Бесдаллъарал кулаби
Умумузда цебе бугеб налъиги бичIчIун, заман щвечIищ нилъерго тарихалде зиярат гьабизе?
Нилъер тарих, магIишатиябгун рухIияб кьучI-аслу тIагIин бащалъула нилъго тIагIиналда. Гьелъул хIасилалда бесдаллъула ракь, мукъсанлъула пик-раби, жагъаллъула мустахIикъаб букIинеселъе лъолеб кьучI. ХIалтIи бокьулел, хIалтIизе лъалел, ракь хIалтIизабулел гIадамал нилъер гьанир рукIаго чара гьечIого хIажат буго кIванагIан хехго Европаялъул мисалалда гIуцIизе ва гIумруялде бахъинабизе росаби ва кулаби цIигьариялъул, лъикIал нухал рахъиялъул пачали-
хъияб программа. ЛъикIаздаса лъикIал хурухъабигун гIи-боцIухъабазе, хвезе течIого росабигун кулабазе чIаголъи кьолел гIадатиял хIалтIухъабазе, Кремлялдеги ахIун, кьезе ккола Россия цIигьабиялъулъ ва цIуниялъулъ лъолеб бутIаялъухъ пачалихъиял премиял.
Тарихияб памятник
Баркала буго МухIамадов ГъазимухIамадие, АхIмадов Рашидие, МухIамадов Шапивулае, АхIмадов ТIагьирие, Каримов Каримие, Абакаров МухIамадие ва гIемерал цогидалги гьакварисезе, Гьаквари росулъ «Бесдаллъарал кулабазе» памятник бая-
лъул пикру къабул гьабуралъухъ ва гьеб баралъухъ. Дица бетIер къулула гьезда цебе. Гьеб ккола Дагъистаналъул мугIрузул росабазул ва кулабазул цебесеб гIумруялъеги, жакъа-себ къоялъе-ги, гьезул букIинеселъеги социалияб, философияб, экономикияб ва тарихияб къимат кьолеб, гьеб киналдаго тIад ургъизе тIамулеб памятник. Гьеб буго гIумру цебетIеялда цадахъго нилъеда кIочон, нилъеца кIвар кьечIого толеб бугеб нилъер тIабигIияб магIишаталъе, рукIа-рахъиналъе бугеб гIадатияб памятник. МугIруз жидехъего цIала, ахIула ГIумру, Эркенлъи ва Борхалъи бокьулел. Амма ахираб заманалда дие рахIат толеб гьечIо гьадинал пикрабаз. Нилъ ккечIониги, нилъер наслуйищ ккезе бугеб магIарухъ гIумру гьабулеб ахирисеб гIеллъун? Нилъ кIвахIаллъулел руго мугIрузде рахъине, нилъеда кIочонеб буго магIарухъ хур бекьизе, хьон хьазе, бачIин гIезабизе ва бакIаризе. Нилъ рикIкIалъулел руго тIабигIаталдаса, тIабигIияб квандаса, нилъ ругьунлъулел руго химиялдалъун хьезарураб кванде. ГанчIаздаса нилъ руссана бетоналде, цIуладаса — пластикаялде, чIагояб, ракIбащадаб хабар-кIалалдаса чIорогоял, чIаголъи гьечIел SMS-лъазабиязде. БичIчIулеб бугищ нилъеда нилъеца нахъе тарабги, толеб бугебги, нилъ унеб ругебги бакI? Ургъулел ругищ нилъ гIатIидаб Россиялъул росабазулги рорхатал мугIрузда ругел кулабазулги къисматалда тIад? Щай щолел гьечIел росабалъеги кулабаздеги кумекалъулал программабиги, гьебго мурадалда биччалеб гIарацги? ЧIунтизе тун росабигун, рехун тун кулабигун кире нуж унел ругел, Россия ва Дагъистан? Кьибил гьечIеб гъветI букIунаро, кьучI гьечIеб мина букIунаро. Росаби гьечIого тIолабго Россияги, кулал гьечIого Дагъистанги тей буго кIудияб мунагь тIаде боси ва стратегияб такъсир. Гъуруш, доллар ва шагьарал — гьебищ нилъер жакъасеб ва метерисеб бечелъи? Гуро. Гьедин букIинаби ккола мугIрузда ва гьениб гIумру гьабун ругел гIадамазда кьаби щвезаби. Ялъуни дир гьал пикраби гIададиселлъунищ, кьучI гьечIеллъунищ кколел? БукIана заман ТIасияб ва Гъоркьияб Гьаквариб сверухъ тIадбан гIумру унеб 100-гIанасеб кули букIарабги. Дир лъимерлъи ана Асатхва колода. Мадугьалихъ бугеб Чунч колода гIуна машгьурав физиклъун вахъарав ва Жорес Алферовасулгун гьудуллъи ккарав Хандула МухIамадов. Гьениса рахъана гIемерал бахIарзал ва багьадурзаби. Гьел кулабахъ ункъо соналде рахарал лъималаз хьихьулаан гIи-цIцIани ва бачал. Щуго лъагIел бараз куцалаан барти-чу, лъедолаан гьалагал лъаразухъ, хьвадулаан кьурабазул парсазда тIасан рачарал квараздасан. ГамачI рехулаан, чIорбутI речIчIулаан, рагъулаан тIоцебесеб къатIра бидул тIинкIизегIан, амма киданиги гIодулароан ва гIарз бахъун эбел-инсухъе унароан.
