БатӀи-батӀиял къагӀидабазулги технологиязулги хIалбихьула

ЦIалдолезул гIемерал кагътал рачIуна МахIачхъалаялда бугеб Республикаялъул урологияб централъул тохтурзабазе  (РУЦ) баркала кьурал, гьезул жавабчилъиялъул, лъай-махщалил бицун хъварал.

Цебеккунги гIемер хъвана нижеца гьеб больницаялда хIалтIулел тохтурзабазулги, нухмалъулезулги, гьенир гьарулел захIматал операциязулги хIакъалъулъ. Цоги нухалда тIадруссаниги,  мустахIикъал руго гьел жидер хIакъалъулъ хъвазе.

Гьединазул цоявлъун ккола Болъихъ районалъул Гъагъалъ росулъа Гъайирбег Биларовги. Гьев ккола  Республикаялъул урологияб централда  эндоскопияб отделениялъул нухмалъулев. Щибаб къойил анцI-анцI унтарал уна,  цIиял технологиязда рекъон, Гъайирбегица гьарулел операцияздаса хадур сахлъун рокъоре.

Гьес нижее бицана унтарал сахгьариялъе  отделениялда гьарулел тадбиразул хIакъалъулъ.

— Гъайирбег, кида вачӀарав мун РУЦалде хӀалтӀизе?

— Дун хӀалтӀулев вуго 2006 соналдаса нахъе. Цин вукӀана литотрипсиялъул, ай лазералъул ва цогидал алатазул кумекалдалъун ургьисалазулъ, кӀващул мухъалда ругел ганчӀал хъуризариялъул отделениялъул заведующийлъун. 2011 соналдаса хӀал­тӀулев вуго рентген-урологиялъул нухмалъулевлъун. КӀудияб талихӀлъун рикӀкӀуна дица республикаялда малоинвазияб урологиялъе (гьитӀинаб каратӀги бахъун, яги бидурихьазулъан, ялъуни тӀабигӀияб картӀинисанго операция гьаби) кьучӀ лъуразда гьоркьове ккей.

Гьеб махщалие дун цӀалана нилъер улкаялъул церетӀурал клиникабазда. Масала, санайил цо чанго моцӀ балаан Н.А. Лопаткинил цӀаралда бугеб Урологиялъул гӀелмиял цӀех-рехазул институталда. ТӀоцебе гьениб бихьана дида тӀомода гъорлъан ургьисалазда ругел ганчӀал рахъиялъул операция. Дун тамашалъун вукӀана, гьитӀинабго каратӀги бахъун, ургьисалалъе кинабгӀаги къварилъи ккеларедухъ, чӀахӀиял ганчӀал рахъулел рихьидал. Хадусеб къоялдаго унтарав тӀаде вахъунаан, цогидазул кумек гьечӀого хьвадулаан.

— Нилъер гьанир гьарулищха гьединал операциял?

— 2008 соналдаго гьел гьаризе байбихьана дицаги дир ишцояв ХӀажимурад ГӀусмановасги. Унтарасул ургьисалалда жанибе ккезабулаан нефростомалъул (ургьисалалда жаниса кӀващ къватӀибе чвахизе лъолеб трубка) цояб рагӀал ва цогидалъусан жанибе бегьараб хасаб аппараталъ къватӀибе бахъулаан гамачӀ. Гьединаб операциялда абула эндоурологиябин. Нижеда бичIчIана малоинвазияб урологиялъул заман бачIун букIин.

— Нужеда бичӀчӀараб гӀоларелъул­ха, гьелъул рахъкколев хӀакимчи-тохтур вукӀанищ Дагъистаналда?

— Медицинаялъул церетӀурал къа­гӀидабазул рахъкколев, хӀалтӀулел тохтурзабазул гьелде пикру буссинабулев чи вукӀана нижер бетӀерав тохтур Дибир ХӀажиев. Эндоурология цебетIезабизе бокьун бугеблъи бихьидал, гьес хӀаракат бахъана гьанжезаманалъул медицинаялъул алатал централъе росизе. Босана централъе эндоскопиялъул ва цогидабги къайи (перкутанная нефролитотрипсия, уретеролитотрипсия) операциязе хӀажатал алатал. ХӀадурана операциял гьарулеб рукъ, 2011 соналъ рагьана рентген-эндоскопияб урологиялъул отделение.

— РакӀалда бугищ дурго тӀоце­бесеб эндоурологияб операция?

