гьабулел ва гьеб цIалулеб агьлу жеги лъугIун гьечIеблъи.
Гьелъ бихьизабуна Муса МухIамадовасул творчество магIарулазда гъорлъа жеги лъугIун гьечIеблъи, чIагояб, пасихIаб мацIалда хъварал гьесул хвел гьечIел асарал цIализе гьел жакъаги гIашикъго рукIин. Гьелъ бихьизабуна нилъер миллияб гъасда гIодор чIезе бокьарал гIадамал гIемер рукIин ва унго-унгоял, щибаб рагIиги рекIелъан биччан хъварал магIарул асаразе гьел жеги хилиплъун гьечIолъи.
Гьелдаса кIудияб рохел жакъа цоги щибха букIинеб?
Аллагьас хъван батани, кIудияв хъвадарухъанасул цогидал тIахьалги цIидасан басмаялде рахъизе ният буго. Хьул буго гьеб ниятги гIумруялде бахъине букIиналда, ИншаАллагь.
«Къисасги», «Кьалбаз ккола гъветгIи», «Лъукъарал кьурабиги»
ХIакъикъаталдаги хIикматаб мацIалъул, къанагIатаб, бергьараб гьунаралъул, бечедаб, лъиданиги релълъинчIеб хатIалъул хъвадарухъанлъун хутIана нилъее Муса МухIамадов.
Макьилъ гIадин ракIалда буго жеги хъвай-цIалицин лъикIалан лъаларев чиясул тIоцебе гьесул асаразулгун лъай-хъвай ккараб къо.
Доб мехалъ дир жеги анлъго сонцин гургинлъун букIинчIо, амма жакъа гIадин ракIалда буго, кIудияв вацасул хьолбохъги чIун, гьес рагIун цIалулеб тIехьалъухъ гIенеккун вукIараб куц ва гьелъ диего гьабураб асар.
Доласа нахъе ана чанго сон. Чанго ихги хаселги сверун, цебехун гирана гIумрудул гьоко. Амма Мусал тIахьаздехун бугеб рокьи цо микъсалалъги тIаса чIинкъичIого хутIун буго. Гьел кидаго дунгун руго. Бищун божарал гьудулзабазде гIадин щола гьезухъ ракI. Ва церего цIалун, ракIалдасан лъалел тIубарал гьурмал ругониги, жакъаги тIоцебеcеб нухалъ гIадин рагьула дица гьесул тIахьал ва балъгояб асаргун къулула тIаде.
Дир столалда тIаса киданиги камулареб тIехьлъун лъугьана Мусал машгьураб трилогиялъул тIоцебесеб тIехь - «Къисас», хасго гьелъул тIоцебесеб бутIа. Инкъилаб бачIиналде цебе тIадмагIарухъ умумузул букIараб яшав цIакъ берцинго цебечIезабулеб буго гьениб.
«Бачие гIурччинхарил къандалъоги цIезабун, хьвагIун босун мугъалда гьебги бан, ГIашура гIурччинаб халичаялде тIаде рехараб хъахIаб квар гIадин, гьетIа-кIичIун ссанал къотIун унеб нухде лъугьана.
- Дунги ячIинегIан чIа, ГIашура, гьале гьабсагIат цIолеб бугин таргьа! - ян ахIана гьалда хадуб цо сандасаги яккун Узлипатица.
ГIашура нахъцин юссинчIо. Узлипатил гьаракь рагIичIеб ххвел гьабуна. Гьа, магъилъ кватIизе ресищ жакъа ГIашурал бугеб? Жакъа рукъалъул тIалаб тIолго гьалда тIаде ккун буго. Эмен, сон радакь вахъун, Болъихъ базаралде ана, эбелги, мадугьалгун цадахъ, корохъ жо гьабизе цIатари тIагIун бугилан, магIарде, хасалого бецун нохъода лъун тараб хIет босизе ана. Эбелалъ магIардаса цIияб мичIчIги бачIина, къаси аз элъул чадалги гьарила. МичIчIил чадазде хьул лъун бугилан гурищ эменги вукIарав? РакI хвезе ккеларо батIаго Узлипатил, ГIашура жакъа гьелъухъ ялагьун чIезе регIун гьечIо».
Гьел мухъал цIалидал, цIидасан магIарухълъиги дирго гьитIинаб заманги щола ракIалде. Кинабго берцинабги, хириябги, рекIее цIакъго гIагарабги – лъимерлъиялъул ригьда бихьизе кьун букIанщиналъул сурат цIидасан чIаго гьабула «Къисасалъул» гьал мухъаз.
«Цо кодобе босизе кIвараб гамачIгIаги речIчIичIоха хIалихьатил ботIролъ», - илан нахъехун юссарай ГIашурада, Шагьрузатил рокъоб чирахъ ссун унеб бихьана. БецIлъиялъ бахчана хабалазул тIарада бугеб язихъаб мина».
Гьаб ахирисеб мухъ цIалидалги унго-унгояб куцалъ цебечIола магIарухълъиялъул сипат.
ГIалисултанил
кьогIаб къисмат
- Батанаха ГIамирхан, дур хух, - илан болъодул аххаде вачIана гIолохъанав вехь ГIалисултан.
- Киб батараб бацIица чIвад?
- СагIидил хурул ракьанда. ХIусенил хухги абги гIорцIизеги гIорцIун регун ратана.
- ЦIакъ лъикI!
- СагIидил хухалда щибха гьабилеб, дица кIиябго цадахъ бачун букIанин анибе?
