«Хабар ал-Ангиди» (Ангъидаса Халилил гIумруялъул баянал) – гьединаб цIар буго дагьал церегIан къоязда басмаялда бахъараб тIехьалда. Жакъа къватIире риччалел тIахьал дагьал гьечIо. Гьезда гьоркьор руго лъикIалги, цIакъго лъикIалги, миллатазе гьечIого гIоларелги. Гьединаблъун бихьана дида Дагъистаналдаса вахъарав дипломат, гIараб мацIалъул гIураб лъай бугев гIалимчи, «ХIакъикъат» газеталъул гьудул ГIалиев Багьавудиница басмаялде хIадур гьабураб гьеб асар.

Щивха кколев гьеб тIехьалда бицен гьабулев ЦIумада районалъул Ангъидаса Шайихиласул вас Халил? Имам Шамилил бетIерлъиялда гъоркь Дагъистаналда халкъазул эркенлъи, чияда рараллъун рукIунгутIиялъе гIоло имамас гьабураб къеркьеялъул хIакъалъулъ мухIканал баянал аслияб куцалда нилъеда лъала машгьурав тарихчи Къарахъа МухIамадтIагьирил хъвай-хъвагIаяздасан. Гьесулалдего бахараб даражаялда гьел захIматал соназда имам Шамилил ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ ритIухъал баянал, хъвай-хъвагIаял нилъее нахъа тарав ва автор ккола Халил. 

Дол соназул хIакъалъулъ нилъехъ ругел баяназде тIаде гьесул бечедаб хъвавул нахърателалъ рес кьолеб буго, дагьабги гъварид гьабун, тарих лъазабизе. 

Багьавудиница кьурабго, гьеб тIехьалъул хал-шал гьабизе лъугьарав дида, тIубанго цIалун лъугIичIого, гьеб гIодоб лъезе кIвечIо. ЦIализе ракI тIаде унеб къагIидаялда хъван буго тIехь. ХIакъикъаталдаги, гьелда жанир руго жеги нилъер тарихияб гIелмуялда гьечIел баянал ва гIадамазул сипатал. Гьез гIемерго бечед гьабула дол соназул тарихалдехун цIалдолесул пикру. Гьединлъидал тIехьалда хъваралъул хIасил хIажатаб буго, гIицIго тарихалъул гIалимзабазе гуребги, гIадатияв инсанасеги.

Авторас байбихьуда рагьулел руго Ангъида росдал хIакъикъияб тарихалъул тIанчал, бицунеб буго Халилил гIумруялъул ва гьесул къисматалъул хIакъалъулъ. Халил гьитIинго вукIун вуго гIелму-лъай босизе гъира бугев чилъун. Гьев цIалун вуго Къарахъа МухIамадтIагьирицаги жиндихъ гIелму лъазабурав гьебго росулъа МустIапа-къадиясухъ, гьесул мадрасаялда. Хадув цIалун вуго Хъваршиса Загъалав, Хуштадаса ПирмухIамад, ГIурадаса МухIамадил МуртазагIали, ГьитIинав Ибрагьим-хIажи гIадал гIалимзабазухъ. ГIелму-лъаялъул даража борхарав Халилица лъеберго гIагарун соналъ дибирлъи гьабун буго ТIинди росулъ. Халилица Шамил имамасда цадахъ гIахьаллъи гьабун буго Кавказалъул рагъулъ ккараб цо чанго гьужумалъулъги. Гьезда гьоркьор руго 1853 соналда ЧIохъ росулъ, 1853 соналда ЦIоралда ккарал рагъал. Жеги тарихалда рукIинчIел цIирагьарал хIужаби тIехьалда кьун руго 1877 соналда ккараб восстаниялъул хIакъалъулъги.

1862 соналда Халил вукIун вуго Болъихъ округалъулаб диваналъул (судалъул) гIахьалчилъунги. Гьесул хъвай-хъвагIаяз аслияб куцалда жанире рачунел руго 1829-1905 соназда, ай 76-гIанасеб соналъ ккарал лъугьа-бахъинал. ТIехьалда руго «ГъазимухIамадил жаназа цогидаб бакIалда букъиялъул хIакъалъулъ», «Сибиралдаса харбал», «ХIеж борхулезе малъа-хъваял», «Лъим кIанцIиялъул ва росаби рихиялъул хIакъалъулъ», «Дагъистаналъул цо-цо машгьурал гIадамазул хIакъалъулъ» абурал гIадал кIвар бугел бутIрул.

ТIехьалда авторас рагьулел руго Халилил тухум-кьибилалъул кьалбал, гьелъул вакилзабазул къисмат, советияб заманалда (1944) гьел гIагараб ракьалдаса гочинариялъул хIасилалда бихьараб гIакъубаялъул ва ккарал камиязул, нахъеги тIадруссун цIигIуцIараб гьанжесеб Гъизилюрт районалъул Акнада росулъе гочинариялъул хIакъалъулъ хIужаби. Бицунеб буго Халилил жиндирго букIараб бечедаб, амма тIубанго цIунизе кIвечIеб библиотекаялъул хIакъалъулъги.

ГIемерал соназ гIагарлъиялъ ва росдаца рикIкIунеб букIун буго Халил ГIарабиялде, хIежалде аралъув Аллагьасул къадаралде щванилан. Гьединаб пикру бижиялъе гIиллаги ккун буго 1871 соналда хIежалде аралъув къадаралде щварав имам Шамил вукъулеб тадбиралда Халилица гIахьаллъи гьабунилан абураб хIужаялъ. Амма гьесул хъвай-хъвагIаязул цонигиялда гьес жиндирго цIаралда хадуб «хIажи» абураб нахърегIел тIехьалъул батулеб гьечIо. Гьелде тIадеги, Дагъистаналъул ва росдал тарихалде кIудияб кIвар кьолев, гьезул хIакъалъулъ гъваридаб магIнаялъул тIахьал хъварав Багьавудинида Ангъида росулъ батун буго «Гьаб буго хIурмат тIадегIанав гIалим, Дагъистаналъул муфти Шайихиласул вас Халил. 1907 соналъул 14 февраль» абун тIад хъвай-хъвагIай бугеб хоб. 

ГIалиев Багьавудинил гьаб тIоцебесеб тIехь гуро росабазул ва машгьурал гIадамазул тарихазул, къисматалъул хIакъалъулъ хIадур гьабураб. Гьесул гIемерал руго гьединал асарал. Газеталъул редакциялъ гьесие гьарула жеги лъикIал хIалтIаби хъвазе тавпикъ ва щулияб сахлъи.

Зикрула ИЛЬЯСОВ