Исана риидал МахIачхъалаялъул лъималазе гIуцIун рукIана рахьдал мацIал малъиялъул курсал. Гьезул хIасилал гьаруна 28 августалда.

Рахьдал мацIал малъана «Языковая экспедиция: обучение родным языкам через игры и ролевые приключения» абураб проекталда рекъон. Гьеб хIадурана Дагъистаналъул халкъазул мацIалги маданиятги цебетIезабиялъул фондалъул нухмалъиялда гъоркь Шамсигат Султанбеговалъ. Проекталъе щун букIана ДРялъул бетIерасул грант. Гьелда рекъон, лъималазда малъана магIарул, дарги, тум, лъарагI ва лезги мацIал. ЦIали гIуцIун букIана МахIачхъалаялъул №29 школалда. Июналдаса августалъул ахиралде щвезегIан рахьдал мацIазул дарсал кьуна Зарема ГIабдухаликъовалъ (магIарул), Андриана Мисрихановалъ (тум), ПатIимат Насрутдиновалъ (лъарагI), Аминат Юсуповалъ ва МухIамад МухIамадовас (дарги), Сулейман Тагибековас (лезги).

Анкьида жаниб лъабго къоялъ кьолаан кIи-кIи дарс. ТIоцебесеб дарсида малъулаан Дагъистаналъул халкъазул мацIазе хасиятал хIарпалги пуланаб темаялде рекъонкколел рагIабигун къокъал предложениялги ва кIиабилеб дарсида такрар гьабулаан цебеккун малъараб дарс. Гьел дарсалги рукIана гIадатиял гурел, гIемерал хIаялги гъорлъ ругел. Гьединлъидал батила,  багIариялъухъги риидалил каникулазда хIухьбахъи гьабизе кколеблъиялъухъги ралагьичIого, лъимал гъираялда хьвадулаан дарсазде.

Проекталда рекъон, щибаб классалда вукIине кколаан 10 цIалдохъан. Амма лъималазул бугеб гъира нахъ чIвачIого, проекталъул нухмалъулез къабул гьаруна киналго. Гьедин проекталда гIахьаллъана 80-ялдаса цIикIкIун цIалдохъан. МагIарулги лъарагIги мацIазул кIи-кIи класс рагьизе ккана.

ЦIали гIуцIун букIана лъабго модулалдаса. Гьел рикьана цIалул программаялда рекъон. Цебеккунго хIадурана щибаб дарсида малъизе кколел рагIабазул сияхIги. Гьел рукIана хъизамалда, инсанасул рукIа-рахъиналда, сверухълъиялда хурхарал. Киналго дарсазда чара гьечIого хIалтIизарулаан хIаялги. Масала, «Хъизан» абураб темаялъул рагIаби малъулаго, лъимал рикьулаан ролазде: эбел, эмен, дахIабаба, дахIадада, яц, вац ва гь.ц. Гьезие хIадурулаан квен – сураталда ругезда гьоркьоса кванил нигIматалги тIаса рищун.

Щибаб дарсида хIалтIизарулаан интерактивияб доска, проектор, ноутбук. Техника чIезабун букIана щибаб классалъе. ЧIезарун рукIана тематикаялде рекъонкколел ва дарсида хIалтIизаризе санагIатал сураталги спортивиял алаталги.

Проекталъул хIасилал гьариялъул тадбир нухда бачана магIарул мацIалъул учительница Зарема ГIабдухаликъовалъ. Лъималаздаги учительзабаздаги байрам баркизе рачIун рукIана Дагъистаналъул халкъазул мацIалги маданиятги цебетIезабиялъул фондалъулги «Султа-Мут» абураб лъарагIазул жамгIияб гIуцIиялъулги нухмалъулел, «Эпоха» басмаханаялъул нухмалъулей Хадижат КъурахIова, Дагъистаналъул эстрадаялъул артистал. Гьез лъималаздеги гьезул эбел-инсудеги хитIаб гьабуна, курсазда малъараб кIочонгутIизе, рокъобги рахьдал мацI бицеян абун. Х. КъурахIовалъ щивав цIалдохъанасе сайгъат гьабуна миллаталъул маданияталъул ва тарихалъул хIакъалъулъ бицунеб тIехь.

Щуябго классалъ тадбиралъул гIахьалчагIазда бихьизабуна рахьдал мацIалда гIуцIараб гьитIинабго церерахъин. МагIарулазул классалъул церерахъиналда шагьаралъул лъимал рачIун ругоан магIарухъе. Интернетги гьечIеб, телефонги хIалтIулареб бакIалда ракIгъеялъе гьезда ратула гьудулзабилъун лъугьарал росдал лъимал. Сценкаялда хIалтIизаруна Р. ХIамзатовасулги ЦI. ХIамзатилги асараздаса бутIаби. Ахиралда лъималаз ахIана магIарулазул гимнги ва камилго рикIкIана «8888 къверкъ кьода гъоркь къвакъвадана» абураб калимаги.

Тадбиралъул ахиралда лъабабго моцIалъ гьоркьоса камичIого дарсазде хьвадарал лъималазе сайгъат гьаруна тIад цIар хъварал сертификатал. ХIурматалъул грамотабигун гIарцул сайгъатал кьуна проект гIумруялде бахъинабиялъе хIаракат гьабурал учительзабазеги.

ТIасияб соналдаги бокьилаан гьединал дарсал гIуцIаниян абураб пикру загьир гьабуна лъималазги гьезул эбел-инсуцаги. Пайдаяб хIалтIи гIуцIиялъухъ проекталъул гIахьалчагIазе баркала кьуна «Центр президентских инициатив» абураб идараялъул вакилзабазги.

Проекталъул автораз баркала кьуна МахIачхъалаялъул №29 школалъул администрациялъе – рахьдал мацIалъул дарсал кьеялъе рес кьеялъухъ; «Ювелирный дом «Тримиата» абураб фирмаялъул нухмалъиялъе – курсал гIумруялде рахъинариялъе квербакъиялъухъ; «ХIакъикъат», «Ёлдаш» ва «Илчи» газетазул редакциязе – курсазул хIакъалъулъ макъалаби рахъиялъухъ.

Кавсарат Сулейманова