Бесдаллъарал ганчӀазул магӀу

Нужеда бихьанищ рек-рекарал ганчӀазул бадибчӀвайги бесдаллъарал кулабазул магӀуги? Дида бихьана…

Дир лъимерлъи ана Асатхва колода. Гьениб минаялъул гьитӀинабго гордуда бигъулаан оцол чохьол жанисеб хъал. БукӀинчӀо ток, букӀинчӀо нартил чирахъцин. Машинадул нух гьечӀел мугӀрузул районазул росабалъе бачӀунароан нарт. ГанчӀил «гъадринибе» толаан нах ва гьениб рекъезабулаан квасул кьурараб кун. Гьелда рекӀинабураб цӀаялъ кьолаан мукъсанабго канлъи.

БукӀинчӀо печь. Рукъ бакьулъ бакулаан цӀа ва гьелда тӀад кидаго букӀунаан мокърукь бараб кварида дализабураб хьаг. Бакараб цӀадул кӀкӀуй къватӀибе ине мокърукь гьабулаан каратӀ. Гьелдасан жанибе цӀад ва гӀазу бачӀунгутӀизе гьелда тӀад лъолаан кӀудияб ганчӀил къоно — гьеб гӀебса чӀезабулаан гъоркь лъурал ганчӀазда тӀад.

Колода гӀумру гьабулаан 30-гӀан чияс. Гьел ихдал рачӀунаан колоде ва хасалихълъи тӀаса инегӀан гьенир рукӀунаан, хъизан-лъималгун, гӀи-боцӀигун. Рузманкъоялъ бихьинал унаан росулъе, рузман базе. Рузманалде Гьакварире рачӀунаан сверухъ ругел кулабаздасаги гӀадамал. Хасалоде киналго тӀадруссунаан росулъе.

Росуцояз, щивас рагьун пикруги загьир гьабун, вищулаан росдал имам. Гьес  нухда бачунаан росдал гӀумруги магӀишатги: лъие кумек къваригӀун бугеб, кида рекьи байбихьилеб, щал гьукъараб пишаялде машгъуллъун ругел ва рецц-бакъалъе щив мустахӀикълъулев. Росдал мегъ-хур сабаблъун дагӀба-рагӀи ккаралъуб гӀадлу гьабизеги рос-лъадуда гьоркьоб кьал ккедал маслихӀаталъеги вахъунаан росдал имам. РакӀалда гьечӀо Гьаквари росулъ чи чӀваялъул яги лъукъиялъул цониги хӀужа. Гьединаб низам билълъанхъизабулаан имамас. Амма чанги ккана кьурса чи вортиялъул ва хвеялъул лъугьа-бахъинал. Кодоб ярагъгун, чуги кьолон, ватӀан цӀунизе гӀолилал ахӀулевги вукӀана имам. Лъимералда цӀар лъезеги, магьари лъун, цӀияб хъизамалъе вагӀза-насихӀат гьабизеги, абадияб рокъове бусурбанчи тӀовитӀизеги ва хварасул хӀакъалъулъ лъикӀаб калам гьабизеги чара гьечӀого хӀажатав вукӀана имам.

Гьединав вукӀана Гьаквари росдал имам, гӀалимчи МухӀамад ГӀашикъов. Гьесул гӀадаб берцинаб гьаракь жеги рагӀичӀо дида. Машгьурав Энрико Карузол гӀадинаб букӀана какде ахӀулеб гьесул гьаракь. ГӀакъиллъиялъул рахъалъ гьев релълъунаан Сократида. Гьакварисез гьесул цӀар кьун буго росдада гӀагарда бугеб мегӀералъе.

ГӀашикъовасул магӀарде рахуна риидал школалъул цӀалдохъаби. Гьелъул ахада буго гӀадамаз рехун тараб чIунтараб Абубалч-кули. ГӀашикъовасул мегӀералда аскӀоб эхетун буго Расул ХӀамзатовасул цӀар чӀвараб мегӀерги.

Кулабазда букӀана магӀарулазул гӀумру. ЧӀахӀияз хурзал рекьула­ан, тӀорщел бакӀарулаан. Ниж, гӀи­си­нал лъимал, тӀолабго къоялъ эркенго тира-сверулаан сверухълъи­ялда. Рокъо­ре ниж хъамулев чиги вукӀунароан, кьандиса хвах къотӀарал тӀажалцин рукӀана нижер. КиналгӀаги пампер­салги хӀажалъулароан. ХӀатӀида гӀицӀго, ботӀрода тӀагъур лъечӀого, бакъукьги цӀадакьги Аллагьасул цӀобалъ… къасиялде руссунаан рокъоре, цо-цо ругъналгун, хъарсараб квер-бохгун, амма талихӀал. Эбел-эменги семулароан нижеде.

Ункъо сон баралдаса дида тӀад букӀана чахъабазул тӀалаб гьаби. Дие кумекалъе букӀана Аргъутин цӀар бугеб чӀегӀераб овчарка. Гьелъ цӀунулаан дунги гӀиги. Цоцазе кутакалда хириял рукӀана ниж.

