БатӀи-батӀияб би жубараб пагьмуяб наслу

Дагъистаналда гӀезегӀан руго машгьурал, тӀолабго республикаялъе гуребги, улкаялъего пайдаял ишал гьарурал ва гьарулел ругел тухумал. Гьединаб буго Гъуниб районалъул ЧӀохъ росулъа Хархаровазул хъизамги. Гьал къоязда нижехъ гьоболлъухъ йикӀана медицинаялъул гӀелмабазул доктор, Россиялъул тӀабигӀиял гӀелмабазул академиялъул (РАЕ) член-корреспондент, профессор Сакинат Хархарова. ТӀаде щолеб бугеб Хъизамалъул, рокьул ва ритӀухълъиялъул къоги хӀисабалде босун, нижеца гьелда гьарана тухумалъул тарих бицеян.

— Сакинат, баркала нижер гьариги къабул гьабун, редакциялде ячӀине заман батаралъухъ. Гара-чӀвари байбихьизе бокьилаан тухумалъул кӀудияй эбелалъул хӀакъалъулъ бициналдаса.

— Нижер тухумалъул кьалбал гъваридал руго. Гьезул цӀех-рех байбихьана дир инсуца, Дагъистаналъулги Россиялъулги мустахӀикъав тохтур МухӀамад Хархаровас. Гьесда хадуб гьеб ишалде кӀвар кьола дица. Наслабазда лъазе ккола умумузул тарих.

Араб гӀасруялъул байбихьуда дир эбелалъул кӀудияв эмен Георгиясул киласалъе кӀицӀул мустахӀикълъарав ГӀабдулгӀазиз Темирханов ккола Хунзахъа, Дайтилазул тухумалдаса. Гьезул цӀар рехсола халкъияб кочӀолъги. Гьев вукӀана Россиялъул империялъ Япониялъулгун гьабураб рагъул гӀахьалчи. Гьезул полк букӀана Типлисалда. Гьениб гьесул гьудуллъи ккана гуржиязул офицер Ной Кухалейшвилилгун (гьевги вукӀана Георгиясул килас щварав рагъухъан). Гьесул яц Анналги кӀудияв инсулги цоцазухъ рокьи ккола ва Анна Матвеевна, Гуржиялъго бертинги гьабун, ячана Хунзахъе. Гьелъ босула исламияб дин, гьелда лъола ПатӀимат абураб цӀар ва гьей тӀокӀалъ Хунзахъа къватӀие яхъунаро.

1908 соналда ГӀабдулгӀазизиеги Анна-ПатӀиматиеги гьавула вас — ГӀабдулхӀамид Темирханов. Хадувккун гьесул вахъуна машгьурав пачалихъияв хӀаракатчи, ва гьес кӀудияб бутӀа лъола Дагъистаналъул маданият цебетӀезабиялъулъ. Гьесда лъалаан чанго батӀияб мацӀ. Гьев вукӀана ДАССРалъул культураялъул министрлъун, Дагъистаналъул радиокомитеталъул ва искусствоялъул ишазул рахъалъ комитеталъул председательлъун, вукӀана магӀарул газеталъул бетӀерав редакторлъунги.

Гьес магӀарул мацӀалде руссинаруна А. Пушкинил, М. Лермонтовасул, М. Горькиясул, Лопе де Вегал, Шиллерил, Бомаршел, Шекспирил ва цогидал классиказул асарал.

ГӀабдулхӀамидица кумек гьабулаан пагьмуял гӀолилазе – артистазе, художниказе, шагӀирзабазе. Гьесул квербакъиялдалъун Расул ХӀамзатов ана Москваялде, Литературияб институталда цӀализе. Расул ХӀамзатовас ракӀалде щвезабулаан: «Дун гьесухъе ана, комсомолалъул райкомалъул секретарьлъун хӀалтӀизе витӀиялъул хӀакъалъулъ кагъатгун. «Мун гьеб бакӀалде хӀалтӀизе ани, гьеб букӀине буго дур гӀумруялда жаниб бищун кӀудияб гъалатӀлъун. Мун вуго шагӀир. Дур бакӀги буго адабият», — ан рази гьечӀолъи загьир гьабуна ХӀамид ГӀабдулгӀазизовичас. Гьев ккола гӀумрудул сухъмахъ тӀаса бищизе дие кумек гьабурав ва шагӀирлъиялъул гьунар букӀиналда дир ракӀ чIезабурав чи», — ян бицунаан шагIирас. Хадубккун Расулица хъвана «Гьудул ХӀамид Темирханов хведал» абураб кечӀги.

— Эбелалъул кьалбал — Хунзахъа. Инсул тухум кисаха?

— Эмен ккола Гъуниб районалъул ЧӀохъа, багӀарав партизан Абусупянил вас, машгьурав кардиолог МухӀамад Хархаров. Гьев гьавуна 1927 соналда. Инсул эбел Муъминат йикӀана кутакалда хӀалимай гӀадан. 1945 соналда школалда цӀалун вахъарав вас гьелъ кантӀизавуна тохтурасул пиша тӀаса бищизе. ЛъикӀ цӀалулев студент вукӀана эмен. Жигаралда гӀахьаллъулаан институталъул гӀумруялдаги, вукӀана «За медицинские кадры» абураб газеталъул редколлегиялъул нухмалъулевлъунги. ХӀалтӀана Казбек районалъул больницаялъул заведующийлъун. Гьеб заманалда гьениб бана райбольницаялъе цӀияб мина, ва гьелъухъ М. Хархаров мустахӀикълъана ДАССРалъул Верховный Советалъул ХӀурматалъул грамотаялъе.

1952 соналда М. Хархаров тӀамуна ДАССРалъул сахлъи цӀуниялъул министрасул заместительлъун. Гьес лъугӀизабуна Москваялда аспирантура, вахъана медицинаялъул гӀелмабазул кандидатлъун. 1958 соналдаса нахъе хӀалтӀана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталда цин факультеталъулаб терапиялъул кафедраялда ассистентлъун, хадуб — доцентлъун ва 1968 соналдаса нахъе — стоматологияб факультеталъул терапиялъул кафедраялъул профессорлъун.

М. Хархаровасул нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналда рана «Каякент», «Талги», «Каспий» ва цогидал санаториял, байбихьана рекӀел унтабаздасаги ревматизмалдасги сахлъизариялъе лазер хӀалтӀизабизе. Гьес хъвана 140-ялдаса цӀикӀкӀун гӀелмияб хӀалтӀи, ункъо монография ва студентазегун тохтурзабазе пайдаял гӀелмиялгун методикиял малъа-хъваязул тӀахьал.

РФялъул ГӀелмуялъул мустахӀи­къав хӀаракатчи, Халкъазда гьоркьосеб Авиценнал академиялъул академик, МухӀамад Хархаровасе 2003 соналда кьуна «ДРялъул халкъияв тохтур» абураб цӀарги «За заслуги перед Медицинской академией» абураб медальги.

Кардиолог гуревги, эмен вукӀана терапевтги. Терапия рикӀкӀуна медицинаялъул ханлъун.

— Эбелги ЧӀохъайищ кколей?

— Эбел — Светлана ХӀамидовна — бащдай Хунзахъа, бащдай — ЧӀикӀаса йиго. Гьейги, эменго гӀадин, 60 соналъ хӀалтӀана медицинаялда. Гьей йиго фармаколог, даруял хурдузул балъголъаби лъалей гӀадан. Фитотерапиялъул хӀакъалъулъ лъабго тӀехь хъвана гьелъ. Гьей йиго медицинаялъул гӀелмабазул кандидат, РАЕялъул профессор, ТӀадегӀанаб школалъул мустахӀикъай хӀалтӀухъан.

— МагӀарулалъе хасиятаб гуреб цӀар кин кьураб гьелъие?