— БукӀинарищха. Ургьисалазул эндоурологияб операция Россиялда тӀоцебе гьабуна Станислав Зенковасги Александр Мартовасги. 2011соналда нижеца Дагъистаналде ахӀана Россиялъул эндоурологиялъе кьучI лъуравлъун рикӀкӀунев С. Зенков. Жакъаги буго нижер гьесулгун бухьен. Гьев вуго цIакъ махщел тӀокӀав тохтурги лъикIав инсанги. Северияб Кавказалдаги тӀоцебесеб нухалда эндоурологияб операция гьабуна гьесул нухмалъиялда гъоркь. Доб заманалда кӀиго къоялда жаниб анлъго операция гьабуна нижеца. Зенков гьаниса индал, тӀоцере нижецаго гьаруна гьединал операциял Дагъистаналда. Дие гьеб букӀана кӀудияб рохел, дирго махщалида ракӀчӀей. Гьеб заманалда республикаялъул телевидениялдаги бицана гьелъул хӀакъалъулъ. 2011 соналда гьединаб 28 операция гьабуна нижеца.

— ЛъагӀалида жаниб чан операция гьабулеб гьеб къагӀидаялда рекъон?

— 1000-1100-гӀанасеб. Гьел ккола тӀадегӀанаб технологиялъул кьу­чӀалда, унтарасул сахлъиялъе зарал ккеларедухъ гьарулел операциял. Гьелъие хӀажатал киналниги аппараталги руго нижер.

Эндоурологиял инвазиялъу­лал операциял гьарула ХӀажимурад ГӀус­мановасги ГъазимухӀамад ХӀажие­васги. Нижеца цадахъ хӀалбихьула батӀи-батӀиял къагӀидабазулги тех­нологиязулги. Уна медициная­лъул алатал хӀадурулел заводазде — цӀиял технологиял лъазаризе. ГъазимухӀамадгун цадахъ, масала, Karl Storz компаниялъ ахӀун, лъай борхизабиялъул мурадалда чанцӀулго Германиялде ана ниж.

— Операция гьабизе Москваялдеги цогидал бакӀаздеги уна нилъер ракьцоял. Гьелъие гӀилла щибдай?

— Щивав чиясул ихтияр буго, ракӀалъ къабул гьабулеб клиникаги тохтурги тӀаса рищизе. Амма абизе кӀола: гьанже 10-15 соналъ цере гӀадин гӀемер унаро унтарал республика тун къватӀирехун урологияб унтиялъе дару-сабабалда хадур яги операция гьабиялъул мурадалда. Унелги ккола, «нилъ гьечӀеб бакӀалда кинабго лъикӀ буго» абураб пикруялда нахъги рилълъун. Жакъа нижецаги операциял гьарула, тӀадегӀанаб технологиязул кьучӀалда. РакӀчӀун абила: махщелалъулги бажариялъулги рахъалъ Москваялъул яги Германиялъул церетӀурал клиникабазда хӀалтӀулел тохтурзабакьа къурав гьечӀо жакъасев нижер централъул бетӀерав тохтур ГъазимухӀамад ХӀажиев. Чанго соналъ цереккун нижехъа бажариялде хьул букӀинчӀел операциял гьарула жакъа РУЦалда, цониги каратӀ бахъичӀого, гьитӀинаб бакӀцӀин къотӀичӀого. Лазералъ гьарула операциял, нахъе босула кӀващул мухъалда ккараб рак унтиялъул гӀузру (опухоль). Киналго операциял рехсон щай — эндоурологияб кинабниги кумек гьабун бажарула нижехъа.

— Жалго бетӀергьанал клиникабаз операциял гьаризе ахӀула Москваялъул яги цогидал машгьурал медицинаялъул центразул махщелчагӀи. Гьелда щиб абилеб дуца?

— Щибаб клиникаялъул ихтияр буго бокьарав специалист ахӀизе, унтарасул ихтияр буго ракӀ рекъарав тохтур тӀаса вищизе, гьеб гьезул иш буго. Амма, дир пикруялда, щибаб къойил больницаялда хӀалтӀизе хьвадулев тохтурасул заман букӀунаро, улкаялъул регионазде сапарал гьаризе. Лъилго хӀакъалъулъ квешаб рагӀи абиларо дица, аслияб жо буго — унтарасе кколеб даражаялъул кумек щвей.

— Щиб гьарилеб дуца дагъистаниязе?

— Сахлъи. Кин жив сах гьавилевали щивас жинцаго тӀаса бищула. Унтарав махщел бугев тохтурасухъе заманалда щвей буго аслияб масъала. ТӀоцеве кинав тохтурасухъе унтарав ккарав — гьелда бараб букӀуна гӀемерисеб.

Кавсарат Сулейманова