Россиялъул халкъал цолъия­­лъу­л гьаб сонал­да тIоритIулел тадбиразул хIасилал гьарулаго ургъизе тIамулел ру­го кигIанасеб даражаялда нилъе­ца цIунулеб бугеб умумузул ирс, гьез нилъее тарал гIадатал, хьвада-чIва­диялъул ва маданияталъул берцинал къагIидаби ва халкъазул гьудуллъиян абурал суалазда тIад.

Аза-азар соназул манзилалда халкъазда гьоркьор рижарал, заманалъ жидер лъикIлъи, тIокIлъи бихьизабурал гIадатал дагь-дагьккун тIагIунел руго.

ГIадамазул чIагояб гIумруялда гIасрабаз жидер хIажалъиги, хIал­кIун цоцазе кумек гьабизе бугеб бажариги жаниб бессарал гьел, жакъа нилъее, нилъер гIолеб гIелалъе мисаллъун рукIине ккелародай?

Гьал къоязда нилъер республикаялда кIодо гьабуна Дагъистаналъул маданияталъул ва мацIазул къо. Гьелда хурхун районазда, шагьаразда тIоритIарал тадбиразулъ бихьулеб буго гьел, нилъер гIумрудулъ кIвар цIикIкIарал рахъаздехун цо къадаралъулаб пикру буссинабулеб бугониги, хадурккун тIегьазаризе бугеб гъира дагьлъулеб букIин. Рахьдал мацIазул хIакъалъулъ бицунеб тадбиргицин гIурус мацIалда нухда бачунеб буго. Гьелдаса байбихьун, нилъер агъаз гьечIолъи сверулеб буго ни­лъее щварал, нилъехъ ругел умумузул лъикIал гIадатал кIочон теялде. Жакъа гIолохъанай яс, кIудияб ригьалъул бихьинчиясул хIурмат гьабун, нух кьезе дагьайго лъалхъизе кколеб бакIалда, цее кIанцIун уна. ГIадамал ракIарараб ро­къове кIудияв чи вачIани, тIаде рахъине кколеблъи гьитIиназда кIо­чон толеб гуро бугеб, лъалебго гье­чIо.

Гьел гIадатиял мисалаз бихьизабулеб буго жакъа эбел-инсуца лъималазе кьолеб тарбиялда кIудиял квекIенал рукIин. Узухъда, гьединаб тарбиялъ жинда рекъарал хIасилал кьечIого толаро. Масала, 2021 соналда Дагъистан букIараб батани бищунго хъизамал риххи дагьаб республикалъун, 2023 соналде нилъер гьанир ратIалъарал хъизамазул къадар, официалиял идарабазул баяназда рекъон, гьарурал бертабазде дандеккун, цIикIкIун буго лъабго нухалъ. Гьелъие гIилла­лъунги гIемерисеб мехалъ ккола цоцахъ гIенеккизе, цоцазул адаб-хIурмат гьабизе, берцинго хьвада-чIвадизе гIолилал куцан гьечIолъи.

Гьениб лъил цIикIкIараб гIайиб бугебали абизе захIмат буго, щайгурелъул хъизамалда жаниб щолеб тарбиялъулъ васалги ясалги ращад ругелъул. Амма хIакъаб буго - кьолеб тарбия умумуз чучлъизе тун букIин.

Нилъер умумузул рукIана гвай бан, росуцоязе кумек гьабиялъул къагIида. Къокъаб заманалда жаниб киналго тIаделъун балаан рукъ букIа, бокь букIа ялъуни цогидаб букIа. Аслияб жо - гьениб букIинчIо кинаб бугониги гIарцуда бараб суал. Киназго гIахьаллъи гьабулаан мухь босичIого. Миллатал гIемераб росу бугони, гьелъухъ балагьичIого, гьабулаан кумек. Гьелъ гIадамазе рес кьолаан лъикIаб-квешаб къо ккаралъур цадахъ рукIине, ургъел бикьизе. Жакъа нилъер гIумрудулъа гьеб тIагIун бугин абизе бегьиларо, амма цебе заманалда гIадин, гьеб социалияб цолъи тIибитIунги гьечIо.

