Беларусиялда ракIалда буго нилъер республикаялдаса гIи босизе.
Гумбет районалъул ЦIиликь росулъа цо чанго чияс гIуцIараб «ЧЕД» абураб КФХялъ бичизе буго гьезие гIураб къадаралда гIи. Рехсараб магIишаталъ гIезабулеб «Артлухский меринос» абураб тайпадулаб гIи ккола гьеб. Беларусиялъ босизехъин буго 4000 бетIер гIиял.
Цебеккунги гьенибе 150 бетIер гIиял бичун букIана «ЧЕДалъул» магIишатчагIаз. Гьелда цIакъго ракI рекъараб куц буго Беларусиялъул. Хасго гьезда цIакъ берцин бихьун буго нилъер тайпадулаб гIиядаса къунцIараб квас, гьединго тIабигIаталъул батIи-батIиял шартIазде гIи хехго ругьунлъулеб куц.
Гьелъул хIакъалъулъ дагьаб гIатIидго бицине «ЧЕД» КФХялъул вакил нижехъе щвечIо. Гьединлъидал ракIалде ккана Дагъистаналъул фермеразулгун рекьарухъабазул ассоциациялъул нухмалъулев ГIабдурахIман ГIабурикIовасул пикру лъазабизе.
Цогидал регионазда дандеккун, нилъер республикаялда гIиял багьа учузго бугин бичун босизе бокьарав чиясе, гьебги батизе бегьулин Беларусиялъ нилъехъа гьеб босиялъе ккараб сабабилан бицана ГIабдурахIманица.
КIиабизе бугони, гьез жидецагоги абухъе, бокьараб бакIалде кканиги, гьава-бакъалъул шартIазухъ балагьичIого, бетIербахъи гьабун бажарулеб гIиял тайпа буго нилъер магIарухъ гIезабулеб.
«Амма, дир хIисабалда, Беларусиялдаса чагIаз нилъехъа гIи босиялъул хабар гьедигIан кIвар буссинабизе кколеб баян гуро. КъватIисел пачалихъазде гIи букIа, боцIи букIа, бичи кIудияб цебетIей бугеб жолъун бихьуларо. Жакъа нилъее къваригIун буго умумузул заманалда букIараб куцалда хур бекьулел хурухъабиги, ракI унтун гIи-боцIи гIезабулел гIухьбиги рукIин. Татуяб, тIагIамаб, сахаб нигIмат гIезабиялде кIвар буссинабизе хIажат буго. Тукабазда ричулел кванил нигIматал гIемерлъиялъ бер биххизабун буго. Амма квине бегьулеб жо гьениб гьечIо, загьруябщинаб жо гъорлъе жубан букIиналъ. Гьелъул пикру гьабуни лъикIаб букIинаан, къватIибе унеб бугеб чамалиго гIиял бицунел рукIиналдаса», — ян абуна ГI. ГIабурикIовас.
Араб соналда Ираналде баччизе байбихьун букIана нилъер гьаниса гIиял гьан. Гьелдалъун нилъерго базаразда гьелъул багьаги бахун букIана. Амма гьеб заманаялъе, хIалбихьиялъе тIамураб гIадаб гали букIанин баян гьабуна хадубги ГIабурикIовас.
Гьеб даранги гъоркьисаго къотIизе тана. Нилъерго гIадамазе гьанги хира гьабун, Ираналде гьеб бичиялъулъ хIажалъи гьечIилан информалатаздасан хитIаб гьабун букIана ДРялъул хIукуматалъул вице-премьер ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасги.