Нахъеги тIадруссун

Гьалда лъолеб цIар щиб?

Полициялъулаз МуртазагIали ХIасанхIусенов ккун вукIинчIин
лъазабуна республикаялъул МВДялъ

«ХIакъикъаталъул» цересел номеразда нижеца бицун букIана Шамил районалъул Гьоор-Хьиндахъ росулъа васал чIваялъул ва,гьелда бан гIуцIараб уголовнияб дело рагьунгутIиялдаса разилъи гьечIолъиги загьир гьабун, гьезул эбел-эмен МахIачхъалаялъул аслияб майданалде рахъун рукIараблъиялъул.

ТIоцебесеб октябралдайин абу­ни, ХIасанхIусеновазда цадахъ тахшагьаралъул аслияб майданалде рахъана дагъистаниялги. Пикеталъул хIасилалда гьезда лъазабун букIана анкьил болжалалда вацал чIваялъул хIакъалъулъ уголовнияб дело Москваялде битIизе бугин ва гьелъие Владимир Васильевас квербакъанин абун.
Анкьабилеб октябралда Москваялда Журналистазул минаялъуб тIобитIана МуртазагIали ХIасанхIусенов гIахьаллъараб пресс-конференция. Гьениб гьес­ги, «Право ва Закон» абураб жамгIияб гIуцIиялъул вакил Жамбулат ХIасановасги, «Мемориал» гIуцIиялъул адвокат Мурад МухIамадовасги, гIакъуба кьеялде данде къеркьолеб комитеталъул юрист Абубакар Янгъулбаевасги журналистазе бицана рехсараб уголовнияб делоялъул букIине кколеб куцалда цIех-рех гьабунгутIиялъул хIакъалъулъ.
МуртазагIали ХIасан­хIусе­новас пресс-конференциялда гьа­динаб хитIаб гьабуна РФялъул президент Владимир Путинидеги: «Гьарула, босе гьеб дело дурго берзукье, гьабе кумек дир лъимал чIварал гIадамал ратизе ва гьезие законалда рекъонккколеб тамихI гьабизе», — ян.
Пресс-конференциялда кIа­лъа­на тохтур ва жамгIияв хIаракатчи ГIабдурашид СагIидовги. Гьесул кIалъай, дагьабго къокъги гьабун, бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун:
«Щибаб минуталъул къиматги гьабун, хIакъикъияб баян кьун бажарулев чиясе гурони, кIалъазе рагIи кьогеян гьарана дица, пресс-конференциялде хIадурлъулаго, гьелъул хIаракатчагIазда. Дидагойин абуни ракIалдацин букIинчIо кIалъазе вахъине.
МуртазагIалихъа изнуги гьарун, юрист Абубакар Янгъулбаевас гьенир рихьизаруна чIварал вацазул суратал. Гьел ккола уголовнияб делоялъул документал. Ва гьел экраналдасан рихьизаруна тIоцебесеб нухалда. Гьел рихьун хадуб, дихъа бажаричIо вуцIцIун чIезе. Гьел рукIиндалха вахIшилъиялъул рагIа-ракьан гьечIел суратал! Бегьилищ гьединаб къагIидаялда инжит гьаризе чIварал лъималазул жаназаби?! Гьаб залалда вуго кIиго тохтур-хирург. Нижедацин кIолеб гьечIо гьезухъ ралагьизе. Пикру гьабеха: расги гIайиб гьечIел лъималазе гьединаб гIакъуба кьун батани, дагьабниги гIайиб бугезе щибдай гьабулеб гьез? Щиб лъугьараб гIадамазе? Щиб цIар лъезе кколеб гьелда?!
Адвокатал Жамбулат ХIасано­васги, Абубакар Янгъулбаевасги, Мурад МухIамадовасги бицаралда рекъон, низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабаз бицунеб буго батIи-батIияб, цоцазде дандего кколареб хабар. Гьез мекъал баянал кьолел рукIин тасдикъ гьабулел хIужабиги руго. Кин гьелдаса хадуб къуваталъулал идарабазул хIалтIухъабазда гIадамал божилел?».
Гьал къоязда Дагъистанал­де рачIун рукIана РФялъу­л къу­ваталъулал идарабазул нух­ма­­лъулелги. МуртазагIали ХIа­сан­хIусеновасе бокьун бу­кIана РФялъул цIех-рехалъул комитеталъул нухмалъулев Александр Бастрыкинихъе ине. Амма гьев виччачIо аслияб майданалдецин. Гьес гьадин бицана: «Дун виччачIо майданалде. Гьеб сверун къан букIана. Гьениса дун ана Гьудуллъиялъул минаялдехун, гIодовчIана хьонбакIида ва ургъулев вукIана, киндай дир масъалаялъухъ гIенеккизарилел Бастрыкинги Дагъистаналде рачIарал къуваталъулал идарабазул цогидал хIакимзабигиян. Дида аскIоре рачIана полициялъулал ва абуна, дуца сверункъараб майданалде ворчIизе хIаракат бахъулеб букIанин. Дица абуна, гьеб гьереси бугин, гьединаб хIалалда гьениве ворчIизе ракIалдацин букIинчIин ва дун рокъове инехъин вугин. РакI хIалуцарав дие бокьана хъалиян цIазе. Гьезги, жамгIияб бакIалда хъалиян цIазе бегьуларин абун багьанаги батун, дун вачана полициялъул отделалде», — ян.
МуртазагIалил адвокат Абубакар Янгъулбаевас тасдикъ гьабуна гьеб хабар. «Дун виччалевго вукIинчIо полициялъул отделалде жаниве. Дица дежурниясда бихьизабуна дирго паспортги МуртазагIали ХIасанхIусеновасулгун гьабураб къотIиги, гьебмехалда дун жаниве виччана. Амма МуртазагIалигун дандчIвазе рес щвечIо. Дун гьесухъе кIалъана телефоналдасан. Гьес дида абуна полициялъул отделалде жив вачун вугин начальникасулгун накъит гьабизе. Дица гьесухъе дунго виччангутIиялда бан гIарза хъвана ва гьелъул хъвай-хъвагIайги гьабуна», — ян бицана Янгъулбаевас.
Къад сагIат лъабго тIубараб гIужалда МуртазагIали ХIасан­хIусенов къватIиве вачIана полициялъул отделалдаса, амма, полициялъуласул машинаялдаги рекIун, церехун ана. «Мемориалалъул» адвокат Шамил МухIамадовас абуна: «Къу­ваталъулал идарабазул хIал­тIухъанасда цадахъ гьев ана жиндиего бокьун. Гьес абуна цо бакIалде ине ругин гара-чIвари гьабизе», — ян.
Дагъистаналъул МВДялъул пресс-хъулухъалда бицана ХIасанхIусенов ккун вукIанин абураб хабар гьереси бугилан. «2016 соналда Шамил районалда чIварал вацазул эмен МуртазагIали ХIасанхIусенов полициялъ ккун вугилан абун Интернет-сурсатазда ругел баяназда бан, лъазабулеб буго, гьев ахIун вукIана МахIачхъала шагьара­лъул УМВДялъул начальник, полициялъул полковник НурмухIамад МуртазагIалиевасулгун гара-чIвари гьабизе. ДандчIваялъул аслияб мурадги букIана жакъа гьесда церечIарал масъалаби тIураялъе квербакъи гьаби», — ян хъван буго Дагъистаналъул МВДялъул сайталдаги.