Газ бачине буго чӀобого

Социалиял бигьалъаби щолеллъун рикӀкӀуна ветеранал, инвалидал, лъимал гIемерал хъизамал, чиякъго хутӀарал пенсионерал, СВОялъул гӀахьалчагӀи ва гь. ц. Гьединазул сияхӀ букӀуна щибаб муниципалитеталъул социалияб рахъалъ гӀадамал хьезариялъул идараялда.

Дагъистаналда бугеб «Газпром межрегионгаз Махачкала» ОООялъул баяналда рекъон, тӀадехун рехсарал ва жидеца гӀумру гьабулеб ва гьенибе цебеккун газ бачун бугеб росулъа гӀадамазул минабахъе газ бачине хӀажатаб къайи-алат босизеги газалъул мухъ бачинеги харж гьабураб гӀарац бецӀизе буго пачалихъалъ. Жиндие бигьалъи гьабизе тӀадав чиясул цо минаялде бачуна газ чӀобого, ай гьеб бачунаго харж гьабураб гӀарцул 100 азарго гъурущ бецӀула. Гьеб бецӀизе буго 2022 соналъул 21 сентябралда РФялъул президентас тасдикъ гьабураб «Об объявлении частичной мобилизации» абураб № 647 указалда рекъон, Россиялъул Рагъулал къуватазда хъулухъ тӀубалел дагъистаниязеги. ГӀарац бецӀеян абун, хитӀаб гьабизе ккола МФЦялде яги Госуслуги
порталалде, ялъуни бакӀалъулаб социалияб хъулухъалъул управлениялде.
Социалияб бигьалъи гьабеян хъвараб хитӀабалда цадахъ рукӀине ккола гьадинал документал:
– паспорталъул (яги мун щив чи
кколевали тасдикъ гьабулеб цогидаб документалъул) копия;
– социалияб бигьалъи дуе кколеблъи тасдикъ гьабулеб документалъул копия;
– минаялде газ бачине хӀажатаб
алаталъухъ харж гьабураб гӀарцул
документал (чекал).
Минаялде газ бачеян абурал хитӀабал къабул гьарула республикаялъул шагьараздагун районазда ругел газалъул 39 хъулухъалда ва МФЦялъул 43 филиалалда. ХитӀаб гьабизе бегьула Газификациялъул цогояв операторасул ва Госуслуги сайтаздасан.
Дагъистаниязе рехсараб бигьалъи гьабиялъул мурадалда, 2022 соналъул анлъабилеб апрелалда ДРялъул хӀукуматалъ къабул гьабун буго хасаб № 69 хӀукмуги:
«Об утверждении порядка предоставления меры социальной поддержки в виде единовременной денежной выплаты на оплату расходов, связанных с приобретение, установкой внутридомового газового оборудования и проведением газопровода внутри земельного участка, отдельным категориям граждан, проживающих в Республике Дагестан».
МухӀканаб баян батила гьаб сайталда: https://dagmintrud.ru/ press/
55072.