Дагъистаналъул халкъияй артистка Наира ХIабибулаевалъул юбилеялде


ЧIарада район машгьураб буго миллияб маданияталда ва адабияталда жидеца хасал лъалкIал тарал ва толел ругел гIадамаздалъун. Щивха асир гьавичIев чIарадисезул кочIохъабаз? Гьеб ракьалда бижана «КочIолаб ЧIарада» абураб бихьиназул пачалихъияб хор. Жакъаги гьелъул цIарги борхалъиги тIадегIанаб даражаялда буго.

МагIарул адабияталда, музыкалияб маданияталда, театралияб махщалида руго чIарадисезул лъалкIалги цIаралги. Гьединазул цояй ккола Дагъистаналъул халкъияй артистка, ЧIарада районалъул ЦIуриб росулъа Наира ХIабибулаева. ГьабсагIаталда Наира хIалтIулей йиго Авар театралда. Бигьаяб нух тIаса бищичIо магIарулалъ. Къисматалъул рахIат гьечIел сухъмахъазул цояб хIокIалдаса цоялде яхунаго, гьелъ мутIигI гьаруна ва жеги гьарулелги руго театралияб махщелалъул тIогьал.

Къойилго гIадин гьарулел репетициялги, магIарухъе-нахъе гьаризе кколел сапаралги, цIунизе тIадаб бугеб хъизамалъул гъанситоги, гъанситохъ бакараб цIадуе чIужугIаданалъулаб, лъадиялъулаб, эбелалъулаб ритIухълъиги рокьиги. Гьеб кинабго букIинчIого букIинеги бегьулаан Зайнудин тун батIияв гIумруялъул гьудул хьолбохъ вукIараваниги. Доб мехалда театралда художниклъун хIалтIулев вукIарав гьесул квербакъиялдалъун ккана Наира театралда хIалтIизе. Гьебго хъулухъалда гьанжеги вуго Зайнудин. Редакциялде гьоболлъухъ ячIарай Наираца махсараги гьабуна:

- Зайнудинидасаги дие битI­ккана гIумруялъул гьудул тIасави­щия­лъулъ. ЛъикIав, дун йичIчIулев рос, лъималазул тIалабазда даим вугев эмен… Дунин абуни, чанги ккеларищха сапаразде, къойилго гIадин, бакъинегIан - репетицияздаги. Живго гьенив хIалтIулев вукIиналъги ба­тила, гьесда дун йичIчIана, - ян елъана гьей.

Ункъого батIияб сипаталдалъун кIалъана Наира магIарулазда

Наира гьаюна 1966 соналда. 1985-1987 соназ цIалана МахIачхъалаялъул культпросветучилищеялъул режиссерлъиялъул отделениялда. 1988 соналдаса нахъе хIалтIулей йиго Авар театралда:

- ТIоцебесеб къоялъго бичIчIана дида актерасул пиша цIакъ кIвар цIикIкIараб иш букIин. Ва тIоцебе дица хIараб рольги букIана «Ханлъи бокьарай якьад» спектаклялда Нигарал роль. Жакъа гIадин ракIалда буго гьеб къоги дида, тIоцебесеб роль хIазе сценаялде яхъараб. Унго-унгоги, роль хIай - гьеб гIицIго сцена гуро. Гьеб буго нилъер гIумру. Театралде рачIаразда гIумру бихьизабизе ккей - гьеб бигьаяб ишги батичIо, - ян абуна Наираца.

Долдаса нахъе унеб буго кIикъо­го­гIан сон. Наира жеги йиго ругьунаб пишаялда.

- Санайил ункъо роль. ГIага-ша­гар­го 70-80 роль хIан буго. Щибаб рольги дие дирго лъимер гIадин бокьана ва гьанжеги бокьула. Бокьулеб гьечIони, хIалтIиги лъугьунаро. РакIалде щвезарилин гьезул цо-цоял: Италиялъул драматург К. Гольдонил «ГIажаибаб лъугьа-бахъин» комедиялда – Марианна, ингилисазул драматург Р. Б. Шериданица хъвараб «Цо къоялъ къого макру» комедиялда – Инесса, ЦIадаса ХIамзатил «Айдемир ва Умайгьанат» пьесаялда - Симисхан, «Я къвал бала, я къоно чIвала» - Валида. «Кинидахъ кечI» - Валентина, «МагIарулай» - Хъанича, «Рокьул контора» - Ада, «ЧIужу яче, кIудада» - Марям, «Дида бугеб гIайиб щиб?» - эбелалъул роль - Зарипат ва цогидалги ролал. Ва театралда гIумру гьабун буго ункъого батIияй Наираца. Ункъого батIияй Наира кIалъана кIикъого соналъ магIарулазда миллияб театралъул сценаялдасан. Ункъого батIияй Наирае хъат чIвана магIарулаз.