Нилъер халкъал цолъизарулеб алат­лъун жакъаги буго гьобол-гьу­дуласе гьабулеб лъикIаб хъулухъго гIадин, кванил нигIматазул гIа­гар­лъиги. ТIолго дагъистаниязе гIа­хьалаллъун ккола хинкIал, пурща­би, урба.

ХIатта цIулада, ганчIида, маххуда гьарулел накъишал, щагIил тIагIелал гьари, тIансаби рессиялъул, ярагъ гьабиялъул махщелал росани, мугIрул росулъ некIсияб нуцIида хъвараб накъиш батула табасараназ рессулел тIансабазда ялъуни кубачиязул махщелчагIазул тIагIелазда.

Гьел такрарлъиялъе гIилла буго, нус-нус соназ цадахъаб гIумру гьабулаго, гьоболлъухъе хьвади, цоцазул гIадатал рихьи ва цоцаздаса мисал боси.

Дагъистаналъул халкъал цолъизарулеб аслияб кьучIлъун ккола, цIикIкIарасеб жиб хвалчаца хъвараб, цадахъаб тарих. Гьеб бачIуна Кавказалъул Албаниялдаса байбихьун, 1999 соналъул лъугьа-бахъиназде, Россиялъ Украинаялда гьабулеб хасаб рагъулаб операциялде щвезегIан.

Халкъазул цолъи - ракълилаб гIумруялъул кьучI

Гьединаб цIаралда гъоркь дагьал церегIан къояз МахIачхъалаялда тIо­битIана халкъазда гьоркьосеб, рес­публикаялъул цогидал субъек­тазда ва къватIисел улкабазда гIумру гьабун ругел нилъер ракьцоязул IV форум. Гьеб букIана Ми­ллияб по­литикаялъул ва диниял иша­зул министерствоялъул ва Россия­лъул Халкъазул ассамблеялъул Да­­гъистаналда бугеб гIуцIиялъул хIа­­ракаталдалъун тIобитIараб тадбир.

Жакъа Россиялда ва Дагъистаналда рекъел цIуниялъул бугеб кIудияб кIвар нилъее киназего баянаб буго. Мадугьалзабаздасан, республикая­лъул цогидал миллатаздасан, Россиялъул субъектаздасан байбихьун, къватIисел улкабазул халкъазде щве­зегIан, гьудуллъи цIуни буго умумуз нилъее тараб рухIияб ирсалъул аслияб кьучIлъун. Гьеб ишалда жаниб кIудияб бакI ккола Дагъистан ва улка бахун къватIирехун ругел нилъер ракьцоязги.

Россиялъул цогидал субъектазулгун ва къватIисел улкабазулгун гьарулел бухьенал гIатIид гьариялде Дагъистаналъ кидаго кIудияб кIвар буссинабула. Щайгурелъул гьел­да бараб букIуна нилъер эконо­мика цебетIей, гьудуллъиялъул даража борхизаби, гьезулгун гьабулеб политика цебетIей. Гьел гIуцIулаго ва тIоритIулаго, кидаго хIисабалде росула гьенир ругел дагъистаниязул къадар, гьезул гIум­ру гьабиялъул къагIида, гьезул захI­малъаби ва пикру буссинабула гьезие экономикиялгун политикиял ресазда рекъон кумек гьабиялде.

Узухъда, гьединал тадбирал тIо­ри­тIула гьел республикабазул ва пачалихъазул бутIрузулгун дандран.

Жакъа дунялалда дагъистаниял камураб улка-ракь батизе захIмат бугелъул, гьезул тIалаб гьабула нилъер республикаялъул нухмалъулезги. Нилъер ракьцоял гIемер руго Азербайжаналда, Белоруссиялда, Гуржиялда, Гъиргъизиялда, Казахстаналда, хIатта Америкаялда ва Франциялда. Форумалъ церелъурал масъалаби чIахIиял рукIиналда бан, гьелъул программаги гIатIидаб букIана.