— Эбел гьаюна 1940 соналда. Гьеб букӀана Сталинил къадру зодобе бахараб заман: гьеб мехалда улкаялда рана заводалгун фабрикал, хӀалтӀухъабазе кьезе минаби, ай гӀуцӀана хадурккун СССРалъ гӀемерал соназ хӀалтӀизарурал предприятиял. Эбелалъул эмен вукӀана кутакалда Сталинил адаб гьабулев, гьесие ритӀухъав чи. Сталинил ясалъул цӀар лъун буго гьес жиндир ясалда.

— Тохтурзабазул хъизамалда лъи­малги тохтурзабилъун рахъина­рищха…

— КӀудияй яц Камилаги дунги руго тохтурзаби. Медицинаялъул гӀелмабазул академиялъул академик, медицинаялъул гӀелмабазул доктор Камила Хархарова хӀалтӀулей йиго Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул университеталда гериатриялъул кафедраялъул нухмалъулейлъун. Гьей ккола Дагъистаналъул бетӀерай гериатрги. Вац Абусупяница тӀаса бищана экономика. Гьевги вуго экономикиял гӀелмабазул доктор.

— Дагъистаналда гериатрия цебе­тӀе­забиялде кӀвар кьолаан сахлъи цӀуниялъул министрлъунги Республикаялъул медицинаялъул централъул бетӀерав тохтурлъунги вукӀарав Ибрагьим Ибрагьимовас…

— ТӀоцебе гьеб гӀелмуялъе республикаялда кьучӀ лъурав гӀалимчи ккола ГӀалигишиев. Араб гӀасруялъул 60-абилел соназдаго байбихьана гьес ригь арал гӀадамазул сахлъиялъул хӀисаб гьабизе. Гьесда ратун рукӀана 160 сон баралцин дагъистаниял. Гьезул гӀумруялъул хӀакъалъулъ хъвана гьес жиндир гӀелмиял хӀалтӀабазулъ.

Республикаялда гериатриялъул центрги геронтологиялъул отеделениеги рагьана ДРялъул Халкъияв тохтур Ибрагьим Ибрагьимовас. Россиялъул цониги регионалда, медицинаялъул церетӀурал центразда гьединаб центр гьечӀо — хӀажатал алаталги херазул тӀалаб гьабиялъул чӀара-хьарал къагӀидабиги ругеб.

— Дур аслияб хӀалтӀи щиб бугеб гьабсагӀаталда?

— Москваялда аспирантураялда цӀализе аралдаса нахъе дояго хӀал­тӀана дун, машгьурав тохтур Фе­до­ровасул Офтальмологиялъул кли­­никаялда. Цадахъго хӀалтӀула ДГМУя­­лъул кафедраялдаги, йиго цӀалул бутӀаялъул заведующаялъунги.

Москваялда йикӀаго, машгьурав тохтур МухӀамад ГӀабдул­ха­би­ро­васул хӀаракаталдалъун дунги ккана «Дагъистан» абураб маданиябгун лъай кьеялъул центр гьениб рагьиялъул ишалда гъорлъе. Гьелдаса нахъе жамгӀияб хӀаракаталдаги гӀахьаллъула. Нижеца гӀуцӀун буго Москваялда ва цогидал регионазда хӀалтӀулел тохтурзаби-дагъистаниязул ассоциация. Жигараб хӀаракат гьабула нижехъе кумек гьарун хитӀаб гьабурал гӀадамазул мурад тӀубазе. Буго гьединабго Медиказул миллияб ассоциацияги. Интернеталъул кумекалдалъун захӀматаб унтуца кӀвекӀулел гӀадамазе дару-сабаб гьабула, батӀи-батӀиял тохтурзабазул гӀакълуги дандбан. Масала, щивав унтарасул рес рекъоларо Москваялдаса тохтурасухъе вачӀине. БакӀалдаго вугев тохтурас нижехъе ритӀун рачӀуна гьесул киналго документал — анализал, аппаратазда халгьабиялъул хӀасилал ва тохтурзабазул къокъаялъ гьезухъги балагьун, хӀукму гьабула, кинаб дару гьесие гьабилебали. Гьединго гьабула юридикияб кумекги.