Гьезда гьитIинаб къоялдаса нахъе лъалаан гIарзал рахъи, захIмалъи хIехьезе кIунгутIи, магIу тIей бихьинчиясул хасият гуреблъи. Нижер киназулго гуро гIадатиябцин ретIел-хьит букIараб, рокъор-къватIир рукIинчIо рехсезе гIурал бигьалъиялъулал шартIал, гIорцIизегIан кваназе ресги кидаго гуро букIараб. Амма нижехъ букIана «спартанцазулаб» къвакIиги къуркьи гьечIеб вацлъи-гьудуллъиги, кьураб рагIи кквейги. Гьеб макьу гуро, гьеб буго хIакъикъат ва кигIан абизе бокьичIониги беразда цебе, дир кьерилазул гIумруялда цадахъ гьеб унебги буго. Кулал тIагIиналда цадахъго тIагIунеб буго нилъер къадру-къиматалъул хIубиги.
Лъица хвезабулеб бугеб Дагъистаналъул къадру?
Бегьулароан чорок гьаризе РитIухълъи, Намус ва Кьалбал. РацIцIадаллъун хутIизе кколаан нилъер квералги, ракIги, хьулалги. Амма нилъеда кIвечIо гьедин чIезе. Лъица сах гьабилеб лъукъ-лъукъараб Дагъистан? Нилъеда ратулел гьечIо гьединал гIадамал. Жиндирго тIалабазул ургъелазда, нич тIагIун цIогьодулеб бугеб нухмалъиялъ хвезабуна Дагъистаналъул къадру. Гьедин букIиналъ гурищ Дагъистаналъул жавабчилъи дагъистаниязда божилъи гьабичIого тарабги. ГьечIо божилъи, разилъизе ккола хIакъалда. Щиб лъугьараб нилъее, нилъер гьайбатаб Дагъистаналъе? ТIокIал рихьуларищ нилъеда цIиял имам Шамилалги, Къоркъмасовалги, Данияловалги? ХIинкъи лъаларел муридазул наслу жиндирго пикру гьечIел чиновниказдейищ сверараб? Кида ва щай нилъ ккарал цIукIабилъун, кир нилъ ругьунлъарал нахъасан речIчIун гIайибго гьечIев чIвазе? Щиб нилъехъ хутIун бугеб умумузул ирсалдаса? Заман щун гьечIищ лъалхъизе, ургъизе, хIисаб гьабизе? Каспиялъул меседил салиги тун, щиб гьабизе нилъее Турциялъул ганчIил цIурал пляжал? Щиб гьабизе нилъее Мисриялъул пирамидаби, Дагъистаналъул мугIрул гьездаса борхаталги тIадегIаналги ругеб мехалда? Умумузда цебе бугеб налъиги бичIчIун, заман щвечIищ нилъерго тарихалде зиярат гьабизе? ЦIумада районалде щварав цIар рагIарав тохтур-ортопед Ариэль Аренбергица гьадин абуна: «Гьадинал захIматал шартIазда гIумру гьабун рукIиналъухъ, киналгIаги налогалги росичIого, пачалихъалъ гьал гIадамазе кьезе ккола гIарац», — абун.
ВатIанилан ахIула хIинчIалъги
Гьаквариб эхетараб памятник ккола дунялалда тIадго тIоцебесеб. Гьелъ нилъ ахIулел руго цIодорлъиялдеги жавабчилъиялдеги, гурони, 50-100 соналдасан хадусеб гIелалъ жеги пашманаб, «Бесдаллъарал росаби» абураб памятник базе ккезе буго. Нилъеда бичIчIичIони нилъерго къисмат ва цIуничIони миллиял мацIалги, гIадат-гIамалги, тарихги, тIабигIатги, гьелде рачIине рукIиналда щаклъизе бакIги гьечIо. Жакъа нилъер мугIрузда, мугIрузул росабалъ буго нечезе ккараб мискинлъи ва киса-кибего буго хIалтIи гьечIолъиялъул масъала. ГIемерал росабалъе жакъа къоялъги гьечIо машинадул нухал. Россиялъ бащдаб дунял хьезабун буго газалдалъун. Гьелдаго цадахъ кIочон руго Дагъистаналъул мугIрузда ругел росаби, хIатта гьенибе газ бачиналъе риччарал миллиардазул бицана гIемераб. Киб бугеб газ, кир ругел миллиардал? Дида кинго бичIчIизе кIоларо Дагъистана-
лъул мугIрузда ругел рагъулал частазде Россиялъул рикIкIадасел регионаздаса гьанги, рахьдал нигIматалги, пихъ-овощалги раччиялъул магIна. Гьебги кколарищ нилъер къадру цIакъго гIодобе гьабиялъул хIужа? Нилъеца нилъерго къадру гIодобегIан гьаби кколарищ, тIабигIиял шартIаздалъун бечедаб Дагъистан, Москваялдаса бачIунеб гIарцухъ балагьун букIин? Дир хIисабалда, ккола. ЦIакъго квеш ккараб жо буго Россиялъул ва Дагъистаналъул нухмалъулезе мугIруздаса гIемерго цIикIкIун гIодоблъиялда ругел «хинал» кабинетал рокьулел рукIин. Дун божула росабиги кулабиги цIилъиялда, «асфальталъулаб» гIумруги чIалгIун, магIарулал мугIрузде руссине рукIиналда. ГIемераб заман буго гIумру гьабун рикIкIадаб шагьаралда дун вугелдаса. Амма дир рекIелъ кидаго буго Дагъистан. ВатIаналде щола санайил, гьеб буго дир налъи, дир зиярат. Дица щивго чиги ахIуларо хIурият гьабизе ккеялде, рагъ-ракьалде, бокьун гьечIо тIадруссине дол балагьал, киса-кирего тушманзаби ралагьулел сонал. Дица ахIулел руго дагъистаниял камилал, роцIцIарал пикрабазде ва Дагъистан цебетIеялъе квербакъулеб хIалтIуде.
МухIамад ГIабдулхабиров