Кулабазда гӀадат букӀана иргадал гъасда цӀа цӀунулеб. Гьеб свани, цӀидасан бакизе спичкаби рукӀинчӀелъул. РакӀалда буго, мадугьалихъ рукӀарал ГӀусманилазухъе цӀа босизе витӀулаан эбелалъ дун.

РакӀрагьарал, божилъи бугел, амма къвакӀарал, къохӀехьолел, гӀисинал васазцин магӀу бихьизабуларел гӀадамал руго магӀарулал. Бихьинчиясухъа бажаризе ккола живго жинцаго цӀунизе, эбел-инсуде гӀарзахъдичӀого, масъалаби тӀуразе — гьедин куцалаан ниж. Гьединаб букӀана кьолеб тарбия.

Гьедин унеб букӀана магӀарулазул парахатаб гӀумру. Кинабго хисана Совет Союзалъул бетӀерлъуде Никита Хрущев ккедал. Гьес 1957 соналда байбихьараб экономикияб реформаялъул кьучӀалда байбихьана кулаби риххизаризе. Гьесда дандечӀезе къуват бугев чиги вукӀинчӀо. Колхозал кӀодолъизарулинги абун, кулабахъа росабалъе хъамизе байбихьана магӀарулалги.

Гьанир лъурал суратазда руго Цуйди кулиялъул хутӀелал. Гьаквари росулъ гуреб, гьениб тӀоцебе рагьун букӀана анкьгосонилаб школа. Дун гӀемер щолаан Цуйди колода гӀумру гьабулев вукӀарав КӀудияб ВатӀанияб рагъул ветеран МухӀамад Хаштикъовасухъе. Рагъда хадусел соназда гьев вахъана классикияб гугариялъул рахъалъ Дагъистаналъул чемпионлъун. Гьев къадруяв инсан вукӀана гьайбатав вехьлъунги. Гьес хьихьулаан гьакварисезул боцӀи. Ралъдал гьумералдаса 3308 метралъул борхалъиялда бугеб Заинкорт мегӀералъул ахада Беквдахъ мегӀералъул щобазда вукӀунаан гьев гьакварисезул оцал-бусбигун. Гьайбатаб, рекӀее хӀикматаб асар гьабулеб магӀарул тӀабигӀаталъ асир гьавулаан дун. Сверухъ кьер-кьерал тӀугьдузул тӀансабиги, зодоб тӀавап гьабулел чӀухӀарал цӀумазул тӀелалги, согӀал кьурабазда расандулел бисалги, космосалда гӀадаб сихӀкъотӀигун бацӀцӀадаб гьаваги… Гьелдаса рахӀатаб, рекӀее парахалъи кьолеб бакӀ дунялалда батиларо!

Кулабахъе гьанжеги щола дун. Гьениб рагӀула дида некӀсиял умумузул лъалкӀ жиделъ бессарал басриял ганчӀазул бадибчӀвай. Шагьарал кӀодо гьарун, гӀатӀиракьалде гочарал магӀарулазе гьабулеб бадибчӀвай. ГьечӀо гьанже магӀарухъ кулаби. ХутӀун гьечӀо магӀарда гӀи-боцӀи хьихьун бажарулел гӀухьби. ГӀолеб гьечӀо магӀарухъ клубалгун библиотекаби ва больницабигун школал къачӀазе сурсат-ресги. Билулеб буго умумузул гӀадат-гӀамал, тӀагӀунел руго нилъер рахьдал мацӀал, маданияб бечелъи. Билулеб буго нилъер хасаб къанагӀатлъи. Нилъерго гӀагараб гӀамал-хасияталъул бакӀалда загьирлъулеб буго чияраб пикру, ццидалаб ва лагъзадерие хасиятаблъун рикӀкӀунеб букӀараб психология.

Турциялда, Трабзонил университеталда хӀалтӀулеб заманалда, дида рихьана берцинал мугӀрузул росаби. Гьезул къачӀайги гьениб букӀараб чӀаголъиги бихьидал, кутакалда ракӀ пашманлъана, Дагъистаналъул мугӀрузда рукӀарал чӀунтарал кулабазулгун росабазул сипатги цебечӀун. Марсалде, Венераялде, МоцӀроде сапарал гьарула Россиялъул гӀалимзабаз, гьенир гӀумруялъе санагӀатал шартӀал цӀехолаго. Гьакварисезул кулаби нилъее щай… Гьезде регӀунищ ругел… Амма бичӀчӀизе кколаан: ракьалда гӀумру гьабун бажаруларезухъа МоцӀрода ва цогидал бакӀаздаги гьеб гӀуцӀун лъугьунаро. ЧӀалгӀадисеб хӀаракат, хӀурудахъ балеб гӀарац буго гьеб.

Гьакварисезул 119 кули биххана Хрущевасул политикаялъул хӀасилалда. Гьезие росулъ бана «Бесдаллъарал кулаби» абураб памятникги. Гьелда хъван буго щибаб кулиялъул цӀар.

МухӀамад ГӀабдулхабиров

abdulkhabirov@yandex.ru