МагIишатияб хIалтIул (экономикаялъул) исанасел хIасилал мухI­канаб куцалда лъала лъагIалил ахиралда. ГьабсагIаталда руго гьаб лъагIалил тIоцебесеб бащалъиялде ругел гIага-шагарал баянал. Гьезул хIисаб гьабун хадуб бичIчIулеб буго исанасеб сон беццизе гIадаб гьечIеблъи.

Промышленность

Гъоркьиса, гьабго болжалалде дандеккун, гьелъул хIалтIи, къва­тIибе биччараб гIаммаб продукциялъул къадар цIикIкIана 6 проценталъ.

Бищун лъикIал хIасилал (23 процент) руго энергетикаялъул ва газалъул магIишатазул.

Ралел бакIал

Гьениб гьабураб хIалтIул гIаммаб багьа бахун буго 117 миллиард гъурщиде. ХIалтIизе биччан буго цо миллионгун 21 азарго квадратияб метралъул мина-карт (10,4 проценталъ цIикIкIун)

Туризм

Исана нилъехъе щвана гIага-шагарго 720 азарго турист, араб соналъул гьебго заманалде дандекуни, 14 проценталъ дагь. Гьеб къадар дагьлъиялъе гIиллалъун гIемерисез рикIкIунеб буго гьава-бакъалъул шартIал, магIарухъ цIадал ралел рукIин.

Росдал магIишат

ЦеречIарал, тIурачIого гIоларел, кIудиял квалквалал гьарулел масъалаби гIемер ругониги, ахирал соназда росдал магIишаталъ рихьизарулаан гIезегIан лъикIал хIасилал. Исана гьеб рахъалъ буго дагьабго лъалхъи, магIишаталъул цо-цо рахъал чIун хутIана ругебго бакIалда, цо-цоял дагьалго нахъецин ккана. Амма камун гьечIо цебе гали тIамуралги. Гьелъие руго гIемерал гIиллаби, нилъер республикаялъе хаслъи бугелги тIолабго Россиялъе гIаммалги. Кинаб рахъалдасан ралагьаниги, аслияб гIиллалъун ккола халатрахъарал чвахунцIадал ва квач - гьез хвезабуна тIогьолъ бугеб пихъ, нахъе бахъизе ккана жиндир заманалда гьабизе кколеб букIараб хIалтIи, чIезаруна чара гьечIел тадбирал. Гьелда цадахъго, бищун аграриязе хIажатаб заманалда цIакъго хиралъана солярка, запчастал, удобрениял. Хасало хьалел могьолал рукIана 80 азарго гектаралда, исана гьениса бакIарана 157,2 азарго тонна тIощалил (гьеб тарих дагьабго хисизеги бегьула), гьединабго гIатIилъиялдаса гъоркьиса бакIарун букIана 217,7 азарго тонна. Исана хIадуризе ккола 1,6 миллион тонна харил, сумал ва сенажалъул, гьанжелъизегIан хIадурун буго гьезул 1,2 миллион тонна, 0,7 проценталъ цIикIкIун. Ахбазаналъул исана щвана 35 азарго тонна, гъоркьиса бакIарун букIана 78 азарго тонна, багIли – 13,1 азарго тонна, цебе гьоркьохъеб хIисабалда бакIарулаан 22 азарго тонна. Бахчабазул (хъарпуз, пастIан, хъабахъ) жакъа къоялде бакIарун буго 173 азарго тонна. Гьеб хIалтIи гьабсагIаталда тIадбан жеги унеб буго. Гьединлъидал мухIканал хIасилал хадур лъазе руго.

Мокьрол ахал руго 2,5 азарго гектаралда, гьениб бугеб ахIвал- хIалалъе къимат кьезе жеги цудунго буго.

Дагъистаналда буго 445 азарго гIака, лъагIалил тIоцебесеб бащалъиялда гьездаса бечIчIун буго 977,1 азарго тонна рахьдал, гьеб дагьаб цIикIкIун буго гъоркьиса букIараб къадаралдаса. Официалиял баяназда рекъон, Дагъистаналда буго гIи-цIцIаназул 4,6 миллион бетIер.

Ахирал соназда республикаялда къунцIулаан квасул 14 азаргогIанасеб тонна. РукIарал планазда ва ругел баяназда рекъон, исана къунцIун буго 15,7 азарго тонна. Гьедин букIин гIемер лъикI буго, амма квеш ккараб жо буго гьелъул багьа рехсезе нечараб, магIишатазе пайда гьечIеб букIин. Цо-цо магIишатаз гIи къунцIулеб буго хайир щвезелъун гуреб, къунцIичIого гIоларого букIун.

ЧчугIихъанлъи

Исана нилъер гьаниб ккун буго 15,4 азарго тонна ччугIил, гьелдаса 14 азаргогIанасеб тонна ккола килька. Гьеб къадар буго цебехун кколеб букIаралдаса лъабил бутIаялъ дагь. Амма хасаб бакI кколеб ва гIаммаб къадаралде гьоркьобе унареб форель (масакI) ччугIаялъул ккун буго 1,5 азарго тонна, гъоркьиса ккуралдаса 50 проценталъ цIикIкIун.

ГIаммаб къадар дагьлъиялъе аслияб гIилла ккола Каспий ралъдал лъим цIакъго гIодобе ккей ва гьава-бакъалъул хиса-свериял.

ГIабаш ГIабашилов