- Сардилъ гьеб рокъобе бачунищха инев, аниб те, радаллъагIан, - иланги абун, ГIамирхан хъегIдана.
Хважаинасе хабар халат гьабизе бокьун гьечIолъи бичIчIарав ГIалисултан, сордо-лъикIги гьабун, нахъе ине къачIана. Кавудухъе щолеб мехалъ гIолохъанав вехь лъалхъана ва, нахъехунги вуссун, Хъаничал рукъ бугеб рахъалдехун валагьун чIана. Рокъобе нуцIа къирун бугоан ва гьениса щар чIвалей йигей эбелалда гаргадулей Зубаржатил гьаракь рагIулеб букIана. Синкъиялда гIодилаго гьелъ цо сунудулалиго гIарз бахъулеб букIана эбелалдехун.
«Къваридаб гIумру буго ГIамирханил гъоркьа-рокъоб, - ан пикру гьабуна ГIалисултаница. - Гьаб рукъалъул кIалтIе бетIерги гьабун, гьал гIиял гъвансиялъухъги, Зубаржатил сванхиялъухъги гIенеккун вегизе анищ къаси. Киндайха дица дур макьу, дур хIалхьи цIунилаан? – абун, бищунго хирияб хазина гьаниб, чияр азбаралда хутIулеб бугеб гIадин, расги бокьуларого къватIиве лъугьун ана ГIалисултан».
КигIан берцингоха гьал мухъалги хъван ругел…
Гьединго босе гьесул «ХIанчIазги рехун тола бусаби» абураб романалдаса кесек.
«КIиго росдал магъилъ гIорхъода чIараб, пири речIчун кIихIи бихъараб, кIудияб ганчIида гъорлъе лъугьана гьав. Гьаб, гIухьбуз хьагихъ бакараб цIадул кIкIуйдуца чIегIерлъараб ганчIил, цебе цутIун бачIараб каранда рикIун рукIана, сонал раниги нахъе унарел гIажам хъвай-хъвагIаялъ хъварал мухъал: «Гьанив чIвана саникьез, кьурукьезул лебалав бахIарчи, Будун. Гьеб кIочон тоге нужеда, лъимал. Азаралда ичIнусиялда лъабабилеб сон».
Гьеле гьел ахирисел мухъаз гьабулеб асар гьабула дие щибаб нухалъ гьеб тIехь кодобе босанщинахъе.
ЦохIо гьениб гурони, тIокIаб бакIалда гьев Будунил хIакъалъулъ гIатIидаб бицен гьечIо тIехьалда. Амма гьеб цохIо предложениялдалъун Мусада кIвана росдал ахIулъ, ракIалдаго гьечIого ккараб питнаялъул хIасилалда гIумруялдаса ватIалъарав лебалав магIаруласул сипат цIакъ кутакаб махщалида къватIибе кьезе. ЦохIо предложениялъ жанибе бачун буго гIадатияв магIаруласул, Будунил тIолабго гIумру ва анцI-анцI наслабазе мисалги нахъе тун даимлъиялде арав гьесул бахIарчияб къисматалъул сипат-сурат. Гьединаб гьунар букIана Муса МухIамадовасул.
Дица нахъеги регулел руго гьесул тIахьал: «Бигьародул гъутIби», «Борч», «КIудадал гIанса», «Зоб цIадае гъугъала, «Куркьбал гIедераб хIинчI», «ХIанчIазги рехун тола бусаби, «ГъутIби тIегьалеб гIужалда», «Бакъдасел», «Горо-цIер балелде цебе», «Макьилъги лъадгоги» ва гьел гурел анцI-анцI цогидалги асарал.
Мусал тIахьал цIалулаго, къоги рукIкIунаан, сордоги рогьун батулаан. Дунялалда бугебщинабги кIочон, дун чанго гIасруялъ нахъехун, гьесул героязул щивасухъе гьоболлъухъ щолаан. Гьелгун цадахъ велъулаан, гьезул къварилъиги гIахьал гьабун пашманлъулаан.
Берал къанщарабго цебе бачIуна кьиндалил сордоги, бакараб печь-рукъги, печалда цеве, хасалил халатаб сардиде ракIги гъезабун, ричIун цебе лъураб Мусал тIехь цIалулев дунги. Гьел рукIана унго-унгоги талихIал сонал. Ва жакъа, гаджетазул хьуцIилъ къан, 3D технологияз ургъараб маргьуялъ сагьвил гьарун, асир гьарун ругел жакъасеб гIелалъе щвараб заманалъухъ кьеларо дица дол талихIал соназда жаниб тIамураб цохIо къоги. КигIан техника цебетIуниги, гьелъ хисуларо чиясе басмаялда кьабураб тIехьалъул гIадаб бечелъиги гьелъ кьолеб татуги.
Гьединго сунцаниги хисизе гьечIо магIарулазе Мусал тIахьаздехун бугеб рокьиги адабги. Кинабго уна, хисула. Хисуларо цохIо, ракьалда бижараб кIудияб гьунарги, рухIияб бечелъиги, къуватаб рагIиги. Нахъе хутIула берцинлъиги лъикIлъиги, рокьиги хIеренлъиги, гIаданлъиги намусги. Гьединго нахъе хутIила, Муса МухIамадов гIадал, бергьараб гьунаралъул хъвадарухъабаз нилъее тараб миллияб хазинаги гьезул цIаралги.
Аллагьас ахираталъул рукъалдаса вохизавун ватаги гьев баракатав инсан. Гьесул асарал цIализе ва гьезул къимат гьабизе магIарулазеги тавпикъ кьеги.
Ашахан Юсупов