ГIанкIица росдада гIагарда гIумру гьабулеб букIана хасало. Сардил ригь щвараб мехалъ гьеб цояб гIинги эххеде борхун гIенеккана; цинги цоябги борхана; михъалги кьур- кьуризарулаго сунтIана гьелъ, цинги нахъисел квачIазда бахъун чIана. Цинги гьеб гъваридаб гIаздалъан кIанцIана, нахъеги кIусун сверухъ бала-гъалагьизе лъугьана. Сверухъ киса-кибего гIазу гуреб, тIокIаб щибниги бихьулеб букIинчIо. ГIазу кенчIелеб букIана. ГIанкIил ботIрода тIад квачалъул хIухьел бугоан чIун, гьеб хIухьладасан гвангъарал, кIудиял цIваби рихьулел рукIана.
ГIанкIица гьоцIабахе ине кIудияб нух бахине кколаан. КIудияб нухда чанагъазул къиркъириги чуязул пурххиги рагIулеб букIана.
Нухде гIагарлъухъ гIанкI нахъеги чIана. Гьакихъаби жидерго чанагъазда хьолбохъан рилълъунел рукIана жем-жемун жидерго тIингъалъгун, рахчун гарбалгун. ГIанкI гьоцIалъе бекерана. Унаго, гьелда бихьана кваналеб кIиго гIанкI. Кваналаго, расандилаго ругоан гьел. Гьаб гIанкI гьалмагъзабигун басандилебги букIун, гьезда цадахъ цIорораб гIазу хъирщун, гIурччинаб ролъги кванан, жеги добегIан ана.
Росулъ дунял сасун чIун бугоан, цIаял ссун рихьулаан, цо рокъосан къватIибе гIодулеб лъимадулги, цIороялъ кьватIизарулел чIалаби-хIубазулги гурони, тIокIаб жоялъул гьаркьал рагIулел рукIинчIо. ГIанкI гьоцIабалъе щвана, гьенир гьелда гьалмагъзаби ратана. Гьеб гьезда цадахъ басандана, гIариялдаса дагьаб ниха кванана, цинги гIаздаца бахчараб тIохдасан гьоробе тIаде бахун, гьенисан чалиялъухъе ун, чолонисанги лъугьун, нахъбуссун жиндирго расалъиялде балагьун ана.
Бакъбаккул рахъ багIарлъун бачIунеб букIана. ЦIваби дагьлъана, ракьалда тIад цIорол хIухьел тIадеги цIакъ бахъине лъугьана. АскIоб бугеб росулъ руччаби кьижаралъусаги рахъун, лъадаре унел ругоан; бихьиназ гьоцIабалъан рагIи баччун унеб бугоан, лъималазул хъуй ва гIоди рагIулеб букIана. Нухккун гIебеде гIемерал унел рихьулаан чанагъазул тIелал, гьакихъаби биччан гьаракьгун, гаргалел рагIулаан.
ГIанкI кIанцIун нухги къотIун, жиндирго басрияб каратI бугеб бакIалде щвана; борхатаб гIадинаб бакIги балагьун, бухъ-бухъун гIазуги тирщахъ бан, жиндирго гьеб цIияб каратIалдехун мугъги рехун бегана. Мугъзада тIад гIундулги регизе риччан, ричIухъе бералгун кьижана.
Лев ТОЛСТОЙ