— Дагъистаналда цӀакъ гӀемер­лъун руго жалго бетӀергьанал медицинаялъул централ. Гьелги пачалихъиял больницабиги хьезарун руго гьанжезаманалъул медицинаялъул техникаялдалъун. Руго махщел тӀокӀалин рикӀкӀунел тохтурзабиги. Амма унтарал дагьлъулел гьечӀо. Гьелъие гӀилла щиб?

— ТӀоцебе абуни, кьучӀдасанго хисана халкъалъе медицинаялъул кумек гьабулеб къагӀида. Поликлиникаялъул тохтурасе унтарав къабул гьавизе чӀезабун буго 12 минут. ГӀадамал батӀи-батӀиял рукӀуна, гьезул гӀузрабиги цокӀалал рукӀине рес гьечӀо. Чорхол хӀал бичӀчӀизабун бажаруларо цоясда. Цогидасда тохтурас бицунеб жо бичӀчӀуларо. Амма тохтурасул ихтияр гьечӀо цонигиясде цӀикӀкӀараб заманалда кӀвар кьезе.

КӀиабизе, цересел соназде дандеккун, хисана сверухълъи, экология. Хуриб жинцаго чӀараб нигӀмат кваналев чи дагьлъана. Гьелъги цӀикӀкӀинаруна унтаби.

Лъабабизе, советияб заманалда киналго тӀамулаан диспансеризация гьабизе. Гьелъул хӀасилалда заманалда унти чӀезабизе щолаан ва гье­лъие гьабулеб даруги кватӀулароан. Гьанже — жиндие бокьун гурони, ай унти басралъидал гурони, тохтурасухъе чи унаро. Унтун гьечӀониги, лъагӀалида жаниб кӀицӀул ине ккола чорхол сахлъиялъухъ балагьизе, беразул, рекӀел ва цогидал лугбазул халгьабизе.  Унтаби «гӀолохъанлъун» руго, глаукома, диабет, рекӀел унтаби гӀемерлъун руго.

— Анализал гьариялъул, халгьабиялъул къагӀидабиги медицинаялъул цӀирагьиялги Дагъистаналдаго гӀемерлъаниги, республика тун къватӀире уна гӀемерисел, диагноз мекъи лъунилан, дараби битӀун ккечӀилан абун…

— РакӀчӀун абила: машгьурал центразда хӀалтӀулездаса къураб лъай гьечӀо нилъер тохтурзабазул. Дораги нилъераллъидал хӀалтӀулел ругел. Москваялде яги Питералде арал дагъистаниял аслияб къагӀидаялда уна нилъералго, ай Дагъистаналда цӀалун рахъарал тохтурзабазухъе. Мисалалъе, дунялалдаго машгьурав психотерапевт-невролог Хасай ГӀалиев (гьев ккола Хунзахъа) хӀалтӀулев вуго Москваялда. Гьес гӀуцӀула онлайн-вебинарал, дунялалъулго тохтурзабазе семинарал. Унтарал сах гьаризе жинцаго ургъарал къанагӀатал къагӀидаби хӀалтӀизарула гьес. Гьесул вас вуго гьанив хӀалтӀулев — гьединавго пагьмуяв тохтур. Ине кколаро кирениги. Масала, беразул тохтур ГӀалихӀажи ГӀабдулаев Россиялъул шагьаразде ахӀула, захӀматаб операция гьабизе ккараб мехалда. РекӀел унтабаздаса сах гьарулел церетӀурал технологиял хӀалтӀизарула Дагъистаналъул Кардиологиялъул централда. Бокьараб беразул унтиялъе даругун операция гьабула Каспийскиялда, МахӀачхъалаялда ругел Беразул микрохирургиялъул центразда. Кирениги ине кколаро — гӀицӀго нилъерго тохтурзабазда божилъи гьабуни гӀола. Гьелъие мустахӀикъал тохтурзаби гӀемер руго нилъер.

