Нилъер гьаракь рагIизелъун
ХIажат бугищ нилъее Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгресс?
«Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгресс» (РКНК) абураб тIолгороссиялъул цолъи гIуцIана 2007 соналда. Гьебги, аслияб къагIидаялда, дагъистаниязул хIаракаталдалъун. Дицаги дида цадахъ рукIарал цо чанго чиясги гьеб хIаракаталда гъорлъе цIана чачаназулги, ингушазулги, асатIиназулги, адыгазулгун кабардиназулги ва гъарачаязулгун балкаразулги миллиял гIуцIаби ва Москваялда тIобитIана тIоцебесеб съезд. Гьелда гIахьаллъана 45 регионалъул вакилзаби, гуребани нижер гIуцIиялъул хъвай-хъвагIай гьабилароан РФялъул Юстициялъул министерствоялда.
Щай хIажат букIараб гьединаб цолъи гIуцIизе? Щайгурелъул улкаялда гучлъулеб букIана ультранационализм – цо миллаталъул яги цо улкаялъул интересазе гIоло къеркьолаго, цогидал миллатал хIакъир гьари аслияблъун рикIкIунеб идеология. РФялъул батIи-батIиял регионазда кколеб букIана миллатазда гьоркьосеб дагIба-рагIи, хвезарулел рукIана хIалтIизеги, хIухьбахъизеги, минаби рукIинеги ва эркенго кIалъазеги ругел Россиялъул Кавказалъул халкъазул ихтиярал. Москваялъулги РФялъул чIахIиял шагьаразулги милициялдаги батIи-батIиял СМИяздаги «рагIулелго рукIинчIо» кавказалъулал: ритIухълъи-гьересиялъул хIисабго гьабичIого, жанир тIамулел рукIана гьел, хIакъир гьарулел рукIана. Москваялда гIумру гьабулев вукIарав дидаги чанцIулго хъинтIана гьеб лъикIаб гуреб бербалагьи. Кинаб хIалха букIун батилеб, дирго гIадал бухьенал гьечIел нилъер ракьцоязул? Гьединлъидалги ракIалде ккана нижеда гьеб хIаракат гIуцIизе.
БукIана гьелъие цоги гIилла. ГIалхулаб капитализмалъул идеологиялъ куцарал Северияб Кавказалъул гIолилазе хIажат букIана инсулаб рагIи, тарбия. Гьезул гIемерисезул хьвада-чIвади букIана, эркенлъиялде рорчIарал гугьунбачазул гIадинаб — гьезухъа гIемер рорчIулаан ватIаналда киданиги гьаруларел ишал. Хасго гьединаб хьвада-чIвади гIемерлъун букIана дагъистаниязда гьоркьоб.
РФялъул батIи-батIиял регионазда гIумру гьабулеб буго 750-800 азаргоялдаса цIикIкIун дагъистаниясги, 600 азаргоялдаса цIикIкIун чачанасгун ингушасги, 150 азаргоялдаса цIикIкIун адыгасгун кабардинасги, 50 азаргоялдаса цIикIкIун гъарачаясгун балкарасги. Гьел хIужаби руго гIага-шагарго рехсарал. Амма хIакъаб буго дагъистаниялгун вайнахазул къадар миллионгун бащдалде гIунтIулеблъи. ГIумру лъикIаб букIун гуро СКФОялъул республикабаздаса гIадамал гочунел ругел. Бищун гIемер гочунел руго Дагъистаналдаса: щибаб соналъ 15 азаргогIанасев чи вукIуна республикаялдаса уневги вачIуневги. Чачаналде дандеккун, щуцIул цIикIкIун ккола гьеб.
Хьул букIана, Путинил администрациялдеги батIи-батIиял министерствабаздеги (МВДялдеги, Оборонаялъул министерствоялдеги (нилъер контрактниказеги призывниказеги квота цIикIкIинабеян абун) культураялъулги лъайкьеялъулги ва гь.ц.), гьединго, Югалъул федералияб округалъул нухмалъиялдеги нухал ратиялде. Доб заманалда рукIинчIо Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министерствоги СКФОги. Нижер (РКНКялъул) пикруги хIисабалде босун, гIуцIана гьеб кIиябго идара. Амма гьезул хIаракат нижер пикрабаздаса рикIкIад буго.