Дагьаб цебегIан дир кIалъай букIана Франциялъул Марсель шагьаралда росгун цадахъ гIумру гьабун йигей нилъер ракьцоялъулгун. Гьениб жакъа бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицунаго, гьелъ абуна къаси дунял рукIкIаралдаса къватIире рахъине цIакъго хIинкъи бугилан, щайгурелъул тIаде кIан­цIун, талавур гьарулел хIужаби гIе­мер ругила. ХIисаб гьабураб мехалда, Марсель букIана 2013 соналда Европаялъул культурияб тахшагьарлъун лъазабураб бакI. Гьеб мисалалъ бихьизабулеб буго жакъа кинаб ахIвал-хIал бугебали дунялалдаго халкъазда гьоркьоб. Гьединлъидал нилъеца жакъа ракьцоязулгун гьабулеб хIалтIи, хIакъикъаталдаги, хIа­жатаблъун ккола.

Россиялъул субъектазда Дагъистаналъул хасал вакиллъиялъул идараби

Гьединал ракьцоязулгунги гьел республикабазул, хIукуматазул нух­малъулезулгунги гьоркьорлъа­би камил гьаризе гIоло Дагъистаналъ гIуцIун руго хасал вакиллъиялъул идараби. 1990-2000 соназда Миллияб политикаялъул, инфор­ма­циялъу­л министерствоялда хIал­тIулаго, дида ракIалда буго Гусаев МухIамадсалихIгун цадахъ нижеца гьеб иш байбихьараб куц.

Дагьал церегIан соназги гьезул къадар 50-ялдасаги цIикIкIун букIана, ахираб заманалдайин абуни щаяли цо-цо республикабазда гьел къан руго. Амма гьезул пайда кIудияб букIана ва буго. Форумалде рачIарал, дора гIумру гьабун ругел нилъер ракьцоязги жидерго кIалъаязда гьеб пикру загьир гьабулеб букIана.

ЦIигIуцIараб идара бугелъу­л, Россиялъул Халкъазул ассамб­лея­лъги гьел суалазде кIвар буссина­булеб буго. Республикая­лъул бе­тIер Ф. В. Щукинил нухмалъиял­да гъоркь Дагъистаналъул ХIинкъи гьечIо­лъия­лъул советалда тIобитIараб данде­лъиялдаги халгьабуна нилъер рес­публикаялда ругел миллатазул кьучIалда жал гIуцIарал жамгIиял цолъабазулгун ва Россиялъул Халкъазул ассамблеялъул отделениегун республикаялъул пачалихъиял гIуцIабаз гьабулеб цадахъаб хIалтIул. Гьенир докладалгун кIалъана миллияб политикаялъул ва диниял ишазул министр Т. АбутIалимов ва гьал мухъазул автор.

Умумузул амру-ирсалда рекъон, гIумру гьабиялъе кIудияб квербакъи гьабула нилъер адабияталъул гIараб, гIажам хъвай-хъвагIаяздасан байбихьун, Р. ХIамзатовасул гьунаралде щвезегIан ругел къиматал асаразги, халкъалъул хIалбихьи, гIакълу жаниб бессарал абиязги, бицанкIабазги. БатIи-батIиял мацIазде руссинарурал гьел ккола халкъазда гьоркьор лъурал щулиял кьояллъун.

Амма жакъасеб гIумруялъул бугеб гIунгутIи буго гIолеб гIелалда умумузул бечедаб, магIна жаниб бессараб ирс - гьеб сонисеб къо бугилан ккей ва хадубккун хIалтIизабизе хIажалъи гьечIолъиялде божи лъей. Узухъда, гьеб пикру мекъаб буго. Гьеб ирс буго, цогидазул гуреб, нилъер умумуз нахъе тараб хазина. Гьединлъидал араб гIумруялдаса лъикIабщинаб босун, гьеб дагьабги камил гьаби ккола нилъер аслияб масъала. Гьелда бан, гьал къоязда Россиялъул Халкъазул ассамблея­лъул Дагъистаналда бугеб гIуцIиялъ тIобитIараб букIана «Халкъал цо­лъизарулеб умумузул ирс» абураб хасаб форумги. Щайгурелъул нилъер тарихалдаса нилъ чIухIулел ратани, гьеб билизе, тIагIине тезе бегьуларо.

З. Ильясов