ТIадеялъул Фазу ГIалиева гьаюралдаса 90 сон кIодо гьабиялъул указалда гъулбасана Сергей Меликовас 26 октябралда.

ГIезегIан тадбирал тIоритIизе руго шагIиралъул ватIаналда - Гиничукьги, Хунзахъ тIалъиялдаги, МахIачхъалаялдаги.

ШагIир гIумруялдаса ятIалъана 2016 соналъул 1 январалда

Гьединго 2022 соналда 90 сон тIубала Хунзахъ районалъул ЛъагIилухъа  шагIир ГIабасил МахIамад гьавуралдасаги.