— ДГМУялда цӀалун рахъарал тохтурзаби уна Москваялъул яги Санкт-Петербургалъул клиникабазул ординатураялда цӀализе ва гьенирго чӀола. Щиб гьабизе кколеб лъикӀал тохтурзабилъун рахъарал гьел ватӀаналде тӀадруссинариялъул мурадалда?

— Аслияб жо — хӀалтӀизе бакӀ букӀин. Нилъер ругел больницаби гӀатӀид гьаризеги медицинаялъул цӀиял централ разеги ккола. Медицина цебетӀолеб буго, батӀи-батӀиял рахъазулаб махщелчилъи щвезе рес буго, амма гьелда рекъараб отделение яги больница гьечӀо. Щвараб махщелги хӀалбихьиги хӀалтӀизабизе бокьула щивав тохтурасе. Гьединаб рес щварал гӀемерал тохтурзаби тӀадруссана ахирал соназда республикаялде. Гьелъие санагӀатал шартӀал жеги гӀуцӀизе ккола Дагъистаналда. Гьелда гьоркьобе уна тохтурасе цӀалдезе рес кьейги — цӀирагьиял, батӀи-батӀиял къагӀидаби,

— Дуца ккуна эбел-инсул нух.  Дур бетӀергьанчи Маккашарип Маккаевги вуго тохтур. Нужер лъимал тохтурзабилъун рахъанищ?

— Дир бетӀергьанчиясул умумул рукӀана бечедал чагӀи. Советияб власталъ рахъана гьезухъа ракьал. Каспийскиялда бараб мажгиталъул къадада бараб мармаралъул хъорщода хъван буго, гьеб Маккашарип Маккаевасул ракьалда бараб бугилан абун. Росасул вацги хӀалтӀулев вуго Москваялда ЛОР-тохтурлъун.

Нижер вуго цохӀо вас. Гьес тӀаса бищана юристасул махщел. Гьев цӀалана Москваялда. Амма цо лъагӀелалъ вукӀана Халимбекаулалъул «Пять сторон света» абураб школалда. Жиндир гӀумруялъул бищун талихӀаб заманлъун рикӀкӀуна гьес гьеб заман.

ТӀоцебесеб нухалда йихьана дида редакциялде ячӀарай Сакинат Хархарова, амма ниж ратӀалъана, гӀумруялъго цоцазда лъалел рукӀарал гӀадин. ГӀелмуялъулги, гӀумруялъулги, хӀалтӀулги къадруял болъаби нахъа тарай гьей ятана гӀажаибго гӀадатияй, бицунебщинаб рекӀелъан биччалей, хӀалимай чӀужугӀаданлъун. Умумузул хӀакъалъулъ бицунаго, гьоркьоса къотӀичӀого гьурмадаса гирулел рукӀана магӀил гарал. Мун гӀодулей йигин дица абидал, Сакинатица жаваб кьуна, дунялалда гӀемераб лъикӀлъиги тун арал ракӀалде щведал, магӀу кквезе кӀоларин абун. БатӀияйлъун йикӀине ресги гьечӀо гьелъул: гьей кколелъул хӀасратаб рокьуца данде гьарурал магӀаруласулги гуржиялъулги наслуялъул г1адан. Унго, кин къабул гьаюрай батӀияб динги, мацӀги, гӀамал-хасиятги бугей гӀадан магӀарул хъизамалда? КигӀан хӀасратаб гӀищкъу бергьине кколеб гӀолилалъул рекӀелъ, лъимерлъудасаго ругьунаб ракьги хириял гӀадамалги тун, тӀокӀаб гьеб ракьалда хӀетӀ чӀезе гьечӀеблъиги бичӀчӀун, магӀаруласул кверщаликье жиндир гӀумру кьезе? Кин батаниги, хӀасил квешаб ккечӀеблъи бихьулеб буго: батӀи-батӀияб би жубараб гьезул наслуялъе Аллагьас кьуна пагьмуги, гьунарги, гӀадамазулъ рукӀа-рахъине бажариги.

Гара-чӀвари гьабуна Кавсарат Сулеймановалъ