МагIарул мацIалда гуребги, гIурус мацIалдаги хIала Наираца ролал. Бокьун буго цо гьитIинабго мисал бачинеги. 2018 соналда МахIачхъалаялда тIобитIараб «Дагъистан кочIолъ ахIарал» фестиваль-конкурсалда гьелъ ккуна тIоцебесеб бакI «ЧIужугIаданалъул бищун лъи­кIаб рола­лъухъ» номинациялда.

Кавказалъул темаялда бахъулеб 22 киноялдаги ролал хIана Н. ХIа­би­булаевалъ. Рехсезин гьезул цо-цоязул цIарал: «Я вижу солнце», «Сказание о Хочбаре», «Танцы на высоте», «Кавказская месть», «Небесная кара», «99», «Русская жена». «Горцы от ума» КВНалъул къокъаялда цада­хъги яхъана гьей цее.

Наира лъала режиссер хIиса­бал­даги. «ГIанчIаб гIел» абураб литературиябгун музыкалияб композициялъе бергьана президентасул грант. Гьеб асаргун актерал щвана Ставрополь краялде, Сочиялде, Краснодаралде ва Россиялъул цогидалги регионазде.

- Доб мехалда театралъул директорлъун вукIарав Мурад ХIажиевас кIудияб квербакъи гьабуна нижее гьеб сапаралъе, - ян абуна Наираца.

Наира ХIабибулаевалъ лъураб «Цо ясалъул ункъо бахIарав» комедиягун театралъул артистал щвана Россиялъул чанго регионалде. Гьезул церерахъиналъе хъат чIвана, кIудияб къимат кьуна актеразул хIаялъе.

Сапарал, сапарал, сапарал

КIикъого соналъ сапаразда йиго Н. ХIабибулаева. ТIоцебе гьа­­бураб гIадин ракIалда бугоан гьел­да щибаб сапарги. Щибалдаса ра­кIалде­щвеялги цIунун ругоан гьелъ. Сапараздаса бищунго ра­кIал­да чIараб лъугьа-бахъин щибилан гьикъидал, елъулаго, гьаб хадусеб бицана Наираца:

- Щибаб сапаралдаса ракIалде­щвеяз зама-заманалдасан бицуна дие дирго театралияб къисматалъул хIа­къалъулъ. Гьезул тIагIамалъухъ ггьанжеги урхъун йикIуна дун. Росабазул гIадамал тIуранго батIиял рукIана шагьаралъулаздаса - рекIел бацIцIалъиги, гьобол хи­ралъиги, инсанасул адаб гьабиги гьезул цIакъго тIадегIанаб дара­жаялда букIана. Гье­дин батила гьан­жеги. Сценаялда бихьизабулеб гьез гIумруялъул хIакъикъатлъун рикIкIунаан. Гьелъги батила лъикIаб гуреб роль хIалев чанги актер гьалбадерицагицин рокъове вачунароан. Гьедин ккана цо нухалда дир ишги, гьаб нухалда дунги рокъое ячун, хутIарал ясал-актераз сордо автобусалда жаниб базе ккун букIана. Цо пуланаб районалде щвана ниж «Ханлъи бокьарай якьад» спектакльгун. Дица хIалеб букIана щуяйго нусалда гьоркьоса бищунго лъикIалъул роль. Спектакль лъугIун хадуб, киналго рачинчIони, йилълъинарилан ахIделей дунги тун, гIода-йорчIун лъугьун, гьоболалъ дун рокъое ячана, цогидал рихьизегицин рокьун гьечIиланги абун,- илан.

Цо нухалдаги спектаклялдаса хадув цо гIолохъанав вас вачIана аскIове, мун Наира гурейищила, жив лъаларевищиланги абун. ТIадеги жубана, Буйнакскиялде спектакльгун нуж рачIараб мехалда, лъабабилеб кьерда гIодов чIун вукIанин живилан. Дидаги ракIалда вукIинищха кинавго чи, амма цадахъ рукIарал ясаз, дица кьезехъин бугеб жаваб бичIчIараб гIадин, дунги гьоркьой къотIизаюн, абуна ракIалдаги вугила, тIад ретIун букIараб парталгицин лъалила. Унго-унгоги, гьеб лахIзаталъ гьев вохун тараб куцха. Гьесул беразул кенчIейги гьезулъ букIанщинаб рохелги, гьаб хабар нужее бицунелъул, цебе бачIана.

