Чиясул тIадегIанлъи – берцинаб хасият

Исламалда рекъон, чIужугIадан ккола росасул, гьесул магIишата-лъул, ай рокъоб бугебщиналъул жавабияй гIадан. ЛъикIаб ахираталъе ва гIадамазда гьоркьоб къадру-къиматалъе мустахIикълъизе ккани, рос-рукъги данде бачун, лъималазе тарбияги кьун йигебги гIолеб буго гьелъие.

 

Дунялалъул яги ахираталъул ургъел гьечIел хIалихьатал росазулгун къадар хъварал руччабаз щибха гьабилеб? Гьеб гIузру кидаго букIана гIадамазда гьоркьоб.
Гьелъул хIакъалъулъ «Мажму-гIатуль фаваид» тIехьалда ЧIикIаса шайих СагIид афандияс (къ.с.) хъвалеб буго: «…ПиргIавние хъулухъ гьабун, гьесие мутIигIлъун, гьесул лъади Асиятие щвараб даража хал гьабизе лъикI буго руччабазе, росасде данде къацандиялдаса. Гьекъолев-мехтулев вукIиналдалъун гьевгун дагIбадиялъ гьелъие гьабизе бегьулеб «хайир» – рукъ биххиги, лъимал бесдаллъиги буго. Гьесие гьабулеб хъулухъги чIужуялъ, гьесул гьекъолдиялдаса йохун я разилъун гьабиларо. Гьадинаб нияталда гьабила, гьелъ Аллагьасдехун ахIила: «Я БетIергьан, Дуда вихьулаха гьавги, гьасул хьвадиги, гьасдаса разилъун гуроха, БетIергьан, дица гьасие хъулухъ гьабулеб бугеб, Дур амруялда нахъйилълъун, дида тIад росасе бугеб хIакъ тIубазе кколеб букIиналдалъун буго», — абун. ПиргIание Асиятицаги хъулухъ гьединин гьабулеб букIараб. Гьединаб ният-къасдалда росасе гьей мутIигIлъиялъул баракаталъ гьев битIараб нухде вуссинеги бегьила.
ТIад ханго гьечIев хIаким гIадин, бокьухъе хьвадизе росги бегьуларо. Гьесги цIунизе ккела жиндирго гIорхъи. Жиндие рес буголъиялдаса пайдаги босун, руччаби инжит гьаризе бегьуларо. ШаргIалда рекъон рос-лъадиялъе цоцада тIад бугеб хIакъ бицани, гIемераб жо хъвазе ккела, гьеб хIакъ цоцае тIубазеги хасго гьанже заманалда кIоларо. КIолеб, гьабизе ресги бугеб, жегиги тIадабилан абизегицин бегьулеб жо буго цоцада тIаса лъугьун, тавбу гьаби. Гьадин гурого, гьекъолев, мехтулев вугин абун, росасдаса ятIалъеян чIужуялде абулев чи вукIунаро. Бегьулебги гьечIони, хIехьезеги кIвечIони, жийго ятIалъеян абеха гьелда, дагIба гIадамасул гьечIелъул».
Жидедаса мисал босизе мустахIикъал гIемерал руччаби руго исламалда. Бицен буго, цо нухалда МухIамад аварагас (с.т.гI.в.) салуда ункъо мухъги бахъун асхIабзабазда гьикъанила гьазул магIна щибали лъалищилан. Лъаларилан жаваб кьун буго гьез. Гьеб мехалда Аварагас (с.т.гI.в.) рехсон руго исламалъул бищунго тIадегIанал руччабазул ункъоял: Хадижат, ФатIимат, Асият ва Мариям.

ПиргIавнил чIужу Асият

НекIсияб Египеталъул хан ПиргIавнил чIужу Музахимил Асият йикIана цIакъ Аллагьасдаса хIинкъарай, динияй гIадан. Дунялалда бищунго къосарав чиясул чIужулъун йикIаниги, росасдаса балъго жиндирго динги гьабун йикIана Асият. Гьелъ хьихьизе вачана лъарал рагIалда ватарав Мусаги. Къосарав ПиргIавница кигIан гIакъуба кьуниги, гьей Аллагьасул диналдаса юссинчIо. Дунялалдаго алжан бихьизабурай гIаданлъунги ккола гьей.

ГIиса аварагасул эбел Мариям

Къуръаналда 33 нухалда рехсон буго ва 19-абилеб сураялда лъун буго Имранил яс Мариямил цIар. ГIадамаз кигIан захIматал бугьтанал лъуниги, гьелъ кинабго хIехьана Аллагьасе гIоло. Гьелъул сабуралъухъги, яцIцIалъиялъухъги, Аллагьасдаса хIинкъиялъухъги ГIиса аварагасул эбел Мариям цогидал руччабаздаса кIодо гьаюна БетIергьанас.

