ТIадегIанаб цIалул заведениялъул преподавателасул къо исана кӀодо гьабизе буго 19 ноябралда. Гьеб байрам чӀезабуна РФялъул ГӀелмуялъул ва тӀадегӀанаб лъай кьеялъул министерствоялъ 2021 соналъул тIоцебесеб ноябралда къабул гьабураб № 992 буюрухъалдалъун. Гьеб къо чIезабиялъе байбихьи лъуна Россиялъул Президентас. Байрамалъул мурад ккола тӀадегӀанаб лъай кьеялъул мугӀалимзабазул махщелалъул къадру борхизаби, гьеб махщелалде гӀолилазул гъира цӀикӀкӀинаби, гӀелмиял цӀех-рехазде кадраби ахIи. Байрам тӀобитӀизе къо тӀаса бищана Россиялъул цӀар рагӀарав гӀалимчи, Россиялъул лъай кьеялъе кьучӀ лъуразул цояв, МГУ гӀуцӀарав Михаил Ломоносов гьавураб къоялъул хӀурматалда.

Гьеб байрамкъоялда цебе, преподавателасул хIалтIул кIваралъул, гьесулъ букIине кколеб камилаб гIамал-хасияталъул хIакъалъулъ бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна ДГУялъул Да­гъистаналъул тарихалъул кафедраялъул доцент, тарихиял гIелмабазул кандидат, студентаз жиндие кьолеб лъикIаб къимат бищун кIудияб шапакъатлъун рикIкIуней Байзат ХIусеновалъулгун.

- Байзат, 19 ноябралда нилъеца кӀодо гьабула нужер профессионалияб байрам - ТӀадегӀанаб школалъул преподавателасул къо. Щиб гIилла букIараб дуца вузалъул преподавателасул хIалтIи тIаса бищиялъе?

- Дун гIемерал соназ хIалтIана ЛъаратIа районалъул школалъул тарихалъул учительлъун. Хадуб нижер хъизан гочана МахIачхъалаялде. ХIалтIизе лъугьана ДГУялъул Дагъистаналъул тарихалъул кафедраялде ва, ячIинахъего тIаделъана гIелмияб хIалтIуде, кандидатлъи цIунизе ниятгун. Гьелдаго цадахъ гьабуна педагогикияб хIалтIиги. Щибаб нухалъ, студентазул берал гвангъулел рихьараб, гьезда гъваридаб тема бичӀчӀараб мехалъ, дун цIакъ йохула, дида ккола дир хӀалтӀул бугин магӀнаги пайдагиян. Гьелъ диде гъира-шавкъ бачIинабула жеги лъикI хIалтIизе.

- Кинал хаслъаби рукIине кколел камилав преподавателасул?

- Дир пикруялда, камилав мугIалим вукӀине ккола сабруяв, жиндирго предмет лъалев ва бокьулев, студентал хадур рачине бажарулев. Гьединго кӀвар бугеблъун ккола гӀадатиял рагӀабаздалъун гъваридал бичӀчӀиял баян гьаризе бажари, ритӀухъаб къимат лъей, гьоркьоса къотӀичӀого живго цеветIезавиялда тIад хIалтIи. Гьесие, жиндирго лъимал гIадин, рокьизе ккола студентал. Гьедин гьабулеб гьечIони, хIалтIи лъугьунаро.

- Гьанжесеб лъай кьеялъул цебетIеялда преподавателасул хIалтIул бугеб кIваралъе дуца кинаб къимат кьолеб?

- Жакъасеб дунялалда преподавателасул иш лъугьун буго цIакъ кӀвар бугеблъун. Лъай кьей гуребги, нижеца студентазда малъула критикияб куцалда пикру гьабизе, баянал- хIужабазул цIех- рех гьабизе, щвараб лъай ишалъулъ хӀалтӀизабизе. Преподаватель ккола студентазе жидерго махщелалъул нух батизе кумек гьабулев насихIатчиги.

- Кинал къагӀидаби ва бербагьиял дуца хӀалтӀизарулел дурго педагогикияб хIалбихьиялда?