Наира йиго халкъалъ ракI-ракIалъ къабул гьаюрай артистка. Гьелъул рукIунаро гIицIго сценаялда жидер къисмат къокълъулел ролалги. Гьелъ хIарал ролаздаса лъала гьей магIарулаздаги. Гьелъ ролал хIала драмаялдаги, комедиялдаги, трагедиялдаги. Гьелъул багьадурзабигун цадахъ гIодула, релъула спектаклялде рачIарал. Угьдула, къварилъахъдула. Гьедин кIикъого соналъ ункъого батIияй Наирае хъат чIвана магIарул халкъалъ. Жакъаги сапаразда йиго Наира ХIабибулаева. Гьезул щибаб сухъмахъалъул, щибаб шагьраялъул буго цохIо жиндиего хасаб ва гьелдаго цадахъ киналго актеразеги гIаммаб тарих. Тарихалъул тIанчал нахъехун регани, гьенир ратула театралияб махщелалъул хIокIаздаса хIокIазде яхунаго, нахъа тарал гвангъарал лъалкIал:

- 2001 сон - Дагъистаналъул мус­та­хIикъай артистка.

- 2018 сон - Дагъистаналъул халкъияй артистка.

- 2015 сон - МахIачхъалаялъул бетIерасул цIарулаб сагIат.

- 2019 соналда заочно лъугIизабуна ДГУялъул актерасул махщалил факультет.

- Республикаялъул Культурая­лъул министерствоялъул дипломал ва грамотаби.

- Йокьулей артисткаялъул гьунаралъе 40 соналъ халкъалъ чIвалеб бугеб хъат.

Наираца жиндирго учительлъун рикIкIунев вуго Дагъистаналдаса тIоцевесев профессионалияв режиссер ХIамид Рустамов. Амма театралияб махщалида бищунго кIвар бугев ва аслияв учительлъун гьелъ рикIкIуна жиндир цееяхъиназе хъат чIвалел магIарулал.

- МагIарулаз дие чIвалеб хъат - гьеле дир актерлъиялъул аслияб хIасил. Гьелъие гIоло хIаракат бахъана дица сценаялдаса дирго багьадурзабазул гIамал-хасиятазда релълъарайлъун йикIине. Гьеб бигьаяб букIинчIо дие, гIанчIай гIолилалъе, цин елъизе-йохизе, цинги гIодизе-пашманлъизе ва ралагьарал дидаго цадахъ гьебго жо гьабизе тIамизе. Гьеб киналъего дие къуват кьуна гIагараб халкъалъ тIоцебе, кIиабизе….. къоабизе, лъабкъоабилеб…, ункъоабилеб нухалда чIвараб хъаталъ, - илан абуна Н. ХIабибулаевалъ.

Театралъул нухмалъулезда гьоркьоса бищунго бигьаго хIалтIизе лъида цадахъ букIарабилан абураб суалалъе гьадинаб жаваб кьуна Наираца:

- Театралъул щивав нухмалъулес хасаб бакI ккола дир театралияб гIумруялъулъ. Дурго хIалтIи-пиша дуца ракIбацIцIадго тIубалеб бугони, нухмалъулесулги дурги дандеккечIого букIунаро. Гьезул щивасе дун налъулайги йиго дир театралияб гIумруялъул тIехьалда гьез хъварал тIанчазухъ. Гьанжесев директор МухIамад БисавгIалиевасеги кьезе бокьун буго кIудияб баркала. Гьесул баркаталдалъун, Москваялда гIумру гьабун вугев дагъистанияв, жиндир кумекалъулаб квер киса-кибего щолев, ГIахьвахъ районалдаса ГIумар МуртазагIалиевасул сахаватлъиялдалъун Авар театралъул мина цIигьабун къачIазехъин буго, - ян бицана Наираца.

Театралъул рокьулел артисткабазул хIакъалъулъ цIехедалги, гьелъ абуна:

- Дие киналго рокьула. Дица ца­дахъ хIалтIулел руччаби-актерал ро­­кьулел-рокьуларезде рикьуларо. Щи­валъул буго жиндирго тIокIлъи. Гьайгьай, рукIуна гьединго гъа­ла­тIалги. Ниж цоцаца жанире-къва­тIире рачун рукIуна. Квешаб-лъикIабги бадибе абун, цадахъ рекъон хIалтIула. Гьедин бугони, хIалтIиги берцинго нухда уна.

Амма жакъа къоялъги цереса унаро Россиялъул халкъияй артистка Сидрат Мажидовалъул гIанчIаб релъиги талихIалъул цIурал бералги, гьелдаго цадахъ гьей халкъалъ къабул гьаюлей йикIараб куцги. Дицаги хIаракат бахъана, бахъулебги буго ва хадубккунги бахъизе буго магIарул халкъалъул Сидратиде букIараб гIа­даб рокьул цо гьитIинабго хIенехIа­лъегIаги мустахIикъайлъун йикIине, - ян.

Ва ахиралдаги - гьарула халкъияй артисткаялъе театралияб къисматалда - дагьалги чIахIиял бергьенлъаби, гIумруялъулъ - хъизамалъулаб талихI, кIиявго васасе - буцIцIараб, роцIараб дуниял.

Шамай Хъазанбиева