Узухъда, ракIалда букIараб кинабго гуро гIумруялде бахъинабун бажарараб. Амма цо-цо иш рагIалдеги бахъана. Кин бугониги, РКНКялъухъа бажарана РФялъул президентасул администрациялъулги, Москваялъул нухмалъиялъулги ва РКНКялъул къуватал отделениял ругеб улкаялъул жеги 10 регионалъул нухмалъиялъулги бербалагьи хисизабуна. Власталъе бокьуларелъулха жидер берзукьа борчIараб пикру. Абизе ккола, тIолабго Россиялдасаго гIолилалги ракIарун, «Машукал» тIоритIулел машгьурал форумалги гIуцIана РКНКялъ (2010-2012 соназда) КЧРалъул Домбаялда тIоритIарал гIолилазул форумазул мисалалда рекъон. Нижеца гьенир ракIарулаан батIи-батIиял НКОязул кIинусгониги вакил – Северияб Кавказалъул 100 ва РФялъул «гIурус» регионалдаса жеги 100. Анкьалъ тIоритIулаан гургинал столал, мастер-классал, лекциял. Гьел рукIана гIолилазе цIакъ пайдаял тадбирал. ГIурус гIолилаздаги, гьезда гъорлъ рукIана миллатчагIазул церехъабиги, гьезда лъикI лъана Северияб Кавказ ва гьелъул букIана кIудияб хайирги.
Гьелдаса хадуб РКНКялъул гIахьалчагIазда гьоркьоб ккана дагIба. Гьелъ квалквал гьабуна гIолилазе цIакъ пайдаяб ишалъул цебетIеялъе. Кавказалъулазул хасияталда рекъон, гIаммал ишаздаса цереселлъун цо-цоязе ккана жиндирго мурадал. Гьелда бан, ахираб ункъо соналъ сасана РКНКялъул регионазда гьабулеб букIараб хIаракат. Гьелъул хIасилалда РКНКялда гъорлъе рачIана власталъул квербакъиялдаса пайда босулел ва щакаб хасият загьирлъулел шоуменалги. ХIажат букIанищ гьеб нилъее?
2019 соналъул байбихьудаса хIадурлъулел руго РКНКялъул ункъабилеб съезд тIобитIизе, конфликтги лъугIанин ккола. Съезд тIобитIизе кколаан 20 апрелалда РФялъул ЖамгIияб палатаялда, улкаялдаго машгьурал гIадамазул гIахьаллъигун.
РакIалда буго тIолалго регионазул вакилзаби гьенир гIахьал гьаризеги чIахIиязул иш гIолилазухъе кьеялде кIваркьезеги. Гьеб хIаракаталъе хIажат вуго къадруяв, бищун тIадегIанаб идараялда Северияб Кавказалъул масъалабазул хIакъалъулъ бицине бажари бугев цевехъан. Гьелъул хIакъалъулъ чанцIулго хабар ккана мунагьал чураяй Сулиета Кусовалъулги, РКНКялъул ТIадегIанаб советалъул член, ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель ГIали Камаловасулги, дирги.
КIвар бугел масъалаби тIуразе ккани, РКНКялъул хIаракат букIине бегьуларо власталде дандечIараблъун. Амма гьеб букIине бегьуларо цIакъго кIваргьечIеблъунги, ай власталъе хIажатабщинаб тIубалеблъунги. Мех-мехалда «цабиги рихьизаризе» ккола, амма гьелъ квалквал гьабизе бегьула грантазул рахъалъги, хIакимзабаз жидеда церечIарал масъалаби тIурангутIиялъулги. Батизе ккола «гьоркьохъеб», киназего санагIатаб нух ва кьезе ккола РКНКялъул цебетIеялъе нух. Дида ракIалде ккола, гьеб гIуцIи цIунизе кколин букIинеселъе гIоло.
Денга Халидов