- ТIоцебесеб иргаялда, дие щивав студент ккола гIакълу-лъай босизе ниятгун вачIарав чи. Студент кӀудияв гIолев вуго, гьесул пикру камиллъулеб буго, гьесул хьвада-чӀвади магIнаяблъун лъугьунеб буго. Гьединлъидал гьесул цIалуде ва гIумруялде бугеб бербалагьи битӀараб нухде ккезабиялъе къваригӀуна чIахIиязул, ай преподавателасул кумек. ЦохIо лъай кьун тIубаларо, нижеца гьезулъ куцазе ккола гIаданлъи, яхI-намус ва ватIан бокьи. Школалдаги вузалдаги кьечIони, кир гьезие щвезе ругел лъикIлъиялъул ва гIаданлъиялъул гьел гIамалал. Нижеца гьеб кинабго студентазда бичIчIизабула нилъер бахӀарчияб халкъалъул гӀумруялъул мисалаздалъун. Дица хӀаракат бахъула гӀадатияб дарсил къагӀидабиги гьанжесел технологиялги цолъизаризе. КӀвар бугеб жо ккола, студентаз материал гьадинго лъазаби гуребги, хӀакъикъиял ахӀвал-хӀалазда гьеб хӀалтӀизаби.

- Сундаса букIунеб чӀухӀи?

- Дун чIухIула гIагараб ЛъаратIа районалъул школалда тарихалъул учительлъун йикIаго гьабураб лъикIаб хIалтIудаса, дир гIемерал цIалдохъаби лъикIал вузазде лъугьиналдаса. Дун йохунги чIухIунги йикIуна жакъа гьабулеб дир гIамал-хасияталда рекъараб ва бокьулеб хIалтIудаса. Абиги гьечIищха, унго-унголъунги талихIав чи кколин гъираялда хIалтIуде унев ва гъираялда рокъове тIадвуссунев чиян. Дун ккола гьединазул цояй.

- Дур пикруялда, педагокияб хIалтIи байбихьаралдаса нахъе хисун ругищ студентал?

- Студенталги хутIуларо заманалда рекъон хисичIого, амма гьезул цо кIудияб батIалъи бихьулеб гьечIо. Цереги рукIана тасамахIго цIалулел ва гIадлу-низам хвезабулел студентал, жакъаги руго. Преподавателасул гьунарги сабруги гIезе ккола гьезул пагьму-гьунар рагьулеб кIул балагьизе. Бокьани, гьес балагьула студентасул рекIелъе нух.

 КIудияб батIалъи гьечIо вузалъул преподвателасулги школалъул учителасулги хIалтIуда гьоркьоб. Дида бигьаго кIола гIолилазулгун гIаммаб мацI батизе. Учителасул хIалтIул кIудияб хIалбихьи бугей дие гьеб букIана гIадатияб масъала.

- Абула, жакъасел студентазул бащдазул гурони профессионалияб училищеялъул гIадаб лъай гьечIин ва преподавателаз гьезие лъабил «сайгъат» гьабизе кколеб бугин...

- Цо рахъалъ гьеб битIараб пикру буго. Жакъа школалда лъималазе щолеб буго цIакъ загIипаб лъай. Камуларо лъикIаб лъайгун нижехъе рачIунелги.

- Советияб заманалда вузалъул кIалтIецин риччалароан жакъа ругел гIадал цо-цо студентал. Гьел ине ккелаан профтехучилищеялде. Амма гьанже лъай кьеялъул иш ккола гIицIго бизнес-проект, гӀарац кье ва жанире лъугьа. Мун тIад рекъолищ гьаб пикруялда?

- Рекъола, амма гьеб кколаро преподавателазул гIайиб. ГIарацги кьун, цIализе лъугьарал студентаз, расги нечечIого, абула: «Нижеца цIалухъ гIарац кьуна», - ян. Дица гьезда бичIчIизабула, гIарац кьунин абун, гьел лъай-гIакълу бугеллъун лъугьунареблъи.

- Жакъа гIемерисел студентал лекциязде рачIунел руго, киноялде гIадин, васал - спортивияб ретIелги ретIун, ясал - хъвадаризе квалквал гьабулел халатал малъалгун…

- БитIараб буго, руго гьединал гогьмаби. Гьеб рахъалде дица кIудияб кIвар кьола. Аслияб куцалда дихъ рукIуна тIоцебесеб ва кIиабилеб курсазул студентал. ТIадчIей гьабун, дица гьезда малъула ретIа-къай букIине кколеб куцалъул, малъазул ва кутакал махIазул тIаде пунхъулел жалазул рукIине бегьулел квалквалал рахъазул.

- Профессионалияб байрамалда дуца щиб гьарилеб ишцоязе?

- Киналго ишцоязе гьарула щулияб сахлъи, гӀорхъи гьечӀеб къуват, камилаб сабур. Щибаб къоялъ нужее кьеги студентазулгун гьоркьоблъиялъул рохел ва гьезул бергьенлъабаздаса чӀухӀи. Гьединго пишацоязе гьарула махщел камиллъи, цӀиял пикраби ва киналго анищал гӀумруялде рахъин!

Нури Нуриев