Хадижат

Аллагь разилъаяй Хадижат йикIана Макка шагьаралда бищун къадру-къимат бугей, берцинай, яцIцIадай, бечедай, цIакъ бажари бугей, лъикIаб тухумалъул гIадан.
МухIамадие (с.т.гI.в.) Авараглъи кьун хадуб гьей сундаго барахщичIого, Аварагасе кумекалъе яхъун чIана. Гьелъ боцIиги, къиматги, къадруги, гIагарлъиги, бечелъиги, гIакълуги, бажариги – кинабго исламалъе хIалтIизабуна. ЦIакъго къварилъи-захIмалъи цIикIкIараб мехалъги Хириясе (с.т.гI.в.) гьей ракI чучулей гьудуллъунги, гIакълу дандбалей вазирлъунги, захIмалъи тIаса босулей кумекчIужулъунги йикIана.
Исламалъе гьелъул букIараб кIудияб кумекги бихьун, гьей хвараб соналда Аллагьасул Расулас пашманаб сонилан цIар тана. Хадижатица гьесие Ибрагьим хутIизегIан киналго лъималги гьаруна. Гьей хун хадуб Аварагас (с.т.гI.в.) исламалъе гьелъ гьабураб иш киданиги кIочене течIо. Хадижатил рукIарал гьудулзаби-руччабазеги Аварагас сайгъатал ритIулаан.
ХIадисалда буго: «ЖабрагIил малаик вачIанила Хирияв Аварагасухъе ва абунила: «Я, Аллагьасул Расул, гьай Хадижат ячIуней йиго кодоб цIарагIгун, дандежоги босун, квана-гьекъезе жогун. Гьей дуда аскIое щвараб мехалъ, дуца гьелда БетIергьан Аллагьасдасанги дир рахъалдасанги салам бице, гьелъие алжаналда жинда жаниб ахIтIей-хъуйги гьечIеб, захIмалъиги гьечIеб меседил муцIцIидал рукъ бан бугиланги абе», — абун.
Аварагас Хадижатида Жабра-гIилас абураб бициндал, гьелъ абуна: «Аллагь вацIцIадав вуго, Гьесда саламги буго, ЖабрагIилида саламги лъеги», — ян абун. Хирияв Аварагас (с.т.гI.в.) цоги нухалъ гьелда абуна: «Мун алжаналъул руччабазул кIудияй йикIине йиго», — иланги. Гьелъ гьикъана: «ГIисал эбел Мариям, ПиргIавнил Асият щалха кколел?» — абун. Хирияс жаваб кьуна: «Асият – жиндир заманалъул руччабазул кIудияй ккола, Мариям – жиндирго заманалъул руччабазул кIудияй ккола, мун – дурго заманалъул руччабазул кIудияй ккола», — абун.

ФатIимат

ФатIимат Аварагасе (с.т.гI.в.) цIакъ йокьулаан ва кIодоги гьаюлаан. Хирияс гьей кьуна Аллагь разилъаяв ГIали асхIабасе. Гьелъ ГIалие щуго лъимерги гьабуна: ХIасанги, ХIусенги, МухIсинги (гьев гьитIинго хвана), Уммукулсумги, Зайнабги.
ФатIимат йикIана Аллагьасе гIибадат гьабулей, дунялалъул захIмалъи-къварилъи хIехьолей, хирияв Аварагасул кIодолъи лъикI лъалей, камилай гIадан. Аллагь разилъаяй ГIаишатица абуна ФатIиматидаса калам битIарай гIадан жинда йихьичIилан.
Хирияв Аварагас абулаан: «ФатIимат – дир чорхол цо кесек йиго, гьелъул ццим бахъинабурав чи, дирги ццим бахъинабурав чи ккола», — ян. (Бухари ). Хирияв Аварагасе капурзабаз гьабулеб къварилъи гIемер бихьулеб букIана гьелда. Гьелъ жинцагоги капурзабазул къварилъи гIемераб хIехьана. КагIбаялда аскIов суждаялда вукIаго Аллагьасул Расуласул габуралде тIаде ГIукъбат абурав къосарав чияс хъураб вараниялъул чорокаб ургьимес рехана. Цинги, ФатIиматица инсул габуралдаса гьеб чороклъи чурана.
Аллагьасул Расулас ФатIиматида цо жо бицана ва гьей гIодана. Хадубго цоги жоги бицана – гьей йохана. ГIаишат гIажаиблъана, цого бакIалда гIодиги релъиги кин букIунеб жоян. Хирияв Авараг чIаго вукIаго гьелъ гьеб лъидаго бицинчIо. Гьев хун хадуб ГIаишатида бицана гьелъ, тIоцебе Аварагас жинда живго хвезехъин вукIин бицанила, жийги гIоданила. Жинда хадуй жиндир агьлуялъул тIоцее мун хвезе йигилан ва алжаналъул руччабазул кIудияй мун йикIине йигиланги абунила. Жийги йоханила.
Хирияв Авараг хун хадуб анлъго моцIидасан хвана ФатIимат. Холеб къоялъ гьелъул гIумруялъул 28 сон букIана. Хириясул наслуги, гьелдаса гурого, нахъе хутIичIо.

 

Лъаладай гIодизе гьанже беразда?

ГьитIинаб мехалда, ракIалда буго
Бабаго-бабаян гIодулев дунго,
Эбелги херлъана, дунги цIикIкIана,
Лъаладай гIодизе гьанже беразда?

Лъазеги бегьула, багьана ккани,
Керен бухIараб къо къавулъе щвани,
Къисматалъ дидаса эбел яхъани,
Инарилан ккарай уней йихьани.

ЧIаго мун йикIаго гIодизе анищ
ГIумрудул нух тарай,
къвакIарай эбел.
Эбелалъе кьола кинабгIаги рецц,
ГIалам бижарасда гьарулеб мехалъ.

КIикъого соналъул ригь бачIинегIан,
БичIчIулеб батичIо тараб лъимерлъи.
Лъилго ургъел ккечIеб
дунял лъазегIан,
ГIадан херлъиялъул гьабичIо хIисаб.

ХIалкIолев БетIергьан,
тIаса лъугьа Мун,
Мун кIочараб сагIат сверун батани,
Яги эбелалъул ургъел гьабичIеб,
Гьодораб цо лахIзат хутIун батани.

ХIамзат Жамалов,
Харахьи росу